Кьурда тIадги рижула гъутIби

Къогоялдаса цIикIкIун соналъ цебе Мокъокъ росдал рагIалдаса, къогогIан метралъул манзилалда къедги биххун, хвезабуна Кимялъ ва Лъерухъ росабазул советазул 15 росулъе ва гьездаго гьоркьоб Шаури росдал советалъул Цебари росулъеги унеб шагьранух.

 

КIигоялдасаги цIикIкIун моцI ана дагIба-къецалда, нухазул отделалъ базе кколин росдал совет, бакIалъул советалъ базе кколин нухазул магIишаталъул хIакимзаби.

Гьеб заманалда 16 росдал гIадамаз, райцентралде яги шагьаразде ине ккани, бегизе кколаан кIиго мегIер: Цицимахъ ва Элбокъ.

Цебари-Шапихъ нух доб заманалда рагьун букIинчIо. Риидал шагьаралде щварав дун ваккана нухазул идараялде.

 

Нухазул хIакъалъулъ хабар ккедал, гьелъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадица абуна жиндир масъала бугила Шаури-Эчеда, ЧIалда-Къорода, Цебари-Шапихъ нух рагьизе, амма гIарац гьечIолъиялда бан, халат бахъунеб бугин. Мокъокъ росдада аскIоб къедги бакIалъулаб советалъ базе кколин, мокъокъдерица росдада гъоркьан нух бахъизеги биччалеб гьечIин.

Чанго къоялдасан магIарухъе щведал, къед гьабизе гIолохъаби рачун ратана нухазул отделалъ. КIиго батIияб къагIидаялда росдада гъоркьан нух бахъизе проектги гьабун букIана. Цоялда рекъон, нух бахъизе букIана росдада дандбитIун, амма лъабкъого метралъул борхалъуда халатаб кьо лъезе кколаан.

 

Хадусел соназдаги бахъун букIана проект, жакъа-метер хIалтIи байбихьулеб бугилан. Росулъан машинаби рахине кIоларого, кIудияб къварилъи букIуна, хасго цIадал рараб заманалда. ГIадамазул минабазда аскIоса чIахIиял машинаби хьвадараб мехалда гьезие зарал ккола. 2018 соналъул риидал гьаваялъул десанталъул учение унеб мехалда, нус-нус рагъулаб техника хьвадиялъул хIасилалда ккана минабазе жагъаллъи. Росдада гъоркьан нух бахъиялъе бигьалъи гуребги, бакIалъулаб ункъо администрациялъул 26 росулъе унеб нух къокълъула кIиго километралдасаги цIикIкIун манзилалъ. Лъабго соналъ цебеги, лъабабилеб нухалдаги бахъана проект, ахир-къадги кIиго соналъ цебе баккана нух бахъизе байбихьизе бугин абураб хабар. Амма лъица бахъизе бугебали баян гьабичIо.

Ахир-къадги, 2018 соналъул октябрь моцIалда, тендерги бергьун, нух бахъизе байбихьана «МугIрул» абураб кооперативалъ. Цересел соназда гьебго кооперативалъ нух бахъана Цебари, Шапихъ, Цицимахъ магIардаса КIилъартIе. Чанго километралъул нух бахъун букIана Махъалалъ росулъа эхеде, гуржиязул гIорхъодаса ЦIумада районалъул Хушет росулъе –анцIгоялдаса цIикIкIун километралъ.

Гьенив хIалтIулев вукIана, Шаури-Эчеда нух бахъулаго, ВЛКСМалъул ЦКялъул грамота щварав ГIумаров МухIамад. 10-15 градусалъул цIорой букIаниги, декабрь бащалъизегIан нух бахъана.

 

Гъоркьиса ихдал цудунго байбихьана кьуру борлъизе ва радал анлъго тIубаралдаса къаси бецIлъизегIан техникаялъул хъуй камулароан росдада гъоркьан.

Апрель моцIалдаго кьурул чанго метр кьвагьизе хIадурлъун бугониги, гьеб кьвагьизе гIадамал рачIинчIо. Хадубкун баянлъана, кьурул хIалтIаби, ай гьеб кьвагьизаби, проекталда рихьизарун гьечIеблъи. Гьедин 4-5 моцIалъ халалъана, кьуру кьвагьичIого, техника хIалтIизабизе ресги гьечIого.

Нухазул идараялда хIалтIулезда лъазе кколаан, цIунтIадерил согIал мугIрул ругеблъиги ва гьениб кьурдаги гъутIби рижулеблъи.