Ракълидалъун тIубазеги бегьулаан

 

 

   Украинаялда сверухъ лъугьараб ахIвал-хIал ракълидалъун тIубазабизе кIвечIолъиялъе гIилла ккана гьединаб къагIида БакътIерхьул улкабазе хIажат букIинчIолъи.

   Гьадин лъазабуна Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас РБК телеканалалъе кьураб интервьюялда.

«БакътIерхьул улкабаз гIуцIана жидеего санагIатаб къагIида ва гьез гьединаб хIукмуги хIадур гьабуна цо хасаб «горсвериялда» жаниб. Гьанже нужеца гьикъулеб бугелъул гьеб иш ракълидалъун тIубазе кIолеб букIинчIищин абун, дица абила, нижеца, ай Россиялъ гIемерал соназ гьедин тIубазабизе хIаракат бахъулеб букIанин», — абун бицана Лавровас.