Истамбул – гIажаибаб шагьар

Дие кIудияб талихIлъун ккана Турциялде сапаралъ ине щвей. МугIалим ва щуго цIалдохъан рекIараб самолет рещтIана Истамбулалъул аэропорталда. Нижеда дандчIвазе вачIун ватана Турциялда гIумру гьабулел магIарулазул цевехъан Шигьабудин Озден.

 

 

Турциялда бараб анцIго къоялда жаниб гьалбаде­рица нижеда рихьизаруна гIемерал тарихиял бакIал. Цо гIажаибаб бакIалъул хIакъалъулъ бокьун буго нужееги бицине.

Истамбул шагьаралда гъоркь буго лъим цIунизе бараб бакI. Гьелда цIар буго Ерабатан. Гьенире лъугьуна ганчIил гьабу­раб 52 болъоги бахун.

 

ХIавузалъул гIеблъи буго 70 метр, халалъи – 140 метр ва гIатIилъи – 9800 квадратияб метр. Гьелда жа­ниб цIунулеб лъел къадар бахуна нусазарго литралде. ХIавузалъул тIох кквезе кIамурабазда гъоркь бахъун чIезабун буго ичIго ме­тралъул борхалъи бугеб 360 колон­на. Щибаб колоннаялда гьоркьоб буго ункъо метргун ункъого сан­тиметр. Кинабниги буго 12 кьер ва щибаб кьералда эхетун буго 28 колонна.

Еробатан бан буго 527-565 со­назда Византиялъул император Юстиниан ТIоцевесес. Гьелъул ас­лияб мурадги букIун буго шагьар лъедалъун хьезаби. Гьаб заманал­де щвезегIан чанцIулго къачIанги букIун буго гьеб. Истамбулалде рогIрахъан лъим бачараб мехалда, Еробатан рехун тун букIун буго. 1453 соналда Истамбул кверде бо­сана гIусманияз. Гьеб заманалда­ги гIемер хIалтIизабулеб букIун гьечIо Еробатан. 1544 соналда Ис­тамбулалде вачIун вуго Голланди­ялдаса сапарчи П. Гиллиус. Гьев щун вуго гьеб гIажаибаб бакIалде ва хадубккун газеталда бахъун буго Еробатаналъул хIакъалъулъ хъвараб макъала. Гьеб бакIалъухъ балагьизе гъирабарал туристал гIемерлъулеблъи бихьидал, Ис­тамбулалъул нухмалъиялъ гьеб къачIан буго ва, тарихияб бакI хIисабалда, гьанже гьеб бихьиза­була Турциялде щварал туристаз­да.

 

Жакъасеб Еробатаналда нижеда ратана гIемерал туристалги. Гье­нирго ругоан суратал рахъулел ва батIи-батIиял сувенирал ричулел туркалги. Нагагь Турциялде щва­ни, нужги а Еробатаналде – цIакъ гIажаибаб бакI буго гьеб!