ГIумруялъул болъаби

Казбек районалъул Дилим росулъа жамгIияв хIаракатчи, рагъул ве­тераназул советалъул член МухIамадрасул Мадаев лъаларев чи Сала­тавиялдаго ватиларо. ГIемерал шапакъатазе мустахIикълъарав гье­сулгун букIараб гара-чIвариялда гьадин бицана гьес:

 

 

— 1941 соналъул 30 декабралда КIудияб ВатIанияб рагъде эмен унеб къоялъ, дун вукIана щуго сон барав вас. Гьеб къоялъ дир инсу­ца, кодовеги вачун, каранде къана дун. Щибго бичIчIулареб лъимер букIиндал, дун хаган валагьун хутIана гьесул кIудияб тIогърохъ. КIудияб хъизамалъул тIалаб-агъаз бугев чи вукIана мунагьал чурад. Гьединавлъун хутIана гьев дир рекIелъги.

Инсул кагъат бачIана Грузи­ялъул Гори шагьаралдаса. Гьенир рагъуе ругьун гьарулел рукIун руго Дагъистаналдаса фронталде ритIизе ругел гIолохъаби. Гьесул полкалда Дилималдаса гIезегIан чиги вукIун вуго. Инвалидлъун лъугьун росулъе вуссарав инсул вацгIалас бицана пашманаб хабар. Цо рагъулъ цадахъго чIван вуго Дилималдаса ичIгояв. Гьезда гьор­кьов вукIун вуго дир эменги.

 

Гьедин бесдаллъана МухIамадрасул, вацал ГIали, МухIамадзагьид, яцал Зулайхат ва Умузагьидат. Щуго лъимадул тIалаб-агъаз тIаде ккедал, колхозал­да хIалтIана къороллъуда хутIарай Мадаевасул лъади Шамалай. ЦIикIкIарав вас ГIалил букIана 17 сон, гьесги хадусезги кIвараб ку­мек гьабулаан эбелалъе.

1954 соналда школа лъугIидал, МухIамадрасул цIализе лъугьа­на Дагъистаналъул росдал магIишаталъул институталъул зоотехни­кияб факультеталде. Гьеб лъугIидал хIалтIизе лъугьана райисполко­малъул росдал магIишаталъул управлениялде кIудияв зоотехник­лъун, хадусел соназда нухмалъи гьабуна «Дилим» совхозалъе.

 

Н. Хрущёвасул заманалда, Сталинил цIаралда бугеб колхозалъул кьучIалда гIуцIана хIалбихьиялъулабгун мисалияб магIишат. Мадаев витIана гьениве, бетIерав зоотехниклъун хIалтIизе. Хадур­ги рукIана хиса-басиял. Хасго ахирал соназда районалда кка­рал гьезул хIакъалъулъги бицана захIматалъул ветеранас.

— Дагьаб цебе лъана ахираб щуго соналда жаниб районалъул гIадамазул доход 75 проценталъ цIикIкIун букIин. Ленинаулалда рагьана участкаялъулаб больница, Алмахъалда — фельдшерлъиялъ­улабгун акушерлъиялъул пункт, Буртунаялда — школалъе мина ба­ялъул хIалтIи рагIалде бахъунеб буго.

 

Рамазан ГIабдулатIипов бетIерлъун вугеб заманалда гъоркь рукIаразде тIаде гIезабуна 15 гек­таралда ах. Районалда рагьана пластикалъул гордал ва нуцIби хIадур гьарулеб цех, бетон гьабу­леб гьитIинабго завод, гIанкIудал гьан хIадур гьабулеб фабрика. Баркала буго районалъул нухмалъуда рукIаразе, гьезул нухмалъи­ялда гъоркь цебетIуна халкъалъул гIумру.

МухIамадрасулил лъади Убай­гьанатил эмен МухIамад Абуязи­дов фронталде ана 1941 соналъул 23 июналда. Вагъана Киевалъул, Харьковалъул, Смоленскиялъул рахъалда. Сталинградалъе гIоло рагъулъ лъабцIул лъукъун вукIиналда бан, рокъове виччан вачIана. Гьев мустахIикълъана лъабабилеб даражаялъул Реццалъул ва тIоцебесеб даражаялъул КIудияб ВатIанияб рагъул орденазе, «Кав­каз цIуниялъе гIоло», Сталингра­далъе гIоло, Георгий Жуковасул ва «КIудияб ВатIанияб рагъул соназда бахIарчияб захIматалъе гIоло» ме­далазе.

 

— Росасда цадахъ гIумру гьабулеб буго 1958 соналдаса нахъе, — ян би­цана гьелъ. – ЛъикIаб тарбия кьун гIезабуна щуго лъимер. Гьезул ки­назулго буго тIадегIанаб лъайги.

КигIанго рекIее къабуллъулареб букIаниги, къисматалъ жиндир­го къуват бихьизабула инсанасул гIумруялъулъ. Студентлъиялъул бищунго аваданаб гIумруялда ву­гев цохIо вукIарав вас нагагьаб ба­лагьалдалъун гIолохъанго хвеялъ­ул бухIи кIиязулго каранда кинго секьулеб гьечIо, гьелдаса гIезегIан заман аниги.

 

Гьединаб бакIаб къварилъиялъул къорикье кканиги, рукъ цIурал лъималазул тIалаб тIаде беганиги, тIатIала квералги лъун чIезе ру­гьунлъарай гIадан гуро Убайгьа­нат. Пенсиялде инегIан хIалтIана районалъул ветеринарияб станци­ялда санитаркалъун.