Анкьил хIасилал

В. Васильев: «ГIадада хвезабизе гIарац гьечIо»

 

15 октябралда тIобитIана пачалихъиял ва муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезул данделъи

ДРялъул бетIер Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда бицана федералиял ва республикаялъулал программабазда рекъон, регионалда ралел ругел социалиял ва коммуналиял бакIал раялъе гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ.
ДРялъул экономикаялъул ва бакIалъулаб цебетIеялъул министр ХIажи СултIановас бицана 2019 соналда гIарац биччан бугин социалияб ва коммуналияб 261 бакI баялъе. Гьезда гьоркьоб 75 бакI букIана цебеккунго балеб букIараб ва гIарац гьечIолъиялъ чIезе тараб. 2019 соналда бан лъугIизабизе буго 161 объект.

«2018 соналде дандеккун исана федералияб бюджеталдаса республикаялъе биччан буго 3,5 нухалъ цIикIкIун гIарац. Гьединлъидал ралел бакIалги гьабулеб хIалтIиги букIине ккола кьучIаб ва заманалда гьабулеблъун. ХIалтIи гьабун бажарулареб бакI бугони, гьениб гIададисеб квалквадиги букIине гьечIо. ГIадада гIарац хвезабизе биччазе бегьуларо нилъеца», — ян лъазабуна данделъиялда ДРялъул бетIерас.

Газ

Росабалъегун шагьаразде газ бачиналъул хIакъалъулъги бицана данделъиялда. Масала, промышленносталъул ва энергетикаялъул министрасул ишал тIуразарулев Арслан Арслановас бицухъе, республикаялъул инвестициязулаб программаялда рекъон, 2019 соналда Дагъистаналда 280 миллион гъурщиде хIалтIаби гьаризе руго газ бачинелъун. 13 районалда ва кIиго шагьаралда гIумру гьабун вугев 8700 чиясе рес щвезе буго тIабигIияб газалдаса пайда босизе.
«Жакъа къоялде щвезегIан 19 объекталда хIалтIи гьабиялъе къецал тIоритIун лъугIана ва пачалихъиял къотIабиги хъван хIалтIи гьабизе байбихьана. ХутIараб ункъо бакIалде газ бачиналъул хIалтIаби гьаризе къотIаби гьарун лъугIизе ккола моцIрол ахиралде», — ян бицана министрасул ишал тIуралес.
Гьеб хIалтIи тIубазабулелъул 10 миллион гъурущ тIокI гьабунги бажарана ва гьеб гIарцухъ Нугъай районалъул кIиго росулъе (2100 чи) газ бачине рес щвана.

Нухал

«Дир Дагъистан – дир нухал» абураб проекталъул жамгIияв нухма­лъу­лев МухIамад Рашидовас бицана кIиго моцI бугин гьеб проекталда рекъон жамгIияб халкквей гьабулеб бугелдаса. Программаялда рекъон, муниципалиял гIуцIабазул 179 къватI къачIазе 771 миллион гъурущ биччан буго. Районазда ва шагьаразда къачIалел ругел нухазул халалъи буго 154 километр.
«Нухал къачIаялъул хIалтIи лъикI унеб буго, гьеб жиндир заманалда лъугIизабизеги ккола. Ниж щвана 30 муниципалияб гIуцIиялде, нухазул цо бутIа къачIан рагIалде бахъунеб буго. Дицагоги халгьабула хIажатаб къадаралда хIалтIи гьабун бугищали», — абун бицана МухIамад Рашидовас.
Дагъистаналъул бетIерас абуна гьеб рахъалда хIалтIи ракIбацIцIадго гьабулеб букIин бихьулеб бугин.

Шагьаралда санагIатаб
сверухълъи

2019 соналда федералияб бюджеталдаса Дагъистаналъе жамгIиял ва минабазда аскIор бакIал къачIаялъе биччан буго субсидиялъул миллиард гъурущ. Гьеб гIарац бихьизабун буго минабазул гьумераб рахъ, минабазда сверухъ бакIал, къватIал, гIадамаз нух бахунел бакIал къачIазе ва къватIазда канлъи гьабизе, майданал, хIухьбахъиялъул ахал, ралъдал рагIаллъаби къачIазе. Шагьаралда санагIатаб гIумру гIуцIиялъул программаялда рекъон, 49 муниципалитеталда 145 проект гIумруялде бахъинабулеб буго. Гьел хIалтIаби 2019 соналъул 20 декабралде лъугIизаризеги ракIалда буго.
Данделъиялда борхана республикаялда «Единая Россия» ВППялъул «Городская среда» проект гIумруялде бахъинабиялъул хIакъалъулъ суалги. Гьеб хIалтIизабулеб буго Дагъистаналъул 10 шагьаралда ва 29 муниципалияб районалда. Проекталда рекъон къачIалеб буго 221 бакI.
ДРялъул бетIерас абуна гьел къачIалел куцалда хадуб жам­гIияталъул халкквей букIине ккелинги.
«Масала, гьабулеб буго нух, гьенибин абуни чIван буго гьеб хIалтIи гьабураб гIуцIиялъул хIакъалъулъ хъвараб хъарщи. Гьениб кинабгIаги гъалатI ккун батани, гIадамазе рес буго гьеб хIалтIи гьабулездаса жаваб тIалаб гьабизе. Властьги жамагIатги цадахъ хIалтIиялъ лъикIал хIасилал кьезе руго», — ян бицана Владимир Васильевас.

Росаби церетIезари

Социалиял суалазда гьоркьоб рехсана «Росабазул бакIал церетIезари» абураб подпрограммаялъул тадбиралги. Росдал магIишаталъул ва продовольствиялъул министр Абзагьир ХIусеновас бицана росабалъ 52 объект базе 838,99 миллион гъурущ биччан бугин. Гьезда гьоркьоб ункъо школа, анкьго ФАП, анлъго спортивияб бакI балеб, 11 бакIалде лъим, 23 бакIалде газ бачунеб буго ва цо комплексалъулаб бакIги балеб буго.
Абзагьир ХIусеновас бицана гьел объектазда хIалтIи гьабизе биччан букIараб 838 миллион гъурщил 16 миллион тIокI гьабизе кIванин, къецал тIоритIиялъул хIасилалда.
«Рекьулел ракьал къачIаялъул (мелиорация) рахъалъги нижеца росдал магIишаталъул нигIматал гьарулезулгун хIалтIи гьабуна. Щибаб объекталде уна дунго ва гьеб бакI пайда кьолареблъун батани, нижеца къала», — ян бицана министрас.
Росдал магIишаталъул бицунаго, Владимир Васильевас борхана къватIисел пачалихъазе нигIматал ричиялъул хIакъалъулъ суалги.
«Нилъерго жанисеб рынокалъе зарал кколаредухъ ва хадур багьаби хиралъуларедухъ ричизе ккола къватIисел улкабазде росдал магIишаталъул нигIматал. Нилъеда бичIчIизе ккола дагъистаниязе хIажатаб къадаралда кванил нигIматал рукIине кколеблъиги», — ян абун кIалъана ДРялъул бетIер.
ПатIимат СултIанмухIамадова