Машгьурав артистги администрациялъул бетIерги

ЧIарада районалъул Цемериве щведал, дун дандчIвана Гьилиб рос­дал бегавул Абакар Жамалодиновгун. Гьесулгун гьабураб гара-чIвари бахъулеб буго гъоркьехун.

 

 

 

— Абакар, мун ккола ДРялъ­ул халкъияв артист, машгьурав кочIохъан, гIемерал соназ райо­налъул культураялъул отделалъе нухмалъи гьабурав чи. Кин кка­рав росдал бегавуллъун?

 

— Росдаеги росдал жамагIаталъеги дагьабниги пайдаяб хIалтIи гьабизе бокьиялъ. КидаллъизегIанха сце­наялдасан кечI ахIулевги вукIинев, соналги унел ругелъул. Дица нух­малъи гьабулеб администрациял­де гьоркьобе уна Гьилиб, Цемер, Рилъаб, ГьогIаб, КIутIихъ, Доронуб, Къарануб, Лъарабазулъ росаби. Гье­нир гIумру гьабун руго 1900 чи, 680 цIараки. Гьаниб буго гьоркьохъеб школа, 4 байбихьул школа, 8 койка бугеб участкаялъулаб больница, 5 ФАП, 1 СПК, 1 КДЦ, 2 клуб, 4 ясли- ах, бухьеналъул отделение, чанго тукен.

 

 

— Мун бегавуллъун вугелдаса унеб буго щуабилеб сон. Планал­да букIараб щиб хIалтIиха гьабун рагIалде бахъараб?

 

— Гьаризе ракIалда рукIарал гIемерисел хIалтIаби гьаруна. Амма цо-цо дида бачIелги рукIунаха. ГьогIаб росдал клуб букIана чIунтун, гьениб капиталияб ремонт гьабуна. Цемериб клубалъеги ремонт гьабуна. Гьилиб КДЦялъул директорасулги кружоказулги кабинетаздаги ремонт гьабуна. Цемерибе лъим бачана. Гьелъие кумек гьабуна ХIабибулаев Расулица. КIутIихъ басрияб росулъе машинадул нух гьабуна. Доронубе, гIадамазул кулабахъеги хурзабахъе­ги гьединабго нух гьабуна. Лъараба­зулъ росу рагIалда майдан гьабуна.

 

 

— Кинабха бугеб администраци­ялъул бюджет?

 

— Администрациялъул бюджет буго 3 млн 700 азарго гъурущ. Гьелдаса 1 млн 300 азарго гъурущ ккола куль­тураялъе биччараб, 2 млн — управле­ниялъул аппараталъе, 67 азарго — му­ниципалияв хIалтIухъан пенсиялде индал, гьесие щибаб моцIалъ тIаде кьезе бихьизабураб гIарац. Гьанже мунго балагьеха, цогидал хIалтIаби гьаризе хутIаралъухъ.

 

 

— Кин бугеб налогал ракIа- риялъул иш?

 

— Гъоркьиса налогал ракIари 140 проценталъ тIубан букIана (224 азар­го гъурущ), амма исана, коронави­русалъул хIасилги букIинарищха, 80 проценталъ гурони тIубан гьечIо. ЗахIмат буго буголъиялъул налог бакIари. ГIемерисез жидерго мина­би инвалидазда, пенсионеразда тIад хъван руго.

 

 

— Рагъда хваразе рарал памятни­кал ругищ?

 

— Киналго росабалъ руго, Цемери букIараб памятник, росу рагIалда цIияб мажгит балаго, хвезабуна. РакIалда буго ункъо росулъе нух бикьулеб бакIалда («Руккалда») ме­мориалияб комплекс базе. Гьелъие бахъараб проектги буго.

 

 

— Кин бугеб гIолилазулгун гьабу­леб хIалтIи? ЦIиял хъизанал гьа­рурал гIолилал росулъ чIолел ру­гищ? Гьезие хIалтIи бугищ?

 

— Росабалъ хIалтIи щибха букIинеб, рес буго гIи-боцIи хьи­хьизе. Амма гьеб хIалтIи гIолилазе бокьулеб гьечIо. ЦIи гьарурал хъи­заназе мина базе бакI нижеца кьола ракь бугел росабалъ (Рилъаб, Къара­ноб, ГьогIаб), Гьилиб гьеб рахъалъ къанагIалъи буго. ГIадамазул рукIа- рахъин квеш гьечIо. Аслияб куцалда гIи-боцIи хьихьула, гIемерисел хур­зал рехун тана, амма бекьула кар­тошка, хъапустан, гьоло, ражи. Ни­жер гьаниб буго газа-бел, харицелал гьарулеб къебелъиги, Дагъистаналда кибго гьечIеб гIадаб лъел гьобоги.

 

 

— Ругищ росдае кумек гьабулел рес бугел гIадамал?

 

— ГIемер рес бугел чагIиги ни­жехъ гьечIо, амма рехсечIого гIоларо республикаялъул парламенталъул депутат М. Мухтаров. Росдал адми­нистрация, колхозалъул букIараб контораялде бахъинабидал, нижер букIараб мина кьун букIана яс­ли-ахалъе. Гьелъие ремонт гьаби­зе гIарац битIун бачIана Мухтарил МухIамадица. Стомотологияб каби­неталъе хIажатабги бачIана гьесго.

 

 

— «ХIакъикъат» цIалулищ, хъва­лищ? Щиб абизе бокьилеб газета цIалулезда?

 

— МагIарулаз магIарулазул газе­та хъвачIого бегьилищ? «ХIакъи- къатги», «ЧIарадаги», «Ас-саламги» хъвала. Рес гьечIезе букIине 10 газета тIадеги хъван букIана. МагIарулазда абизе бокьила магIаруллъи чорхолъа лъугIизе тогеян, умумузул букIараб гIадатги яхI-намусги цIунеян.