ДАГЪИСТАН-КАЗАХСТАН: гьоркьорлъаби ва масъалаби

 

 

   Жакъа тIолабго дунялалъ халкколеб буго Казахстаналда кколел лъугьа-бахъиназда хадуб. Лъиданиги ракIалде кколеб букIинчIо, ватIаналъул экономикияб цебетIеялъулги цолъиялъулги мурадалда миллияв цевехъанасда сверухъ гъункараб ва захIмат бокьулеб Казах­станалъул халкъ гьединаб ахIвал-хIалалде ккелин абун. КантIичIо гьелде республикаялъул хасал хъулухъалъул вакилзабицин. Сунцаха цоцалъ базабураб жамгIият? Гьеб суалалъе жаваб жеги батичIо, за­маналдасан тарихчагIазги политологазги кьезе батила гьелъие къи­мат. Амма якъинго лъала гьелъие багьана: халкъ хIабургъинабуна дармил электрониял сурсатаздаги биржабаздаги газалъухъ багьа цIикIкIинабиялъ.

   ДандечIеялъул тадбирал бай­бихьана Жанаозен шагьаралда ва хехго тIиритIана Алма-Атаялде, Актауялде, Актюбеялде ва цоги­дал шагьаразде. Цо-цо шагьаразда ццидахараб халкъалъ байбихьана тукаби ва цогидал бакIал хъамал гьаризеги хIукуматалъул къува­талде данде рахъинеги. Ярагъгун рагъулаб техника бахъиялъул му­радалда гьез гьаруна рагъулал ча­стаздегун аскариязул блокпостазде гьужумалцин. Пачалихъиял низам цIунулел къокъабаз хIаракат гьа­булеб буго гIадлу-низам чIезабизе, амма ахIвал-хIал жеги хIалуцухъе хутIулеб буго.

   Дагъистаналъул ракьалдаса Рос­сиялъулгун гIаммал гIорхъаби ру­геб къватIисеб улкаялъул щуго пачалихъалда гьоркьобе уна Казах­станги. Гьениб гIумру гьабулеб буго лъабкъоазаргоялдаса цIикIкIун дагъистанияс. Гьединлъидал нилъе­ца кидаго халкколаан мадугьалихъ бугеб гьеб вацлъиялъулаб пачалихъалда кколел ишазда хадуб.

  Дун гIемерал соназ хIалтIана Дагъистаналъул Миллияб поли­тикаялъулгун информациялъул ва къватIисел бухьеназул министер­ствоялда. РакIалда буго, Украина­ялда, Казахстаналда ва Ставрополь краялда тIоцере рагьана нилъер республикаялъул вакиллъиялъул идараби. Казахстаналда гьеб ра­гьана 1995 соналъул 24 ноябралда ДРялъул Пачалихъияб Советалъул №240 хIукмуялда рекъон. Дагъиста­налъул вакиллъиялъул тIоцевесев нухмалъулевлъунги тIамуна На­риман ГIалиев. «Россиялъул Фе­дерациялъул субъектазул хал­къазда гьоркьоселги къватIисел экономикаялъул бухьенал рекъонккезариялъул хIакъалъулъ» абу­раб РФялъул законалда рекъон, РФялъул хIукуматалъулгун ва МИДалъулгун дандги бан, РФялъ­ул ДРялъул хIукуматалдаги Казах­станалъул хIукуматалдаги гьоркьоб гьабун букIана дармилгун эконо­микиял, гIелмиялгун техникиял ва маданиял бухьенал гьариялъул хIакъалъулъ къотIи-къай. Гьединго къотIи гьабун букIана Дагъиста­налъулгун гIорхъи цогояб Атыраус областалъулгунги. Гьел къотIи- къаязда рекъон гьабураб дармил хайир 2002 соналда бахана ункънусазарго долларалдаса тIаде. Аслияб къагIидаялда Казахстаналде ричу­лаан гьанал нигIматал, ччугIа, ми­нералияб лъим, сепараторал, боцIул цIоко-тIехь, хIухьлал хьагал ва гь.ц.

  Дагъистаналде Казахстаналда­са рачIунел рукIана эфиралъул на­хал, парфюмерия ва косметика, чIегIермахх, машинаби, рокъоб лъолеб къайи ва гь. ц. 2006 сонал­да Дагъистаналдаса Казахстанал­де битIана СШАялъул 520,4 азарго долларалде къайи ва республикаял­де бачIана – 1305 азарго долларал­де къайи, ай нилъехъе гIемер къайи бачIунел улкабазул сияхIалда Казах­стан букIана лъабабилеб бакIалда (Украинаялдасаги Беларусиялдаса­ги хадуб). Дол соназда жигаралда гIуцIун букIана МахIачхъалаялъул ралъдал порталдасан Казахстаналъ­ул чIегIернарт баччиялъул ишги: 1999 с. — 213 азарго тонна, 2000 с. — 767 азарго тонна, 2001 с. — 2374 азар­го тонна, 2002 с. — 2937 азарго тонна, 2003 с. — 3500 азарго тонна.

  Дагъистаналдаги Казахстаналда­ги гьоркьосел бухьенал камил гьа­риялъул мурадалда Алма-Атаялда рагьун букIана «Каз-Даг» абураб банк, гьелъул филиал хIалтIулеб букIана МахIачхъалаялдаги.

Амма 2014 соналдаса хадуб ахIвал-хIал хисана: 2020 соналда нилъеца Казахстаналъе бичараб къайиялъухъ хайирлъана СШАялъул 8 235 азарго доллар, 2021 сона­лъул ичIго моцIалда жаниб – 8 088 азарго доллар.

Казахстаналъулги Дагъистаналъулги бухьенал церетIезариялъул аслулъун ккола дозул 14 областалда анцIаза-азар дагъистанияс гIумру гьабулеб букIин. Аза-азар чи уна гьениве заманаялъ хIалтIизеги. ГIуцIулаан, халкъазда гьоркьосеб гьудуллъи щулалъиялъул мурадал­да, маданияталъулгун спорталъул цадахъал тадбирал. Жакъаги кве­шаб гIумру гьечIо Казахстаналда ругел нилъер ракьцоязул. Камула­ро масъалабиги. Масала, мацIалъул масъала; гьелъие квербакъана «МацIазул хIакъалъулъ» закон къа­бул гьабиялъ: гьелда рекъон, ка­захазул мацI лъазабуна пачалихъ­ияблъун ва гIурус мацIалъе кьуна миллатазда гьоркьосеб бухьеналъ­ул мацIалъул статус. Гьелдалъун хIалуцана миллатазда гьоркьосеб бухьеналъул ахIвал-хIал. Гьебго заманалда, гIемерал дагъистани­яз цадахъ гIумру гьабулел бакIазда рагьана Дагъистаналъул халкъа­зул культураялъул централ (Гурьев областалъул Атырау шагьаралда, Мангыстау областалъул Актау ша­гьаралда, Алма-Атаялда). Гьениб байбихьана нилъер ракьцоязул лъи­малазда рахьдал мацIал малъизе. ДРялъул вакиллъиялда хIалтIулеб букIана «Диадаг» абураб гуманита­рияб фонд – гьелъ кумек гьабулаан дагъистаниязул ресукъал хъизама­зе, сакъатал лъималазе ва гь.ц.

2003 соналда РФялъул Транс­порталъул министерствоялда хал гьабулеб букIана Астрахань – МахIачхъала – Актау портазда гьор­кьоб паромазул рагьараб бухьен гьабиялда бан ва МахIачхъала – Актау портазда гьоркьосеб маххул нухалъул ва паромазул бухьеназул хIакъалъулъ ДРялъул хIукуматалъ загьир гьабураб пикруялъухъ. Гьел пикрабазги дагьалги камиллъизари­лаан Россиялъулги Казахстаналъул­ги регионазда гьоркьосел бухьенал.

   Амма 2014 соналдаса хадуб ахIвал-хIал квешаб рахъалде хи­сана. Казахстаналъул нухмалъи­ялъе бокьуларого гуро – хисана Дагъистаналъул нухмалъиялъул къватIисеб политика гIуцIиялде бербалагьи. Араб гIасруялъул 90-абилел соназдаса нахъе рихха­на улкаялъул жанисел регионазда гьоркьосел экономикиял бухьенал, цере гIадин, республика-ялъе щолел рукIинчIо оборонаялъул предпри­ятиязе пачалихъиял заказал. Гьеб захIматаб заманалда къватIисел бу­хьенал гIуцIизе хIаракат гьабулаан ДРялъул хIукуматалъул РФялъул ва улка тун къватIирехун ругел ва­киллъабаз. Гьезул жигаралдалъун щолел рукIана республикаялъе ин­вестициялги. Амма гьел вакиллъа­би, Миллияб политикаялъул мини­стерствоялъухъаги рахъун, «кьезе» байбихьана цо министерствоялъухъа цогидаб министерствоялъухъе: ДРялъул Промышленносталъул нухмалъиялъухъе, хадуб – Эконо- микаялъул министерствоялъухъе. ЧанцIулго хисана вакиллъабазул статус, гьелдаго цадахъ СНГялъул улкабазда гьел тIубанго къана. Гье­зин абуни, жамгIияб кьучIалда гIуцIарал ругониги, гьабулеб букIана гIемераб хIалтIи ва квербакъулеб букIана Дагъистаналъул къватIисел улкабазулгун бухьенал гьариялъе­ги доба гIумру гьабулел ракьцоял хIалтIудалъун хьезариялъеги. Нилъеда, дагъистаниязда, бичIчIизе ккола: нилъ хIажат гьечIо, масала, Беларусиялъе, Азербайжаналъе, Ставрополь яги Краснодар краязе. Гьелъул гIаксалда – дол хIажат руго нилъее, щайгурелъул рехсарал ва цогидал бакIазда гIумру гьабун ругел дагъистаниял ватIаналде тIад руссани, гьезие кьезе хIалтIиги жа­нир рукIине рукъ-бакIги гьаниб гьечIо. Гьеб нилъеда бихьана, ма­сала, 1989 соналъул 17-28 июналда ЦIияб Узен шагьаралда Северияб Кавказалдаса гIолохъабаздаги ка­захаздаги гьоркьоб кIудияб кьал­ги ккун, Дагъистаналде лъутун вачIана ункъазаргогIанасев чи. Гьелъие гIиллаги букIана гIолилал кьурдулеб бакIалда нилъераз гIадлу хвезаби. Гьел къабул гьа­ризеги гьезул рукIа-рахъиналъе квербакъизеги бигьаяб масъала гуро доб мехалъ Дагъистаналъе букIараб.

   Гьединлъидал дида ракIалде ккола, жакъаго байбихьизе кко­лин мадугьалихъ ругел пачалихъ­азулгун (гьезда гьоркьоб Казах­станалъулгунги) ва регионазулгун лъикIал бухьенал гьариялда тIад хIалтIизе. Гьеб мехалда республи­ка тун къватIир хIалтIулел ругел нилъер ракьцоязе рес щвелаан жи­дерго ватIаналъе бажарараб кумек гьабизеги, Дагъистаналде инве­сторал рачIиналъе квербакъизеги, экономикаялда цадахъго, миллиял бухьеналги щула гьаризе.

   ГьабсагIаталда Дагъистаналъул къватIисеб экономикаялъул рахъалъ гIуцIулеб политикаялда цебечIараб аслияб масъала буго Дагъистаналъул къайи-алатазе­ги хъулухъазеги Россиялъулги тIолабго дунялалъулги базаралда бакI бати, республикаялъул эко­номикаялде къватIисел инвести­циял рачIинари, Дагъистаналъул нигIматал ричизе дармил бухье­нал гIатIид гьари. Гьеб масъала тIубазабиялъе кIудияб квербакъи букIинаан улкаялъул регионаздаги мадугьалихъ ругел пачалихъаздаги Дагъистаналъул вакиллъаби рагьи­ялъул. Гьеб рахъалъ нилъее кIудияб пайда щвелаан Казахстаналъул­гун бухьенал щула гьариялъулги. РакIалде ккола кватIичIого гьениб ахIвал-хIал рукIалиде бачIинин ва нилъер республикабазда гьоркьор бухьеналги щулалъилин.

 

Зикрула ИЛЬЯСОВ