Киб, кида ва щай?

Исана Дунялалда ахIвал-хIал

 

Дунялалда

Тарихалде ана ХХI гIасруялъул иргадулаб сон. Дунялалъул политикияб гIумруялда хIалуцараблъун букIана гьеб. Америкаялъул Цолъарал Штатазул кIигьумерчилъиялъул политикаялда хадур арал Европаялъул пачалихъаз Россиялде данде гьарурал санкциял нахъе рахъичIо. Нилъер пачалихъалъул социалиябгун экономикияб, гIелмиябгун техникияб цебетIеялъе гьелъ квешаб асар гьабичIого хутIулебги гьечIо. Гьебго кIигьумерчилъиялъул политика хIалтIизабулеб буго СШАялъ Сириялда гьабулеб рагъулъги. Кин бугониги, Россиялъул Оборонаялъул министерствоялъул рагъулалгун космосалъулал къуватазул кумекалдалъун, Сириялъул армиялъ террористаздаса улка бацIцIад гьабуна. ЛъикIаб гьечIеб ахIвал-хIал буго югалъулабгун бакъбаккул Азиялдаги. Кореялъул Халкъиябгун Демократияб Республикаялъ, дунялалъул улкабазул ва Цолъарал Миллатазул Генералияб Ассамблеялъул ахIиязул санги гьабичIого, ядернияб яргъил хIалбихьиял гьоркьор къотIизе толел гьечIо. Корея жидеца гIадлуялде бачинин ахIдолев Америкаялъул президент Трампги вуго, гьезие жаваб кьезе гIураб къуват жидер бугин кьварун чIун Северияб Кореялъул президент Ким Чен Ынги вуго. ХIасил щиб ккелебали лъаларо. Рес буго Америкаялъ Кореялде данде къуват хIалтIизабизеги.
ГIагараб Бакъбаккуда, Сириялда кьал лъугIун бахъиналдего сунеб букIараб цIадулъе нарт тIураб гIадаб лъазаби гьабуна Трампица Америкаялъул посольство Тель-Авивалдаса Иерусалималде бахъинабизе бугилан. БичIчIулеб жо, ГIизраилалъул цебегосеб анищ букIана Иерусалим жидерго тахшагьарлъун гьаби, гьезулгун дандбан загьир гьабуна жиндирго хIукму Трампицаги. Гьайгьай, палестинаялъулазе гьеб киданиги къабуллъизе гьечIо. Гьелдалъун хIалуцана Палестинаялдаги ГIизраилалдаги гьор­кьоб ахIвал-хIал. Турциялъул пре­зидент Эрдогъаница, ГIарабазул Улка­базул Лигаялъ Америкаялъул пре­зидентасул лъазабиялде данде къа­бул гьаруна жидерго кIалъаялги хIук­мабиги. Цолъарал Миллатазул Генералияб Ассамблеялда гьеб суал гьоркьоб лъедал, Америкаялъул вакилас, ветоги лъун, Трампил лъазабиялда дандечIараб хIукму къабул гьабизе кIвечIо.
Гьебго Америкаялъул зурмихъе кьурдулеб бугеб Украинаялдаги гIо­добебиччай лъугьунеб гьечIо. Мин­скалъул къотIи-къаялги тIу­ра­заричIого, Донецкалдаги Луганскалдаги кьвагьа-гIанхъиял гьоркьор къотIизе толел гьечIо.

Россиялда

БакътIерхьул улкабаз нилъер улкаялда данде гьарурал санкциязухъ балагьичIого, Россия цебетIолеб бугин абуна президент В. Путиница 14 декабралда букIараб пресс-конференциялда. Гьеб тасдикъ гьабиялъе рехсана цо-цо хIужабиги. 2000 соналда дандеккун, Россиялда гIаммаб жанисеб къайи гьаби (ВВП) цIикIкIун буго 75 проценталъ, промышленнияб къайи гьаби – 70 проценталъ, хIалтIухъ мухь цIикIкIун буго 3,5 нухалъ, пенсиязул къадар – 3,6 нухалъ. 2017 соналда Россиялда бакIарун буго тIощалил 130,5 миллион тонна. ГьедигIанаб къадар хIалухъиналъул Россиялда киданиги бакIарун букIинчIо. ЦIияб соналда ункъо проценталъ харжал цIикIкIине ругиланги абуна президентас. Гьебго заманалда Россиялда гIумруялде рахъинарулел руго чIахIи-чIахIиял, улка экономикияб рахъалъ хадубккунги цебетIезабиялъе кIвар бугел проектал: Керченский заливалдасан Крымалъул бащдаб чIинкIиллъиялде автомашинаби ва поездал хьвадулеб кьо балеб буго; Арктикаялда нартил буругъал лъолел руго, ЧIегIерралъдал тIиналдаса Турциялде ва Европаялъул Балканалда ругел улкабазде лъезе байбихьана газалъул рогIрал.

Дагъистаналда

2017 соналда Дагъистаналда тIобитIана чанго политикиябгун культурияб тадбир. Гьединазул цояблъун ккана Кавказалъул рагъул заманалда бищунго гвангъараб ва хIалуцараб рагъ ккараб АхIулгохIда аскIоб бараб музеялъул комплекс рагьи. Гьединабго кIвар бугеблъун лъугьана МахIачхъалаялда «Россия – дир тарих» абураб интерактивияб музей рагьиги.
Республикаялъул шагьараздаги районаздаги рагьана цIиял ясли-ахал, медицинаялъул пунктал, больницаби, школал. Хас гьабун абизе ккола, гъоркьиса кIвар кьунилан магIарухъе квегIенал ва санагIатал нухал гьариялде.
Сагъри кьодухъан бахъараб Гумбеталъул райцентралде щвезегIан хъил тIуна, ХIебдасан гIатIидги гьабун, хъил тIураб нух щолеб буго ЛъаратIе ва БежтIе нухал рикьулеб Анцухъе, гьединалго хIалтIаби унел руго КIаратIе ва Агъавалире унел нухаздаги. Цо-цо бакIазда, масала, Шамил районалъул росабалъ, жамагIатаз гIарацги бакIарун, жидецаго цIи ва гIатIид гьарулел руго росабалъе ругел нухал. Гьедин къачIан руго Къелере, ГIасаре, ТIаса ва Гъоркъа Бакълъухъе, Гьандихъе, Гьоорире, КъахIире нухал.
Дагьабго бугониги цебетIей ккана росдал магIишаталъул продукция гIезабиялъулъ, промышленносталда. Гъизляралъул электромеханикияб ва «Дагъдизель» заводазе Россиялъул Оборонаялъул министерствоялдаса заказал щвана рагъулаб къайи гьабиялъе.
Гьебго заманалда абизе ккола Дагъистан хутIун бугин Россиялдаго бищун гIодорегIанал харжал ругеб, мискинаб регионлъун.
Политикияб рахъалъул бицани, ункъо сонгун бащдалъ республикаялъе нухмалъи гьабурав Рамазан ГIабдулатIиповги хисун, Москваялдаса витIун вачIана Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуразе Владимир Васильев.
ВачIун лъабабилеб моцI балеб бугониги, рихьулел гьечIо В. Васильевас гьарулел хиса-басиял. Халкъалъул божилъиги буго гьесде. Абухъего: балагьила-бихьила, заманаялъ би-цина.
Пайзула Пайзулаев