Рамзан вачIинчIониги гIураб чIаголъи букIана…

5-6 декабралда МахIачхъалаялда тIобитIана Северияб Кавказалда ругел СМИязул анкьабилеб форум. Щибаб нухалда гьеб цо-цо республикаялда гьабула. Гъоркьисала букIана Грозныялда.

 

ГIадат буго гьенире РФялъул президентас СКФОялда тарав официалияв вакилги республикабазул нухмалъулелги рачIунеб. Гьаб нухалда киназулго кIалдиб букIана гьезда гьоркьоса ЧРялъул нухмалъулев Рамзан Къадиров вачIинчIин абураб хабарги.

Кин батаниги, форум тIобитIана. СКФОялда президентас тарав вакил Александр Матовниковги вукIана.

Форум гIуцIана Матовниковас нухмалъи гьабулеб аппараталъги, ТАССалъги, Северияб Кавказалъул ишазул рахъалъ гIуцIараб министерствоялъги, ДРялъул хIукуматалъги.

 

 

Москваялдаса рачIарал машгьурал журналисталги рукIана. Масала, этносазда гьоркьосеб журналистикаялъул Гильдиялъул президент Маргарита Лянге, ГIагараб Бакъбаккул рахъалдагун Северияб Африкаялда бугеб ВГТРКялъул бюроялъул нухмалъулев Евгений Поддубный, Russia Beyond басмаялъул бетIерав редактор Всеволод Пуля ва цогидал.

 

 

«ХIакъикъаталда» ракIалде ккана гьеб форум гьенир гIахьаллъарал журналистазул бераздалъун бихьизабизе.  

 

 

ХIайваналгун рухIчIаголъабиги, авитоги, коньякги, некIсиял росабиги

 

 

Рамазан Ражабов, «Молодежь Дагестана» газеталъул бетIерав редактор:

 

regnum author 14798056043946726

 

— БитIараб бицани, цо-цо чагIи гъоре рачIун рукIана гьалейин, жалги ругин гьанир абун, рихьизаризе. Гьединал хеккого нахъеги ана гъораса. Амма гIемерисел рукIана унголъунги жидеего пайдаяб информациялда, лъаялда хадур рачIарал.

Гьенир батIи-батIиял мастер-классал рукIана. Гьединлъидал гьениве иналде цеве дун валагьана кинаб дарсдай тIаса бищизе бегьулебани. Пикру ккана Всеволод Пуля абурав журналистасухъ гIенеккизе. «Журналист» журналалда колонкаби хъвала гьес журналистикаялда раккарал цIи-цIиял хаслъабазул хIакъалъулъ.

Гьаб форумалда Пуляца бицана нилъерго сайтазде цIикIкIун чи кин цIазе бегьулебани. Гьелъие гIоло цин Яндексалдагун Гуглалда хъвалила нилъеего бокьараб рагIи, цинги гьелда рекъон бачIунила гъобе азарго батIияб информацияги. Масала, дица хIалбихьана гьениб гьадинаб суал лъезе: «Чем интересуются жители России о дагестанцах?». Гьелда рекъон яндексалъ кьунщинаб информациялда гьоркьоб лъикIаблъун бихьана нижерго газеталъе хIалтIизабизе бегьулеб ункъо темаги.

Масала, россиялъулаз цIикIкIун ралагьулел ругоан Дагъистаналда ругел къанагIатал хIайваназулгун рухIчIаголъабазул хIакъалъулъ баянал; гьединго лъазе бокьулеб батана росабазул хIакъалъулъ, avito сайталда кинаб къайи бича-хисулеб бугебали, Дагъистаналъул коньяк кин батIа бахъилебали.

Гьезда гьоркьоса avito-ялъул тема бугин бищунго интересабин чIана нижер корреспондентал. Масала, гIемер чи махсароде кколев вугила гьенив, гьединго къайи бичун иналъе хъварал кополал баяналги рукIунила. «Воздух мимо» ян батула хъван — босизе ракIалде батичIони, телефоналдасан гIадада кIалъагейилаха; яги машина бичулев чияс хъван батула «по Калинина не ездила» абун, гьединал трафареталги цере чIварал маршруткабазул хIисабалда. ГIезегIан релъи-хъуй гьабичIищха гьанжегIагар киназго рехсолеб букIараб объявлениялъги: рукъ бичун ине къваригIарав цояс хъвалеб буго жидеда мадугьалихъ бугеб азбаралде зама-заманалдасан ХIабиб НурмухIамадовги вачIунила гьоболлъухъ.

ПалхIасил, гIадатиял информациял хеккого басралъула газеталъе, гьале гьадинал темабийин абуни бокьараб мехалда цIализе рокьула гIадамазе.    

Гьеб киналдаго цадахъ форумалда цIи-цIиял лъай-хъваялги ккана, рихьана церего риларал гьалмагъзабиги.

Масала, Северияб Осетиялдаса блогер ватана гъова. 350 азарго чияс подписка гьабураб, кутакалда къадруяб «Осетия-Ньюс» абураб площадка буго гьесул социалиял гьиназда. Хасго рищиязул заманалда батIи-батIиял кандидаталги муниципалитеталги рачIунел руго гьесухъе жидер информация бахъеян. Гьеб ккола гьев гIолохъанчиясул бизнес.

«Это Кавказ» сайталъул бетIерав редакторасулгунги ккана лъикIаб лъай-хъвай.

«Новое дело», «Черновик» ва цогидал газетазул гIарзал рукIана жал форумалде риччачIилан. Регионазул нухмалъулел ракIарараб официалияб тадбиралъул бицунеб батила гьез, амма мастер-классазде рачIине гьукъун букIинчIин кколаха дида.

 

 

Удмуртазул мисал…

 

 

Арсен Юсупов, дарги мацIалда биччалеб «Замана» газеталъул бетIерав редактор:

 

79188083 421284965426807 567374177758085120 n

 

— ГIезегIан батIи-батIияб гьунаралъул журналисталги чанго республикаялдаса вакилзабиги данделъараб, кутакалда къадруяб тадбир лъугьана гьеб форумалъул.

Масала, Маргарита Лянгеца рехсараб хIужаялъ асар гьабуна дие. Этносазда гьоркьосеб журналистикаялъул Гильдиялъул президент ккола гьей.

Исана сентябралда живго жинцаго вухIарав Удмуртиялдаса гIалимчи Альберт Разинил бицана Лянгеца. ГIурус рагIаби гъорлъе риччачIого удмуртазул мацI бацIцIадго цIунизе кколин абураб ахIи букIана гьесул.

«Метер магIарул мацI хвезе батани, хваги дун жакъаго жаниб ракI кьвагьун» илан Расул ХIамзатовасул рагIаби гIурусалъ хъвараб игIланги кодоб ккун, Удмуртиялъул Пачалихъияб Советалъул минаялда цевеги эхетун, цIа гъуна Разиница жиндаго. Гьелдалъун гьесие къваригIун букIана пачалихъалъ жиндир рахьдал мацIалде кIвар буссинабизе.

Хъата-масан ахIун рачIарал цIа свинабулезул хъулухъалъ гьев больницаялде хъамуна. Амма хвалдаса хвасар гьавизе бажаричIо.

Маргарита Лянгеца бицана хIакъикъаталда гьев гIалимчи дагьав ботIролъан унтарав гIадав чи вукIанила. Гьес мацI цIунизе рахъинарулел рукIарал гIечIого, анкьумумузул гIадаб рукIа-рахъиналдеги ахIулел рукIанила: чадиралги чIван, рохьор гIумру гьабизе.

Амма журналистаз, гьебги гьоркьоб биччан, кинабго къватIибе кьунила пачалихъалде гIайибги гьабун: бихьуларищин, пачалихъалъ гIалимчигицин ккезавураб бакIилан. Амма, хIакъикъаталда, хIукуматалъул вакилзаби дагьалъ кватIанила гьеб ишалде кIвар кьезе, рахьдал мацIал цIунизе хадубккун гьез гьарурал тадбиразул гIемерисез сангицин гьабичIила.

Нилъер республикаялдаги рахьдал мацIазул рахъалъ гьединабго хIал бугелъул, дие бокьанаха гьеб мисал.

 

 

«Гьаб бакIхъа цо жо ккея»

 

 

МухIамадбег СалтIинский, журналист:

 

75412196 2646901708701213 3970136604416147456 n

 

— Дун гьеб форумалде тохлъукьего ккарав чи вуго. «Россиялъул тарихалъул» музеялда аскIосан унаго, гьенибе цебе бакIарараб гIаламалда берчIвана. Ругъеждерица абухъе, «гьаб бакIхъа цо жо ккея» абун ккана дида.

КIалтIа эхетун ругоан къватIиса рачIарал хъаравулзаби. Нилъерал рукIаралани, дун жаниве виччачIого тезеги бегьулаан. Амма дол къосун ратилин кканаха дида, цоги чиясул бакIалда дунги виччан.

ПалхIасил, жаниве щведал, буголъиялъулгун ракьул ишазул министрасеги росдал магIишаталъул министрасеги суалалги кьуна дица. Масала, Дербенталда шигIияз бахъизехъин буго горпищекомбинаталъул букIараб ракьул кIиго гектар. Гьениб мажгит базе къваригIун бугилан рагIула гьел, амма цо-цояз бицунеб буго хадуб бичизе рес бугин гьебилан.

Амма гьелъиеги цоги суалалъеги жаваб щвечIо дие. Кинабалиго къоялъ жидер минстерствабазде вачIаян тIаса ккезавуна министраз дун.

Гьединго РФялъул президент Владимир Путиница СКФОялда тарав официалияв вакил Александр Матовниковасда аскIовеги нух щвана дие. Духъа интервью босизе бокьун бугиланги абуна. Жив хIадурав вугин, гьадале, гьадай жиндир кумекчIужуялъухъа жиндир телефоналъул номерги босейила. Амма гьей кумекчIужуялъ абуна жий киеяли кватIулей йигила, форум лъугIун хадуб кьелила номер, яги интернеталдасан балагьейила жидер идара. Цинги дагьалъ чIун гьейги йилана гьениса.

Живго Матовников гIезегIан гIадатияв чи ватана. ГIадамазе пайда кьезе бугони, бокьараб иш гьабизе хIадурав вугин живиланги абуна.

Журналистазе махсараги гьабуна: гьанжесев журналистасда лъазе кколила ковбоясда гIадин кьвагьдезеги, кIвезе кколила гьесул чода гIадин векеризеги.

Чачаназул журналистас гьесда гьикъана Северияб Кавказалъул республикабазда гьоркьор гьадал блок-постал щибизе къваригIарал жалин, нахъеги рахъичIого. Матовниковас жаваб кьуна жинца тIуралел суалал гурила гьел. Амма рукIун гьезул бугеб квал-квалги щибдила законалда нахърилълъарал чагIазе.