Багьаялда рекъараб къадру букIине гIоло…

1988 соналъ бахъизе байбихьун букIана «Аргументы и факты» абу­раб газета. Байбихьудасаго цIар ана гьелъул. Доб заманалда «АиФ» рикIкIунаан лъикIаб газеталъун. Гьединлъидал нижеца, студентазги, гьеб гъираялда цIалулаан. Дун абуни «Аргументы и факты» газета цо­ниги гьоркьоса биччачIев ва политикияб рахъалъ гьелъул битIахъегояб кумекалдалъун гIуцIарав чи ккола. Унгоги хIасилги къокъго кьолел, кьучIаб баянги щолел макъалаби рукIунаан гьелда. Гьанже интернетал­де гъорлъе ккедал, дица тана «АиФ» цIали ва жибго гьебги гIемерисеб рекламаялъ ккун буго ва цебе гIадин лъикI лъугьунеб гьечIо.

 

 

Сундуе гьаб цеберагIи гьа­ниб букIараб? Чанго соналъ цеве магIарухъе щведал, ЛъаратIа рай­оналъул КIособ росдал годекIанив дида ватана «къвал цIурал» газетал­ги аскIор лъун гьел цIалулев чи. Гьев вуго гIумруялъ газетал цIаларав, гьанжеги гьездехун рокьиги свинчIев херав чи, росдал школалъул мугIалим. Цогидал газетазда цадахъ («Черновик», «Новое дело», «Мо­лодёжь Дагестана») гьесухъ бугоан «ХIакъикъат» газетаги. Дица гьес­да гьикъана: «ХIакъикъат» газетаги цIаланищха дуца?» — ян. Гьес дие жаваб гьабуна, жинца «ХIакъикъат» гIемериселъ гьадинго бегун толила, гьенир жинда дагьал гурони цIализе гIадинал ва ракIалда хутIулел жал ратуларилан.

КигIанго бокьичIониги, гьев хе­расул пикруялда тIад рекъечIого гIоларо. Гьединаб букIана ахираб за­маналда аваразул басма, гьелъул иш букIана багьа бахун къадру гIодобе ккун. Гьелъ кутакалда дагьлъана цIалдолелги, «ХIакъикъат» хъвалел­ги, гьабулеб букIинчIо гьелъул къи­матги.

 

 

Цоги рехсон тела гьелъие нугIлъиялъе мисал. МахIачхъа- лаялъул вокзалалда гIагарда, (В. Эмировасул къватI батилин ккола) буго гIемерал цадахъ, учузго (оп­том) газетал ричулеб бакI. КъотIноб букIуна гьениб гьабулеб даранги. Цо пуланаб къоялъ, циндаго цIадги бан, газетал жанире росун ругоан гьенир. Гьенире ричизе кьурал «ХIакъикъат» газетал абуни, къватIирго тун руго­ан? Гьебги квеш букIун, жанивеги лъугьун, къватIиб пачка газетазул хутIун бугилан абидал, вичарухъа­нас жаваб гьабуна: «Гьелъул кIвар гьечIо, бокьун батани мунго босун а», — йилан.

Гьедин букIана ва гьеб лъи­ениги балъголъилъун кколаро. ЦохIо багьа тIаде бахиналда ва цIалдолел дагьлъиялда банги гуро «ХIакъикъаталъул» къадру хва­раб ва гьеб хъвалелги бокьулелги дагьлъарал. Газет-журналазул ти­раж битIахъего бараб буго гьезул хIажалъиялда. Газетаз информациял кьолеб, гьезие гIоло газета босулеб заман цебего ана. Гьединаб хIажалъи жакъа гIадамазул гьечIо. Информа­циял кьолел каналал ва информа­циялъулал алатал гIемерал руго ва газетаздаса гьел, кIочон тезе заман щведал гурони, цIалулелги гьечIо.

 

 

Гьединлъидал газетазда рукIине ккола анализ гьабурал, хIасилал ри­хьизарурал, цIалдолезул мурадаз­де рекъон кколеб рекIелгъеялъулал ялъуни культуриябгун маданияталъ­улаб гIумру бихьизабулел макъала­би. Гьединаб, киназего пайдаяб ва мухIканал баянал кьураб буго иса­на къватIибе бачIараб лъабабилеб номералда Пайзула Пайзулаевасул «Дагъистан республикалъун лъаза­буралдаса 100 сон» абураб макъала. Щаклъи гьечIо гьеб цIалдолезе къа­буллъун букIиналда. Дицаги гьеб хIисабалда цIалана. Дунгоги тари­халъул лъай щварав чи вукIаниги, гьелдаса дие щвана цIияб баян. Ми­салалъе, лъана Гъизляралъул ракьал Дагъистаналде гьоркьоре жеги 1922 соналъго рачун рукIараллъи. Дида кколаан гьелги араб гIасруялъул ба­щалъиялда журазарунин Дагъиста­налдеян.

Божула тIадехун рехсарав хе­рав цIалдолесги ва гIемерал цо­гидазги гьеб макъала гьоркьоб биччангутIиялда. ЦIакъго лъикI букIинаан гьениб картаги тема­ялда рекъараб, тIаде журарал ра­кьал кьераздалъун рихьизарураб букIарабани. Гьеб мехалда берзулаб ва тексталъулаб информация цадахъ щвелаан цIалдолезухъе.

 

 

Дица абула хъвалеб макъала букIине кколин кIиго даража бу­геб: гъираялда цIалулеб ва цIияб жо жиндаса лъалеб. КIиябго гьеб цадахъ гьечIого букIине бегьула, амма цояб­ниги гьечIони, макъала цIалуларо ва цIалун ракIалда хутIуларо.

Гьанже аваразул басма тIубанго цIилъулебги хисулебги буго ва гьелъ разиги гьаризе руго нилъ. Баккана, цебегоялдаса камун букIараб, «Бахьикъос». Гьелъул цIалдолез цIидасан газета бала­гьизе ва хъвазе букIиналдаги щак­лъиларо. ЛъикIаб хIалтIи буго бацIцIадаб авар мацIалдаса свера­рал хъвай-хъвагIаязда ва гьединго жидералго мацIазда гьурмал гьари­ги. Гьезие батIаго гIорхъичIвайги букIине ккелареб батила, цIакъго гIемерлъулел гьечIони. ГIадамазул гъира букIина жидерго мацIалда жидерго гIумруялъул ва гIадамазул бицинеги цIализеги. Щаклъи гьечIо гьединал гьурмал гIуцIиялъулъ гIадамаз гъираялда гIахьаллъи гьа­бизе букIиналда. ЛъикIаб иш буго редакциялда собкоразул штатал мурадалда рекъон хIалтIизариги. БакIаздаса гIумру бихьизабиялъе гьел бакIазул хIалги гIадамалги лъалел хIалтIухъаби хIажалъула. Гьедин хъварал макъалаби гIемерго мухIканал ва камилал лъугьуна.

 

 

«АиФ» газеталъул биценалдалъун гьаб байбихьиялъул мурад букIана, лъикIаб газеталъул къадру гIодобе кколареблъи ва багьаялда бараб жоги гьениб гIемераб букIунареблъи бихьизаби. Реклама гIемерлъун, магIна дагьлъун лъугьиндал, милли­онал гIадамаз хъвалебги цIалулебги букIараб «АиФ» гьанже киосказ­да босунгутIиялде ккана. Гьелдаго релълъун, къватIазда бичиялде ва хIалица хъвазабиялде ккун букIараб «ХIакъикъат» цIилъизабиялде тIаделъаразе дица гьарула тавпикъги къуватги.