Сессия

Кадрабазул хиса-басиялги гьарулаго

 

Анлъабилеб ахIиялъул анцIила анлъабилеб сессиялда аслиял суалазул цояблъун букIана «ДРялъул хIукуматалъул лъагIалил хIалтIул хIасилазул хIакъалъулъ» абураб суал.
ХIисабкьеялъул докладгун гьеб суалалда тIасан кIалъазе вахъана хIукуматалъул председателасул ишал тIуралев ГIабдусамад ХIамидов.
Байбихьудаго гьес абуна республикаялда терроризмалде ва экстремизмалде данде гьабулеб хIалтIи лъикI гIуцIун букIиналъ, хIукуматалъе рес щванин Дагъистаналъул социалияб ва экономикияб цебетIеялда тIад гIодоре риччан хIалтIизе. Докладалда баян кьуна киналниги магIишатиял бутIабазда лъагIалида жаниб хIукуматалъ гьарурал хIалтIабазеги. Аслияб куцалда гьес кIварбуссинабуна экономикаялда ва гьединго социалияб гIумруялъулъ республикаялда гьаризе бажарарал пайдаял ишазде. Гъоркьиса республикаялда хIалтIизаризе школал, больницаби ва цогидалги социалиял бакIал кьунилан абуна хIукуматалъул бетIерас. Муниципалиял гIуцIабазда рагьана спорталъул 27 зал, гьаризе бажарана инсанасе хъулухъ гьабиялъул даража жидедалъун борхизабизе хIажатал цогидал тадбиралги. Гьес абухъе, социалияб рахъ цебетIезабиялъе республикаялъул бюджеталдаса харж гьабун буго 72 млрд гъуруш, ялъуни бюджеталъул 67 процент.
Доклад букIана гIатIидаб, киналниги рахъал жанире рачараб.
ХIукуматалъул председателасул хъулухъ тIубалесе депутатаз кьуна суалалги. Гьел рукIана «рагIдукь» бугеб республикаялъул экономикиялда хурхарал, щайгурелъул, жакъа, депутатазул пикруялда рекъон, гьеб бахунеб буго 60 проценталде.
Цогидаб суал букIана республика цебетIеялъул мурадалда гIуцIараб корпорациялъул хIалтIуда хурхараб. Гьелъул фондалда букIана 5 млрд гъуруш. Амма гьелъул пайда бихьулеб гьечIилан абураб магIнаялда кьураб букIана суалги. Докладчияс гьелъиеги цогидал суалазеги мухIканал жавабал кьуна.
ХIисабкьеялъул докладалда тIасан ахиралда кIалъана Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовги. Гьес хIукуматалъул хIалтIулъ ругел цо-цо лъикIал рахъазда цадахъ рихьизаруна гIунгутIабиги. Республикаялда квеш гьечIо экономикиялъул ахIвал-хIал, 9,1 проценталъ цIикIкIана гьоркьохъеб харж. Амма гьелдаго цадахъ налогал ракIариялъулъ, жиндир заманалда хIалтIухъ мухь кьеялъулъ ва сахлъи цIуниялъулъ ругел гIунгутIаби тIагIинариялде кIварбуссинабуна гьес. Республикаялъул школазда щивав I0 цIалдохъанасе меседил медаль щвейги щаклъи бугеблъун рикIкIана председателас. Хасаб кIвар кьуна гьес Дагъистаналъул халкъазул мацIал малъиялъулъ ругел гIунгутIабазде, школазда цIалул тIахьал гIолел гьечIолъиялъул суалазде.
Сессиялда халгьабуна 2017 соналда «Республикаялда инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ вакилас гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ» докладалъулги. Жиндирго кIалъаялда Уммупазил ГIумаровалъ абуна инсанасул ихтиярал цIуниялъулъ республикаялда гIезегIанго гIунгутIаби ругин. Гьелъ лъикIаблъун рикIкIана хIукуматалъул данделъабазда халгьабизе гIумруялъул батIи-батIиял рахъазда хурхарал суалазул.
Депутатаз къабул гьабуна республикаялда инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ вакиласул 20I7 соналда гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ Уммапазил ГIумаровалъул доклад.
Сессиялда хIукму гьабуна Халкъияб Собраниялъул ЖКХялъул подкомитетги къан, гьелъул бакIалда промышлениял ва цIатариялъул суалазул подкомитет гIуцIизе. Гьелъул председательлъун тасдикъ гьавуна НурмухIамад ГIалиев.
«Дагъистан Республикаялъул 2025 соналде щвезегIан экономикияб ва социалияб цебетIеялъул стратегиялда хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ законалъул проект» абураб суалги гьоркьоб лъуна сессиялда. Гьелда тIасан докладгун кIалъазе вахъана республикаялъул хIукуматалъул председателасул заместитель, экономикияб цебетIеялъул министрасул ишал тIуралев Раюдин Юсупов.
Сессиялда халгьабурал суалазда гьоркьоб букIинчIеб республикаялда инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ вакилалъул гIарзаги хIисабалде босун, депутатаз къабул гьабуна Уммупазил ГIумарова хъулухъалдаса гIодой чIеялъул хIакъалъулъ гьелъул гIарза. Щиб гIилла гьелъие ккарабилан абураб депутатазул суалалъе жаваб кьолаго, сессиялда гIахьаллъарав Дагъистан Республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев В. Васильевас абуна гьей тIамизе бокьун бугила хIукуматалъул председателасул заместительлъунги ва гьелдаго цадахъ лъайкьеялъул министрлъунги.
Сессиялде росун рукIарал цогидал суалазда тIасанги къабул гьаруна дандекколел хIукмаби.
Зикрула Илясов