Россиялъул Президентас хитIаб гьабуна

 

 

   Россиялъул президентас ООНалъул Уставалъул №51 статьяялда рекъон, Федералияб Советалъул изнуялдалъун ва гьединго Донецк ва Луганск республикабазулгун нилъер пачалихъалъул гьудуллъиялъул ва цоцазе кумек гьабиялъул хIакъалъулъ гьарун ругел КъотIи-къаялги хIисабалде росун, хIукму гьабуна гьел республикабазда хасаб рагъулаб тадбир тIобитIизе. Гьединлъидал 24 февралалда радал гIужалда нилъее киназего ккана гIадатияб гуреб лъугьа-бахъин. Донбассалда ккараб дандеккунгутIиялъул хIасилалда Россиялъул президент Владимир Путиница лъазабуна рагъулаб операция. Сон-къаси баянлъана ДНРалъул ва ЛНРалъул нухмалъулез гьел республикабазул халкъал Украинаялъул хъамалчагIаз гьарулел рагъулал гьужумаздаса цIунизе кумек гьабеян Россиялъул президентасде ахIи бараблъи.

   Гьелъул аслияб мурад буго ахирисеб микьго соналда жаниб Донецк ва Луганск республикабазда гIумру гьабулел халкъазе Украинаялъул нухмалъулезул ихтияралдалъун кьолеб бугеб гIакъуба къотIизаби ва гьезие ракълилаб гIумру гьабизе рес кьей.

    Гьеб суалалда хурхун Россиялъул президентас ХитIаб гьабуна Россиялъул халкъазде. Гьелда баян гьабулеб буго Украина кверде босарал ва 2014 соналда гьеб хIукуматалъул власть тIаса рехарал Америкаялъул ва Европаялъул политиказ Россиялде данде, ракълилаб куцалда, дипломатиялъул кумекалдалъун бугеб ахIвал-хIал хисизабизе инкарги гьабун, тIадеялдаса тIаде нилъер хIукуматалде гIайибал рехулел ругилан. Украина квердеги босун, Россиялъе хIинкъаби кьезегицин гьел лъугьунел ругилан. ХIакъикъаталдаги, гьединаб лъикIаб гуреб ахIвал-хIал аскIоб бугеб пачалихъ букIаго, нилъее ракълилаб гIумру гьабизе шартIал толел гьечIо. Гьелде тIадеги Украинаялъ щиб гьабунги тIалаб гьабулеб буго ядернияб пачалихълъун жибго букIине. Россиялъул нухмалъулес бичIчIизабуна Украинаялда тIад кверщел гьаби Россиялъул мурад гуреблъи, «цебе чIараб масъала буго гьеб гучаб яргъидалъун хьезабураб, нилъее хIинкъи бугеб улкалъун букIине биччангутIи», — ян загьир гьабуна президентас жиндирго ХитIабалда.

   В. Путиница Украинаялъул рагъухъабазде хитIаб гьабуна гьеб улкаялъул вацлъиялъулаб халкъалдехун Россиялъул кинаб бугониги дагIба-рагIи гьечIин ва гьединлъидал, ярагъги гIодоб лъун, рокъоре тIад руссаян.

   Россиялъул Оборонаялъул министерствоялъ лъазабухъе, гьеб рагъулаб тадбиралъулъ гIахьаллъулез Украинаялъул шагьаразде я гьелъул гIадамазде кинаб бугониги ракеталъулал ва яргъилал цогидал алатаз гьужумал гьарулел гьечIо.

   Россиялъул нухмалъулез гIемераб заманалда хIехьана, санкциязул хIинкъабиги кьун, нилъер пачалихъалъул экономикаялъе ва политикияб даражаялъе Америкаялъ ва Европаялъул хIукуматаз гьарулел нахъегIанал ишал. Щибаб жоялъе букIуна гIорхъи. Гьединлъидал рекIеде рачIине заман щун бугоан нилъер «гьудулзабазе».