Нухалги, школалги, Гъамсукь росуги

 

      28 апрелалда ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовас жавабал кьуна дагъистаниязул суалазе. Лъабго сагIаталъ халат бахъараб эфиралдасан бицана къойилго гIадамазда дандчIвалел аслиял масъалабазул хIакъалъулъ.

      Байбихьуда С. Меликовас бицана церегIанго къоязда Юждагъалде гьабураб сапаралъул хIакъалъулъ. Гьес абуна гьеб сапаралъул хIасилалда жинда гIезегIан лъикI бичIчIанила республикаялда лъугьабахъунелъул хIакъикъат. Гьединлъидал республикаялъул нухмалъулесда ракIалда буго цогидал бакIаздеги щвезе. Масала, хадусеб сапар северияб рахъалде гьабизе бугин бицана гьес.

       Цинги байбихьана суалал кьезе. МахIачхъалаялъул Семендер посёлокалда гIумру гьабулей гIаданалъ борхана гьениб ясли-ахал гIолел гьечIолъиялъул хIакъалъулъ суал.

       Киназего гIезе ккани, республикаялда жеги кIинусгоялде гIагарун ясли-ах базе кколин жаваб кьуна Меликовас. Исана хIалтIизе би­ ччазе буго 61 ясли-ах. Амма ракь гьечIолъиялъги рачIого хутIулел руго гьел. Цо-цо чагIаз 15-20 соналъ церего росун рукIарал участкаби толел ругила багьа борхизегIанинги абуна Меликовас.

      Хадуб гьес тахшагьаралъул мэр Салман Дадаевасе тIадкъай кьуна гьей гIаданалъул суал тIубайилан абун.

       Ясли-ахал разего гIадин ракьал гIолел гьечIо лъимал гIемерал хъизамазе кьезеги. Гьединлъидал жидеего бокьараб бакIалда гьеб босизе хъизамазе гIарац биччалеб къагIидаги гьоркьоб лъезе буго кватIичIого тIобитIизе бугеб хIукуматалъул данделъиялда.

     Гьединаб кIудияб хъизан буго дагьалъ цее Каспийскиялдаса Крымалде гочарай Хьаргаби районалдаса Лейла ХIамзатовалъул. Жиндирго цо ясалде тIаде хьихьизе жеги щуго ясги ячана гьелъ.

       Лейлаца Меликовасда гьарана жинца гIадин лъимал хьихьизе рачарал хъизамазе кумекалъе гIуцIараб «Клуб приемных родителей» абураб проекталъе кумек гьабеян.

     Сергей Меликовасул рагIабазда рекъон, жакъа Дагъистаналда буго хъизамазда хьихьизе бачараб ункъазаргоялде гIагарун лъимер. Лъималазул рукъзабахъ ва цогидалъуб буго гьединаб 116 лъимер. Доб ункъазаргоялде гIагарун лъимералъул 3781 лъимералъе пачалихъалъул рахъалдасан кумекги щолеб буго.

      Хадуб студиялде телефоналдасан кIалъан вачIарав КIикIуниса чияс бицана жидер росдал консервазул заводалъул иш къаялде ккун букIиналъул. Кредитал рецIизе бажаричIолъиялъ лъугьараб кIудияб налъи рагIула гьелда хадуб. Гьеб мехалда 40 гектаралда ругел ахаздаса бачIараб пихъ жидеца кибедай кьелаян ургъел чIван вуго гьев.

       Республикаялъул брендлъун лъугьараб кIикIундерил завод къазе биччазе бегьуларин абуна Сергей Меликовас. Гьединлъидал гьеб цIунун хутIиялъе хIалтIи гьабулеб бугила хIукуматалъ.

       Студиялда вукIарав Бабаюрт районалдаса гIолохъанчияс Сергей Меликовасда гьарана Львовское росулъ цIияб школа байиланги.

      179 лъимер цIалулеб 1958 соналдаго бараб школа тIатIала ккеялда хIинкъи бугеб хIалалда буго. Росдал гIадамал гьелъул хIакъалъулъ бицун кире хъвадараниги, щибго хIасилги ккун гьечIо гьанжелъизегIан.

     Сергей Меликовас абуна Львовскиялъе гуребги, Дагъистаналъего хасиятаб суал бугила гьеб. Гьединал школал кутакалда гIемерал ру- гин нилъер. Масала, кIинусгоялде гIагарун школа буго биххун иналда хIинкъи бугеб хIалалда.

    Гьесул рагIабазда рекъон, лъабго сменаялда хIалтIулел школалги руго. Амма гьезул цо-цоязда шартIалниги чIезарун руго.

     Меликовас бицухъе, Госэкспертизаялде кьун буго Львовскиялъул школалда хурхун проекталъулгун сметаялъул документация. Гьениса жаваб бачIарабго, исанаго байбихьизе буго школа базеги.

    Сергей Меликовасе асар гьабун бугоан кинабго жоги хIисабалде босун, Сулейман-СтIал районалдаса меценат Марат Шайдаевас 200 млн гъурщиде бараб школалъ.

    Гьелда данде ккуна гьес чиновниказ ралел школал. Масала, 250 млн гъурщиде гьез ралила некIого церего рукIарал тIалабазда данде кколел школал, гьебги батанщинаб валарахасги гьабун, жиндир заманалда лъугIизеги гьаричIого.

     Гьединаб ясли-ах Меликовасда МухIарамкент районалда бихьун буго. Гьеб бан буго лъималазе рилълъанхъизе нухалцин гьаричIого. Гьелъие гIиллалъунги рехсолеб буго гьеб проекталда бихьизабун букIинчIолъи. Гьезул бакIалда лифт рагIула гьениб. Амма кIиго гурони тIалаго гьечIеб гьениб хIалтIизецин хIалтIулареб лифтги рагIула гьабун. ТIадежоялъе, мекъи отоплени- еги гьабун, бараб къоялдаса нахъе хинлъизабизе бажаричIин гьеб яс- ли-ахилан бицана Меликовас. Гьединлъидал кIиго соналъ цебе бан бахъараб гьеб кватIичIого биххизе рес бугила.

       «Шаг в будущее» форумалда бергьарай цIалдохъан ГIайшат Ачилаевалъ Сергей Меликовасда гьикъана гьунар бугел гIолилазе кумек гьабизе бугищилан.

     Бугилан жавабги кьун, республикаялъул бетIерас абуна чIухIизе жо гIемер бугила нилъер, амма ахираб заманалда нилъ батIияб нухалъ унел ругила.

      «Кинабго жо квеш бугилан ре­кIекълъизе, кверал гIодоре риччан чIезе бегьуларо. Дагъистан берцинаб тIабигIаталдалъун гуребги, гьунар бугел гIадамаздалъунги бечедаб буго», — ян абуна Меликовас.

       МахIачхъалаялдаса Марина Караевалъ борхана рощногохIазул суал. Талги поселокалда гIагарлъухъ ссунареб кIкIуйдулъ тIупун букIуна шагьаралдаса бакIарараб рищни-къул.

       Меликовас бицана кьищни пачалихъияб реестралде росарал полигоназде гурони базе бегьуларила, гьелъул схемаялде росизе кканиги, республикаялдасан хитIаб гьабизе ккола: «Амма гьечIо республикаялда гьединаб схема. ГьанжелъагIан оператораз жидеего бокьараб куцалда рахъулел рукIана гьел схемаби, гIадамазухъа бакIарулеб гIарацги букIана.

       Талгиялда бугеб рощногохIалда хурхун жеги щибго гьабизе кIоларо. Гьеб жеги гьединго букIине буго. Гьединлъидал Талги поселокалъул чагIаздаса тIаса лъугьаян гьарула дица. Дицаги цадахъ хIалтIулезги халккун буго гьеб суалалда хадуб. КватIичIого нижеца семинар тIобитIизе буго. Яги оператор валагьизе конкурс лъазабизе ккола, яги гьеб иш тIадкъалеб гIуцIи букIине къваригIун буго республикаялда. Дир хIисабалда, гьеб кIиабилебго лъикI. Гурони, щвараб гIарацги босун, бащдаб лъагIалидасан лъутун унел операторал данде кколаро».

      Хадуб бачIана МахIачхъалаялдагун Каспийскиялда гьекъолеб лъел хIакъалъулъ суал.

    Гьеб лъим кьолеб чIванкъотIараб схемаги гьечIин абуна Сергей Меликовас:

      «Гьеб гьечIолъиялъ бокьарас бокьаралъуса бачунебги хIалтIиза­ булебги буго гьеб — лъалъадизеги, черезеги, гьекъезеги. Жиндир заманалда КОРги бан букIана гьекъезе лъим чIезабизе гуреб, лъалъадизе абун. Амма гьенибе жанибе кколеб буго цIадал лъимги, канализацияги, цогидаб чороклъиги».

       Хадуб С. Меликовасе кьуна Сулейман-СтIал районалдаса инвалидасул суал. Судалъул хIукму бугониги, Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ гьесие дару кьолеб гьечIо. Чиновниказул хадур рехъер- хъиялдаса тIаса лъугьинги гьарун, республикаялъул нухмалъулес Сахлъи цIуниялъул министерствоялда тIадкъана 30 апрелалде щвелалде гьеб суал тIубазе.

      Тарки росулъа гIолохъанчияс Меликовасда гьикъана руссине бакI гьечIолъиялъ жидер васал квешаб гIамалалде ругьунлъулел ругила. Гьединлъидал спортияб майдан баларищин росулъ.

      Сергей Меликовас жаваб кьуна жидеца гIемер хIалтIи гьабулеб бугила республикаялда футбол цебетIезабиялъе. Росабалъ, шагьаразда футболалъул майданал разе ругила. Гьесул эменги гIолохъанлъуда «Динамо-Махачкала» командаялда футбол хIалев вукIун вуго.

     Россиялдаса рачIарал туристазги гид Гьонодаса МуртазагIалицаги республикаялъул бетIерасда гьарана чIунтараб Гъамсукь росу наслабазе цIунизелъун ЮНЕСКОялъул памятниказул сияхIалде босизе квербакъеян.

     «Дицани босилароан гьеб сияхIалде. Щайгурелъул гьедин гьабуни, бакIалъул бюджеталдасан гIарац биччазе бажаруларо гьелъие. Кида кьуниги ЮНЕСКОялъ кьезегIан чIезе ккола. Гьединлъидал, рачIа, нилъеца гьеб Гъамсукь росу нилъерго къайимлъиялда тезе», — ян абуна Сергей Меликовас.

      Гьесул рагIабазда рекъон, пандемиялъе гIоло гуро Россиялдаса туристазда гьоркьоб Дагъистан машгьурлъараб, гьелде щвезегIанги рачIунаан гьел нилъехъе.

     «Амма туризмалъе шартIал (индустрия) гьечIо гьанир. Туристал унел бакIазда нухал руго жагъаллъарал, хIинкъарал, ччукIун рачIунеб хIалалда. ГьечIо гостиницаби, туристал ралагьизе чIолел майданал. Персоналги гьечIо гьелъие хIадурараб, хасаб лъай щвараб (гидал, туроператорал).

    ГьечIониги, гIадамал ракI разиял, гьалбал рокьулел рукIиналъ руго нилъехъе туристалги рачIунел. ГьанжегIагар гьез соцсетазда хъван бугоан магIарухъа рачIунел жал хIалицаго автобусалдаса къватIиреги рахъинарун, чIорого кваназарунин Унсоколо районалда. КIалбиччалеб заман букIун буго гьеб. Гьелъ тамашалъизарун туристалги рукIун руго», — ян бицана Меликовас.

    Хасавюрт районалъул ГIабдура­шидотар хъутаналдаса суал букIана 16 километралъ рикIкIад автобусалдаги рекIун цIализе ине кколел лъималазда хурхараб.

     ГIор щвараб мехалда лъим кIанцIиялъги, некIогоялдаса къачIачIого теялъги, гьенир нухал хварал рукIиналъ эбел-инсуда кIолеб гьечIо лъимал автобусалда школалде ри­ тIизе. Щайин абуни чанцIулго нухда къан хутIун букIун буго автобус.

      Сергей Меликовас Ширухан ХIажимурадовасда тIадкъана гьеб росулъеги ун, ахIвал-хIал роцIцIинабизе.

      Гьелдаса хадурги жеги кIвар бугел гIезегIан суалал рорхана гьенир.

 

     Зульфия ХIАЖИЕВА