«Рокъовго чIоларев» депутатги ХIасанхIусеновазул суалги

28 ноябралда МахIачхъалаялда тIобитIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул 40-абилеб сессия.

Гьенир рорхарал цо-цо суалал гьадинал рукIана.

 

 

Депутатас депутатал «инжит гьари»

 

 

Санкт-Петербургалда бизнес бугев Марат Асланов абулев депутатас гъегъ бана жиндиргун пишацоязде.

ЦIилъи чIвазе, церетIезе къваригIун бугила нилъее, амма гьеб киндила нилъехаъ бажарилеб, гьале гьаб площадалда кидаго цого чагIи цого бакI мерхьунел толел ругони.

 

 

«Нужеда бичIчIулеб гьечIо гьелдалъун кигIан кутакалда нужеца нилъер республика нахъехун гиризабулеб бугебали.

Районазул бутIрул рищулел конкурсалги провинциалиял театразул спектаклязде руссинарун руго. Гьаб площадалда ругел гIадамазул хасаб къокъа буго цереккунго хIадурарал кандидатал районазде тIамулеб. Гьаниса швабра эхеде бачун бачIаниги, гьелъиеги гьаркьал кьола депутатаз», — ин абуна Марат Аслановас.

 

 

1990 абилел соназдаса нахъе бугила гьел чагIаз Дагъистан цо кIудияб гамачIги бан эхебехун гиризабулеб.

«АнцIго чи ватила гьеб къокъаялда. Амма нужеда кIочонеб бугоха нужеца халкъалъул мурадал гурел, цо хасал чагIазул мурадал цIунулел рукIин.

Цо нухалъ комитетаталъул данделъиялде вачIун цо вице-премьер вукIана веццардулев: кутакалда лъикI хIалтIулел ругила жинца кураторлъи гьабулел сахлъи цIуниялъул хъулухъчагIиги, кIуди-кIудиял харжалги щолила тохтурзабазеги, республикаялда беццилеб хIалалда паллиативияб кумекги бугила. Мунгониги божулевищин мун дуцаго бицунеб жоялдаян гьикъана дица гьесда. Валагь, божулин жаваб кьуна гьес.

Гьелдаса лъабго анкь ун хадуб, Владимир Путиние прямой эфиралдасан суал кьедал, бахъана ахIи Дагъистаналда паллиативияб кумек щолебцин рагIуларин халкъалъеян.

Статистика лъикIлъизабиялде руссун руго нилъ.    

Гьединго дица хитIаб гьабулеб буго улкаялъул регионазда рикь-рикьарал гьунаргун лъай цебетIурал гIолилазде: патриоталлъун жидеца жалго рикIкIунелщинал чагIи Дагъистаналде тIадрусса. Дагъистан бокьичIони, улкаги бокьуларо. Цин гьаниб гьабе нужедаса бажарараб», — ян абуна Марат Аслановас.  

 

 

Амма депутат ГIалавудин Мирзабалаевасе рекIее гIечIо гьеб бицараб.

 

 

«ТIокIалъ чIечIого педагогал какулевги вукIуна гьев (Марат Аслановас – ред.). Цо киналалиго учительзабиян абула. Муниципалиял бутIруздеги абула. Бокьа-бокьахъе гьаркьалги кьун рищанин гьелилан. Лъица ва сунца ихтияр кьун бугеб Марат Аслановасе нилъер росабазулги районазулги собраниязул депутатазул хIакъалъулъ гьедин кIалъазе?

Дунги вуго гьевго вищараб бакIалъа вакил (Табасаран мухъ – ред.). Кин щваралали лъачIого, кIиазарго гьаракьги щун, цо-цо гьоркьоб биччан сессиялдеги хьвадун вуго гьанже гьев. Нижеда малъаризеги малъарун, батанщинал гIайибалги гIунтIизарун, сессиялъул кIиабилеб бутIаялдаса нахъе ун ватула, жиндиего бадирчIваял гьарилалде», — ян жаваб кьуна Мирзабалаевас.

Цинги тIаде жубана ахирисеб лъабго сессиялда вукIинчIин Асланов. Жинда рагIухъе, лъимералъе хъулухъ гьабизелъун отпуск босун бугила гьес.

 

 

«Гьабун гьеб лъимералъе хъулухъгун рокъов чIаха, гьанивеги вачIун, площадалда ругел чагIи халкъалъул тушбаби кколин, гьез гьезул мурадал цIунулел гьечIилан малъаризе вачIинчIого. Гьес гурелъул площадалда ругел гIадамазеги депутатазеги къимат кьезе кколеб», — ин кIалъана Мирзабалаев.

Цинги абуна мандатазул комиссия тIамизе кколин ахирисеб лъабго сессия Марат Аслановас гьоркьоб щай биччарабали лъазабизе ва гьес депутатал инжит гьарулел жал рициналъе ахир лъезе.

 

 

Вацал ХIасанхIусеновал чIварал чагIи ралагьунгутIиялъулги бицана 

 

 

Депутат ГIумархIажи ГIалиевас борхана 2016 соналъул 23 августалда Шамил мухъалда чIварав кIиго вац – ХIасанхIусенги Набиги ХIасанхIусеновазул суал.

 

 

«Гьел васал террористалищ гурелищали лъаларо нилъеда. Амма лъазе бокьун бугоха. Гьабгунияб мехалъ цIацIазабизейищ гьеб делоялъул цIех-рех гьабизе кколеб? Фашистазул киналго чукъбигицин Нюрнбергалъул процессалъул хIасилалда цо-кIиго соналда жаниб тамихIалде цIанин», — ан абуна ГIалиевас.

 

 

Гъоркьисала прямой эфиралда РФялъул президент Владимир Путиние «Дагъистан» ГТРКялъул журналистка Елена Еськиналъ кьун букIана гьебго суал. Амма гьелдаса нахъеги хисараб жо ккечIо.

БукIине кколеб куцалда рагьун, гьеб чIвай-хъвеялъул хIакъикъат чIезабичIони, кутакалда республикаялъул тIалъиялъул къимат хвезе рес бугин, гьезда халкъалъул божилъиги букIине гьечIин кIалъана депутат ГIумархIажи ГIалиев.

Гьединлъидалин, тIадежубана депутатас, хадусеб сессиялда гьеб суалалъе чIванкъотIараб жаваб кьезе ккелила гьес ЦIех-рехалъул комитеталъул ДРялда вугев нухмалъулес яги МВДялъул министрас.

 

 

«Инвалид гьавуна дир вацгIаласул»

 

 

Депутат ИсмагIил МухIамадшариповас борхана цIех-рех гьабун бахъинегIан туснахъ гьавун вукIарав жиндир вацгIал Шарип МухIамадшариповасул суал. ЦIех-рехалъул идарабазул вакилзабаз абулеб букIана туснахъалъуб бугеб арматураялда жинцаго бетIерги кьабун, больницаялде ккун вугин гьевилан.

Гьесул вацгIал ИсмагIил МухIамадшариповас бицана

Шарип МухIамадшариповасда тIад уголовный дело гьабуна 30 октябралда. Гьес нухмалъи гьабулеб букIана буголъиялъул рахъалъ Гъизляралъул администрациялда цебе гIуцIараб комитеталъе.

Жанив тIамун вукIана Хасавюрталъул СИЗОялда. МоцIидасан бетIерги бекун реанимациялде ккана. Гьев гьабсагIаталда параличалъ ккун вуго. Медкомиссиялъ чIезабун буго гьединаб хIалалде ккарав гьев туснахъ гьавизе бегьуларилан.

«Дие дирго вац сах гьавизе къваригIун буго Дагъистан тун къватIивеги вачун. Нилъер гьаниб гьелъие санагIалъиги ресги гьечIо. ЦIех-рехчагIаздаса вахчун чIезе кIолеб хIалалдаги гьечIо гьев. Амма гьесие рукъалъул туснахъ бихьизабизе кколин чIун руго гьел», — ин бицана ИсмагIил МухIамадшариповас.

Цинги ракI-ракIалъ гьарана Хизри ШихсагIидовасдаги Артем Здуновасдаги гьеб рахъалъ жиндие кумек гьабеян. Жинца рагIи кьолила гьев чи цIех-рехалдаса лъутизе гьечIолъиялъеги.

 

Токги цогидабги

 

Сессиялда гIемер хабар ккана республикаялда токалъул иш роцIцIинабизе ккеялъулги. Гьелда тIад кIуди-кIудиял харжалги гьарун, токалъул хIубалги, кваралги, гьелда хурхараб цогидабги хисизе бугила. Дагьабниги гьури хьуртIарабго магIарухъги шагьараздаги канлъи ссунеб букIинал гIарзалги рахъана депутатаз.

ПалхIасил, лъебериде гIагарун суал гьоркьоб лъун букIана депутатаз.