40 проценталъ цIикIкIана

БацIцIадго бизнес гьабулезе кумек гьабизе рагIи кьуна

 

23 октябралда ДРялъул бетIер Владимир Васильевас машинабазе хIажатаб цIатаригун нах бичулел предприятияздаса ДРялъул бюджеталде рачIунел налогазул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана.
Гьенир гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов, министерствабазул нухмалъулел, АЗСазул бетIергьаби, рукъа­лъул мебель ва хьитал гьарулел предприятиязул вакилзаби. Данделъиялда «Машинабазул цIатаригун нах бичулел пишабазулъ закониял гурел ишазде дандекъеркьеялъе цадахъаб политика гIуцIиялъул хIакъалъулъ» абураб, АЗСалъул нухмалъулез меморандум (ракIалдещвеялъул къотIи) хъвана ва гьезда гьоркьор сертификатал рикьана.

Данделъи рагьулаго ДРялъул бетIерас бицана АЗСаздаса налогал ракIариялъул иш Россиялъул гьоркьохъеб даражаялде бахиналдаса жеги рикIкIад бугин. «Гьеб рахъалъ нилъ дагьалго церегIан рачIунги руго. Гьарурал тадбиразул хIасилалда, ичIго моцIида жаниб республикаялъул бюджеталде бачIун буго 190,7 миллион гъурущ, 2018 соналда гьедигIанасебго заманалда жаниб – 136,3 миллион гъурущ. Гьеб гIарац ккола АЗСалдаса ракIарарал налогал», — ан.
Дагъистаналъул бетIерас ракIалде­щве­забуна 2017 соналда АЗСал нало­газдаса рахчулел рукIараблъи. «Доб мехалда АЗСаз хIисаб кьолаан сордо-къоялда жаниб цIатариялъул 300 литр гурони бичичIин, къотIиго гьабичIого росарал хIалтIухъабиги рукIана гьенир. Гьанжейин абуни кинабго хисизабуна», — ян бицана Владимир Васильевас.
ДРялъул бетIерас бицана гьенисан ракIарарал налогал кин ва сунда тIад хIалтIизарулел ругелалиги. Лъим бачиналъе биччана миллиардгун 700 миллион гъурущ, ракьал къачIаялъе — 500 миллион гъурущ, нухал къачIаялъул хIалтIаби цIикIкIинаруна, «Земский учитель» программаялда рекъон, росабалъе витIана 50 гIолохъанав учитель, гьединго гIумруялде бахъинабулеб буго кIиго лъагIалида жаниб 334 цIалул идара къачIазе рес щвараб «100 школа» абураб проектги.
«Дагьаб цебе нижеца хIалтIул хIасилалги гьаруна. Федералияб ва республикаялъул бюджеталдаса социалиял объектал раялъе лъабго нухалъ цIикIкIун гIарац биччан буго», — ян абуна Владимир Васильевас.
Регионалъул нухмалъулес данделъиялде рачIарал предпринимателазе баркала загьир гьабуна гьез кьолел налогазухъ ва абуна щивав дагъистаниясул рес бугин республика цебетIеялъулъ гIахьаллъи гьабизе.
«Исана соналъул ичIго моцIида жаниб, нижергун къотIи хъварал АЗСаз, 2018 соналъул гьедигIанасебго заманалда дандеккун, 40 проценталъ цIикIкIун налогал кьуна. 2018 соналда — 2,9 нухалъ цIикIкIана налогал ракIариялъул иш», — ан абуна ДРялъул бетIерас.
2018 сон байбихьаралдаса нахъе республикаялъул заправкабазда хIалтIулезул къадар лъабго нухалъ (562 чиясул бакIалда 1672 чи) цIикIкIанинги бицана В. Васильевас.
«Жакъа гIемерисел АЗСазда лъун руго POS-терминалал, электронияб гIарцул къагIида хIалтIизаби цIикIкIунеб буго, хIалтIуде гIадамал росулелъул къотIи-къаял гьарулел руго», — янги абуна ДРялъул бетIерас.
АЗСалъул нухмалъулезе кьурал сертификатазул хIакъалъулъ бицунаго, Владимир Васильевас лъазабуна, сертификатал кьеялъул магIна кколарин гьез гьабулеб хIалтIуда хадуб халго кквезе гьечIин абураб. Нагагь АЗСалъул хIалтIулъ низамал хвезарулел рукIиналъул хIужаби тIатани, гьезул хIалтIухъ халгьабизеги бугин.
ДРялъул бетIерас бичIчIизабуна жидерго бизнес бацIцIадго гьабизе бокьичIезда хIакъаб рагIи абизе бугеблъи ва абуна республикаялъул нухмалъи хIадураб бугин бизнесчагIазухъе кумекалъулаб квер бегьизеги.