Салман Дадаев: «2025 соналде щвезегIан дун гьаниса кивениги ине гьечIо»

Гьал къоязда МахIачхъала шагьаралъул мэр Салман Дадаев дандчIвана республикаялъул ва федералиял СМИязул журналисталгун. Гьелъие гIиллалъун ккана 13 январалда журналистазул махщалилаб къо кIодо гьабулеб букIин.

 

Мэрасулгун журналистазул ракI рагьараб гара-чIвари халатбахъана чанго сагIаталъ. Журналисталго гIадин, гьанже модаялда ругел телеграм-каналал рачунел блогералги рукIана гьенир. Валлагь, гьабни кьезе бегьиларин абун, цониги суалги кьечIого течIо гьениб. Масала, къойилго гIадин интернет рагьанщинав чиясда бихьизе бегьула Салман Дадаев хъулухъалдаса вахъулев вугин, ДРялъул бетIер Сергей Меликовасулгун гьесул гьоркьорлъаби лъикIал рагIуларин абурал хъвай-хъвагIаял. Гьел жинцаги цIалулин бицана Салман Дадаевас. Щаялиго блогеразда жиндаса цIикIкIун лъалеб бихьулила жиндир къисмат.

 

«ЛъикIаб суал буго гьеб. Дир катIариялъги, Дагъистаналъе хасиятаб гуреб гьумералъги, дир культурниял очкабазги нужеде гъаргъар щвезабиларо 2024 соналдаса хадуб. Гьеб соналъул 31 декабралда гурони диргун гьабураб контракт лъугIуларо. Гьеб мехалде щвезегIан дун кивениги ине гьечIо, щибаб къойил гьабизе тIаде босараб хIалтIиги буго планалда. ГIадада гурелъул дун мугь-мугьккун, хIарп-хIарпккун шагьаралъе хIажатаб иш данде гьабулев вукIарав», — илан байбихьана С. Дадаевас.

 

Гьеб заманалда жанир жинцаго данде гьарурал цIиял хIалтIухъабазул хIакъалъулъ бицунаго, «МахIачхъалаялда ругел махщел камилал архитекторалги» рехсана мэрас. Гьелъ гIажаиблъизарурал журналистал цоцахъ балагьана. Гьебги бичIчIун, Дадаевасул пресс-секретарь Зайнаб ГIалимирзаевалъ мухIкан гьабуна Дадаевас архитектураялъул управлениялде росарал цIиял архитекторазул бицунеб бугилан. Цинги кIар-кIарун релъана мэрги журналисталги. Гурони архитектурияб хаслъи гьечIеб шагьарилан кIалзухъ бахъулеб МахIачхъала киназдаго лъалелъулха.

 

Гьеб дандчIваялда жеги мухIканго бицана къойилго тахшагьаралда гIадамазда халлъулел масъалабазул хIакъалъулъги. Бихьулеб букIана Дадаевасда гьел суалал тIокIкIун лъалел рукIин. Амма гьел тIуразе мэрасе квалквалал кколел руго чанго батIияб рахъалъан. Масала, энергетиказул, налогазул инспекциялъул, «Махачкала-водоканалалъул» рахъалдасан. Дадаевасде щвелалде рукIарал мэразул «хIаракаталдалъун» эркенаб ракьгицин хутIун гьечIин, хIатта рищни-къул балел контейнерал лъезецин ракь хутIун батуларинги бицана гьес. Гьединлъидал хасал чагIазул бетIергьанлъиялде руссинарун ратарал шагьаралъул ракьал тIадруссинарулагоги гIемер заман чIвалеб буго мэриялъул.

 

Чанго сагIаталъ халатбахъараб гьеб гара-чIвариялъулъ кIудияб гIахьаллъиги кумекги букIана Салман Дадаевасул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Зайнаб ГIалимирзаевалъулги. Сордо-къоялда жаниб бокьараб суалалъе жаваб кьезе хIадур йикIунин Зайнабилан разилъи загьир гьабуна журналистаз. Къойилго шагьаралда свинабулеб токги, къотIинабулеб лъимги, къотIулел гъутIбиги, хъамалчагIаз кколел ракьалги, цогидабги букIаго, кигIан гIемер гьел суалал рукIинелалиги нужецаго хIисаб гьабеха. МахIачхъалаялъул масъалабазул хIакъалъулъ Зайнаб ГIалимир­заевалда лъалебщинаб жо цо-цо мехалда жиндир заместителаздагицин лъалеб батуларин махсара Дадаевасги гьабуна.

 

Хадуб мэрас Баркалаялъул кагътал рикьана тахшагьаралъул гIумру берцинлъиялъе ва гьеб бигьа гьабиялъе лъагIалица жидергун щулияб бухьеналда рукIарал журналистазе.

 

Зульфия ХIажиева