КIудияб хъизан – талихIаб хъизан

Улкаялда хIурият ккун хадуб гьабураб халкъалъул хъвай-хъвагIаялда рекъон, ЦIунтIа районалда гIумру гьабулеб букIана 80 азаргоялдасаги цIикIкIун чияс. ГьабсагIаталда вуго 25-30 азарго цIунтIасев. Гьелъие гIиллалъунги дида бихьула жакъасел хъизамазда дагьал лъимал гьари.

 

 Советияб заманалда районалда йикIана лъимал гIемерай, ай бахIарчияйлъун рикIкIарай 300 эбел. Гьезул цояй ккола Лъерулъ росулъа ГIайшат МухIамадова. ГьабсагIаталда Гъизляр районалъул Красный Восход абураб росулъ гIумру гьабун йиго гьей. Гьелъги гьелъул рос АхIмадицаги гIезабуна 10 лъи­мер.

 

АхIмад МухIамадов (ЦIакилав) ккола 1938 соналда гьавурав чи. 1944 соналда, ЦIунтIа районалъул роса­базул жамагIатал Чачаналде гочи­нарураб заманалда, гьес бан букIана анлъго сон. 1957 соналда умумузул ракьалде тIад руссана цезал. Амма росабазул бакIалда гьезда гьенир ра­тана чIваднал. ЦIидасан разе ккана росаби.

 

 

АхIмад ана МахIачхъалаялъул зооветеринарияб техникумалда цIализе. Гьебги лъугIизабун, комсомолалъул путевкаялда рекъон, хIалтIана Свердлов областалда, Башкириялда ветеринарияв тохтурлъун. ГIагараб ватIаналде тIад вуссиндал, хIалтIана районалъул ветеринариял хъулухъазда, рохьил магIишаталъул отде­лениялда, росдал советалъул депу­татлъун. 1984 соналда гочана Гъизляр районалъул Красный Восход росулъе. 1985-1990 соназда вукIана Гъизля­ралъул ветстанциялъул ветеринар­лъун. 1993-2013 соназда – токалъул контролерлъун.

АхIмадилги ГIайшатилги буго 10 лъимер: анлъго васги ункъо ясги. ГьабсагIаталда гьел руго ЦIунтIа ва Гъизляр районазда батIи-батIиял хъулухъазда хIалтIулел. Масала, гьезул вас

 

Шамил ккола ЦIунтIа районалъул бетIер. Гьес гьару­лел ишаздаса рази руго ракьцоял. 2019 соналда ВицIиялъги Элбокъ­ги росабалъ рана ФАПазе минаби. Районалъул школазда рана цIиял хIажатханаби. КIилъартIа, Сагьада, Кидеро ва Шаури росабазул школа­зе росана автобусал. Бан бахъина­буна Ицирахъ-Акди росабалъе 78 километралъул халалъи бугеб шагь­ранух. ГьабсагIаталда балеб буго Шаури-Эчеда-Кидеро шагьранух­ги. ХIисабалде босун буго Гениялъ, Мокъокъ ва Сагьада росабазул шко­лазе цIиял минаби разеги. Гьелдаго цадахъ Шамил МухIамадовасул нух­малъиялда гъоркь хIадурлъулел руго ЦIунтIа районалъул 90 сонилаб бай­рам кIодо гьабизеги.