Баркала, тохтурзаби

Грециялъул философ Сократил руго судиясе, мугIалимасе ва тохтура­се БетIергьанас гьунар кьолин цогидаздаса тIокI гьарун абун. Гьединги батила, медицинаялъул хIалтIухъанас кибго цо хасаб, цогидаздаса дагьаб тIокIборчIараб бакI ккола. ГIиллаго гьечIого букIинищха гьел махща­лилазе дагьалго гIатIидал ресалги нухалги кьун ругел, гьел лъидасаго мустахIикъал руго реццбакъалъегун цIаруе. Гьеб нилъеда иргадулаб нухалъги бихьана, исана сон байбихьаралдаса нахъе коронавирусал­де данде лъазабураб рагъулаб фронталъул битIахъегоял гIахьалчагIи-медицинаялъул хIалтIухъабаз бихьизабураб къохIехьеялъулъ. Китаялда баккараб гьелъ тIираби щвезаричIеб бакI дунялалда хутIун батиларо. Нилъеда гьеб бихьана цохIо телевизоринтернеталдасан гуреб, щивасул рагьдерокъобе бачIунги. ХутIун батиларо районалда рокъосел унтичIеб хъизан, кигIанго бокьичIониги, камичIо Аллагьасул къадаралде щва­ралги. Аллагьасул талихIалъ, республикаялъул цоцо шагьаралрайо­назда гIадин, нижехъ гIемер чи хвечIо, бугониги, хвалил кьогIлъигун рухIалил бухIи цоцо хъизамазда хъинтIана.

 

 

Аллагьасул хIукму гьечIеб щиб­го гьечIо, амма БетIергьанасги гIамал гьабейин абун бугелъулха… ГьабичIо гIамал, тIоцебе дица, ха­дуб цогидаз ва нилъеда бихьана лъу­гьа-тараб, сверухълъиялда ккараб. Жакъа бокьун гьечIо бадибчIвай гьабизе унтаразе, гьелъул гIаксалда, кIванагIан кIудияб рецц-бакъ гьа­бизе бокьун буго райбольницаялъул хIалтIухъабазе, бетIерав тохтурасда­са бахъараб гIадатияй санитаркаялде щвезегIан.

 

Къаси-къад балагьичIого, хIалтIана тохтурзабигун медсестраби ва санитаркаби. Дун ячIиналде, боль­ницаялъул хас гьарурал отделени­язда вукIана гIаммаб куцалъ 45-50 чи. Аллагьасе рецц, кислородалъ хIебтIарал гьезда гъорлъ вукIинчIо ва тIубараб моцIалъ гьелде хIажатав унтаравги ккечIо, гьелъул гIаксалда, сахлъун нахъ риччалезул къадар къойидасан къойиде цIикIкIунеб букIана. Амма щиб хIал дун гьение ккелалде цо анцIго-анцIила щуго къоялъги букIарабали бицунеб букIана отделениялъул жанахIалъур щибаб палатаялъул нуцIил кIалтIа эхетарал кислородалъул баллоназ. Баркала АхIяд ХIасбулаевич, Ризван МухIамадович, АхIмад АхIмадович, МухIамад ГIисматулаевич ва Ильяс Юсупович, нужеда аскIор эхетарал медсестраби Узлипат, ПатIиматал (ХIайбулаева, Гъазиева, МухIамадова), Загьра, Мадинатал (Бадрудиновагун Зиявдинова), Сой­бат, Басират, Париза, Оксана, лабо­рантка Саида, санитаркаби ПатIимат, Шагьрузат, ГIайшат, Аминат, ко­ронавирусалъул бищун захIматаб тIоцебесеб кьаби нужеда тIаде кка­рал жакъасел къоязул багьадурзаби, бахIарзал. Кида кIоченел нужеда ру­гьун гьечIел тIадкъарал цIоробераз би баккиледухъ хъасарал нужер мегIерал ва чIегIер гьарурал гьур­мал, анлъгоги, микьгоги, анцIила кIигоги сагIаталъ хисизе, тIаса рахъ­изе рес гьечIел вабаалъул унтабазда­са цIуни мурадалда ретIарал санагIат гьечIел комбинезонал, кIиго-лъабго размералъ кIудиял рукIиналъ рехъ­ерхъулел рукIарал резинадул ка­лошал, «хвасар гьаре ниж», — илан чара бухIун жидеца абулел унтара­зул берал, ракIал гъанцIулеб гьезул чорхол хIал, зигарди, угьди, чIей гьечIого, конвеералда гIадин, жани­регун къватIире раччулелго раччу­лел кислородалъул бакIал баллона­зул дваргъи-хъуй.

 

 

ГIемераб жо хутIила абадиялъго нужер ракIазулъ: кинаб хIинкъигун тIоцебесеб къоялъ тIоцебесеб де­журство гьабизе хас гьарурал от­делениябазде арал, унтаразул чор­хол хIал бихьун, гьезда гурхIиялъ чанги гIолохъанай медсестраялъул букIараб рекIел хIал, гьебго рих­ха-хочиялъ лъавудаса ине дагьалъ хутIарал унтарал, 15-20 къоялъ хиси­зе чи гьечIого цохIо живго хIалтIарав МухIамад, 12-15 сагIаталъ гIодор чIезе щвечIого хIалтIарал АхIмадгун Ризван. Дагьабниги мадар ккарал рихьун, нужер букIараб рохел, унтул хIал бергьаразде тIаде къулун ур­гъалил пикрабалъ рорчIарал сардал, чIей гьечIого унтаразул гIадлуялда рукIарал санитаркаби. Кида гьеб ки­набго кIочонеб?! БукIана щивасул рекIелъ бахчараб хIинкъиги, нижго унтиладай, хъизан-лъималазухъе тIаде руссинадай абураб. Узухъда, гIумру хирияб жо буго, амма нуже­ца цо секундалъги хIал лъазе течIо цадахъ хIалтIулездагун унтаразда ва нужерго смена лъугIидал, хадусеб сменаялъулалгунги хIалтIулаан, гье­зие кумек гьабулаго.

 

Бихьулареб унти гIемер захIматаб букIиналда киналго разилъана, да­руги бахун, катанги къан, нилъеда бихьун сахлъулеб ругъуналдаса. Гьедин ссудулел унтаразул ракIазе ракI батулеб рагIи абизеги, хвалил квачIикь ругезе ясин цIализеги, щивасухъе щвезеги, чанго нухалъ щуцIулги анкьцIулги цого унта­расухъе рекерун, хIажалъи ккани, сагIтаз гьединазда аскIор рахъун чIей — Аллагьас кIодо гьареги нуж, кири- даража цIикIкIинабеги, рахIат-макьу кIочон тун, гьабураб хъулухъалъухъ. Нужеда цо лахIзаталъниги кIочон течIо унтаразда цебе бугеб нужерго борч, дур пиша-хIукмуялда гьесул сахлъи ва гIумру бараб букIин, цебе чIезабулеб букIун батила сахлъун къватIире унезул гьурмаздагун бера­зулъ бугеб рохалилгун талихIалъул кунчIи.

 

 

Хасаб баркала нужее гIужда щва­раб кумекалъ инсанасул гIумру хвасарлъулеблъи рекIелъан ине течIел «кислородалъул удаман» МухIамад ГIисаев, МухIамадзагьид, ХIайбулагь ва Супян, унтаразул ахирисеб божилъи нужеда лъурал фельдшерал Гъазиявдибир, — ва дежурниял тохтурзаби МухIамад МухIамадкеримов, МухIамад ХIабибов. Унтул байбихьуда нужеца лъураб диагнозалъул унтарав хаду­сел тадбиразде хIадур гьавиялъулъ кIвар кIудияб буго сахгьариялъе. Гьелъ бихьизабула нужер махщали­лаб цIубай, гIаданлъиялъул хасия­тал ресси. Коронавирусалда хурхун лъазабураб карантиналъул зама­налда, райбольницаялъул хIалтIул низам дагьабго хисаниги, гьеб ни­зам кидаго гьедин букIана. ХисичIо гьеб карантиналъул заманалдаги участкаялъулай терапевт Мадинат МухIамадовалъегун медсестра Аль­бина МухIамадовалъе, рентгеноло­гал Гъазидибириегун ПатIиматие. КъотIи-чIей гьечIеб букIана гьезул хIалтIи-къойил къогоги лъеберго­ги чи къабул гьавулаан гьез гьуъ­рузул рентген бахъизе рачIаразул, цIикIкIун унтарал ритIула больни­цаялде, дагьал мадар бугезе цоги­далги тохтурзаби-специалисталг ахIун, гьарулаан малъа-хъваял, бичIчIизабула кин-щиб гьабизе кко­лебали.

 

…Цебеккун абухъе, ккана дун­ги, коронавирусалъул къорикье. КIиго анкьалъ гуреб, моцIалъ ха­лалъана дагьабго цIа-кан бахиялда­са байбихьараб дир унтулгун тох­турзаби МухIамад ЯхIяевас, Айкат МухIамадовалъ, реаниматологал АхIядгун Ильясица, медсестраби Узлипатица, лъабайго ПатIиматица, Загьраца, Мадинатица, Хадижати­ца, гьабулеб рагъ. Отделениялда чIезабун букIараб рацIцIалъиялъухъ баркала санитаркаби ПатIиматие, Шагьрузатие, ГIайшатие, Хадижатие.