«Неонацистаз къор гъуна Украинаялъе»

 

 

        Донбассалъул гIадамазе кванил нигIматазул, ратIлил, рокъоб-къватIиб къваригIунеб къайи-цIаялъул рахъалъ кумек гьабулел пунктал рагьун руго МахIачхъалаялда, Каспийскиялда, Гъизляралда ва цогидалги шагьараздагун районазда. Гьезие гьеб кинабго бакIарулеб буго гIадатиял гIадамазги, хъулухъчагIазги, политикиял партиязул вакилзабазги, Росгвардиялъулазги, студентазги, бизнесчагIазги. Масала, Ростов, Нижний Новгород областаздегун Крымалде рачIарал ДНРалъул ва ЛНРалъул гIадамазе 50 тонна дарабазулги, лъел шушбузулги, цIикIкIун заманалъ цIунизе бегьулел кванил нигIматазулги битIана «Единая Россия» партиялъул нилъер республикаялда бугеб отделениялъ.

Гьединго Сергей Меликовасул тIадкъаялда рекъон, 400 азарго гъурщил къадаралда гIарцулаб кумекги гьабуна гьезие.

Росгвардиялъулаз ракIарун руго кванил нигIматалги, гIисинал лъималазе кьолеб квенги, расанкIабиги, лъел шушбиги.

       Тохтур хIисабалда, лъукъа-къотIарал сах гьаризе Донбассалде ине хIадур вугин живилан хъван буго Инстаграмалда бугеб жиндирго гьумералда МахIачхъалаялъул №1 больницаялъул бетIерав тохтур, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат ХIажимурад Маллаевасги. Гьесго лъазабуна ЛНРалдаса ва ДНРалдаса гIадамазе нахъбахъичIого кумек гьабизе бугин жидер больницаялъги.

ЦIар-цIарккун рехсечIониги, гIезегIан чагIи руго гьеб регионалда гIумру гьабулел гIадамазе кумек гьабизе бокьарал.

КАМИЯЛ

       КигIан рекIее къабуллъичIониги, Украинаялда тIобитIулеб хасаб опе- рациялъулъ Дагъистаниязе ккарал камиялги руго. Масала, гьал къояз- да гIумруялдаса ратIалъана Шамил районалъул ХIотодаса МухIамад МахIачевги, Гъуниб районалъул СалтIаса ХIажимурад МахIмудовги, гьебго районалъул ЧIохъ-Коммуна росулъа ХIусен Гасимовги.

МахIачевас нухмалъи гьабулеб букIараб къокъа гулбузул цIадукье ккун буго. Ахиралда жиндаго хвали- лаб ругъун щваниги, хIинкъи гьечIеб бакIалдегIанги бачун, МухIамадида кIванин тIубараб къокъа хвалдаса цIунизеян хъвалеб букIана интер- неталда. Гьединлъидал РФялъул президентасул указалдалъун (хун хадув), МахIачев вихьизавуна Би- хьинчилъиялъул орденалъе.

 

МАРАТ

 

      БахIарчилъи бихьизабурал нилъер ракьцоязул кьеразулъ рехсолев вуго Т-72 танкалъул командир, ЧIарада районалдаса Марат Халикъовги.

Телеграмалда Сергей Меликовас хъвалеб буго дандиязул чанго къокъаги тIагIинабун, цIатари лъугIун хутIидал, Маратица хIукму гьабунин дандиязухъе щвечIого букIинелъун танк кьвагьизабизе, цинги захIматго лъукъарав гьалмагъги ваччун, экипаж гулбузул цIадукьа нахъе бачине. ТIадежоялъе, гьев живгоги вукIун вуго лъукъун, агълъизавун. Хадуб «Дагъистан» РГВКялъе Маратица бицана гьев гьалмагъ госпиталалда, реанимациялда вугин.

Телефоналъул бухьеналдасан Сергей Меликов кIалъана Марат Халикъовасухъеги.

 

ИНЕССА

 

    ГIумру гьабизе хIинкъи букIиналъ гIадамал Донбассалдаса гочине лъугьун рукIана жеги анцIгогIан соналъ церего. Масала, Каспийскиялде гочун ячIана Инесса Ермакова. Ясги эбелги ячун гьей 2011 соналдаго го- чун ячIана Дагъистаналде. Инессал эбел ковидалъ унтун хвана кIиго со- налъ цее. Яс, росгун цадахъ, дагьалъ цее Беларусиялде ана.

Инессал эмен ккола Гъуниб районалъул Сугъралъа Мусалав Мусалов. «Южтехмонтаж» гIуцIиялда кадразул отделалъул начальниклъун хIалтIулев вукIана гьев.

Жийго Инесса йикIана Луганскиялда учительницалъун хIалтIулей, цадахъго бачунеб букIана «Жен- щины-труженицы за будущее детей Украины» абураб жамгIияб гIуцIиялъул хIалтIиги. КIудиял хъизамазда гIурал, цIализе лъикIал лъимал «Артекалде» ритIизе ва хадубккунги гьезие кумек гьабулеб букIана гьелъ.

 

Киевалде, ТIадегIанаб Радаялде гIемер щолей йикIана гьей. Доб мехалда (2011 соналда) гьенир гIемер рукIанин цоцазе гьимулел, Георгийил чIологи каранда бан, 9 маялъул Бергьенлъи баркулелги, амма гьелдаса хадуб ахIвал-хIал кутакалда хисанин ракIалде щвезабуна Инессаца:

— Украинаялда гIемерлъизе лъугьана неонацистал. Нижеда кIал гьикъулеб хIисабалда, рачIун Донбассалдегун, рихьизарун жидерго гIаламаталгун (свастика), гьарулаан жидерго маршал.

— Хас гьабун Донбассалдеги рачIун щай гьез гьединал жал гьарулел рукIарал?

 

— Гьезда бихьулеб букIана рищиязде хьвадун, нижеца нижеего къваригIарал, халкъалда ракIунтарал кандидатал рищулел рукIин. Бюллетенал рехизе иргаялда чIарал гIадамал, ургъалилъе ккеялъ инфарктги ккун, хварал хIужабицин рукIана. ГьедигIанги политикияб бичIчIи бугел, жигарал гIадамал руго гьенир. Гьеб киналъего квалквал гьабизе лъугьана неонацистал.

КIиабизе бугони, Донбассалда руго аслияб куцалда гIурус мацI бицунел, гIурус культураялъул рахъ ккурал гIадамал. Гьелъ неонацистазе къваригIун букIана гьениб ахIвалхIал хисизабизе: жидерго пикруялда хадур нижги цIазе, школаздаса, пачалихъиял гIуцIабаздаса гIурус мацI тIагIинабизе. Ахиралда, официалияб куцалда, гьединаб буюрухъги бачIана Киевалдаса. Украинаялъулазул цо рагIицин лъаларел гIадамаз байбихьана гьезул мацI лъазабизе. Хасго тохтурзабазе букIунаан захIмат, унтаразул документал гьезул мацIалда цIезе кколел рукIиналъ.

ГIурус школалги тIуранго украин мацIалде сверизаруна.

    Донбассалъулазе пачалихъияб мацIлъун гIурус мацI тезе бегьуларищин нижеца гьарурал хитIабазулги пайда ккечIо. Нижеего гIадин, Крымалъул, Одессаялъул, Харьковалъул ва жеги чанго областалъул гIадамазеги бокьун букIана пачалихъалъул кIиабилеб мацIлъун гIурус мацI тезе.

Гьединаб политикаялъ жинцаго жиндиего къор гъуна Украинаялъ.

Доб мехалда Донбассалда гIумру гьабулел гIадамазул 48 процент букIана гIурусазул, 52 – украиназул. Амма гьелги тIубанго гIуруслъун рукIана. Масала, гьел кIалъала суржикалда. Украинаялъулазулги гIурусазулги кIиябго жубараб мацI ккола гьеб.

    Донбассалда дица 40 сон бана. Амма гьебгощинаб заманалда мун гIурусай, дун украинай йигин абулеб рагIулароан дида.

   Гьенир гIемер руго кавказалъу- лалги. Доб мехалда Луганскиялдаса МахIачхъалаялде ячIуней йикIана дун. Нижер автобусалда вукIарав Ибрагьим абурав магIарулас бицана 25 соналъ вугин жив Луганскиялда гIумру гьабун. Доба гостиницаги автовокзалги букIана гьесул. Гьеб бизнесги тун, МахIачхъалаялде тIад вуссинеги бокьун букIинчIо гьесие. ГьанжегIагар МахIачхъалаялда, №2 базаралда цо гIадангун кIалъайдал, гьелъ бицана Ибрагьим жиндир гIагарав чи кколин, кьвагьараб жоги щун, гьесул гостиницаялъе заралги ккун бугилан.

Луганскиялдаса гочиналде дун йихьизаюн йикIана Луганск областалъул советалде кандидатлъун. Амма дица инкар гьабуна, кватIичIого Россиялде гочине йи- гинги абун. Мун гIадаллъунищ йигей, гьенисан ТIадегIанаб Радаялде депутатлъунги йищулин, Киевалда рукъги щолин абулеб букIана дида гIемерисез. Дицаги гьединазда абу- лаан Украинаялъул гьоко нахъехун гирулеб бугин. РекIее лъикIаб гуреб асар лъугьунеб букIана.

    ЦIакъ захIмат букIана дояса ятIалъизе. 1985 соналдаса нахъе дунго хIалтIулей йикIараб школаги тана, кIиго секцияги бичана. БитIараб бицани, школалда лъималги дагьлъулел рукIана. Украинаялда кризис лъугьиналъ, гIолохъанал улбуз лъимал гьарулел рукIинчIо, хьихьи- зе кIвеларин хIинкъиялъ. Дун доя хутIараб ахирисеб соналъ нижеда хIалицаго кIвана тIоцебесеб классалде 25 лъимер бакIаризе. Гьединлъидал хадубккун лъималги гIечIого, байбихьул классал къан, учительзаби хIалтIи гьечIого хутIизецин бегьулин абураб хIинкъиги букIана. Дагъистаналде рачIиндал, гьанир ругелщинал гIисинлъималги лъимаде ругелщинал руччабиги рихьуларищин, гIажаиблъи гьабунцин йикIунаан дун.

    ПалхIасил, неонацистазул политика цебехун ине биччачIебани, жакъаги кутакалда лъикIаб ахIвал-хIал букIунаан Украинаялда.

 

   Зульфия ХIажиева