Щай махIрум гьарулел?

Советияб заманалда почалъул хIалтIухъабаз цо-цо бакIалда поч баччу-
лаан чуязда рекIун яги лъелго ун.Гьел чуялги чIорого кьолаан яги гIарац 
биччалаан чу босизе. 
ДРялъул УФПСалъул нухмалъулев ва Шамилхъалаялъул почалъул на-
чальник хисизегIан (2016 соналъул августалде щвезегIан) нижееги поч 
бикьаралъухъ тIадеги гIарац биччалаан – хIисабалде росулаан нухлул 
манзилги тIабигIиялгун гьава-бакъалъул шартIалги. Гьанжейин абуни, 
штаталъул расписаниялда рекъон, гIицIаб харж гурони щоларо. 
Поч гуребги, 30-40 километралъ рикIкIад ругел бакIазде пенсиялгун 
пособиял росунги уна ниж. Гьелъие гIоло цин райцентралде щола гьеб 
киналдаго хадуб, хадур (нижерго гIарацги хвезабун) уна рикIкIадал ро-
сабалъеги хъутабаздеги. Цо-цо мехалда дагьа-макъаб гIарцул къадарги 
гурелъул нижехъ букIунеб. Гьелъул жавабги кьезе кколелъул. 
Гьединлъидал гьеб суалалъулъ нижер ихтиярал хвезарун ругилан 
хъварал гIарзаби нижеца ритIун рукIана ДРялъул бетIер Владимир Васи-
льевасухъе, прокуратураялде, районалъул судиясухъе. 
Гьединго битIун букIана газеталъул редакторлъун вукIарав ГIали Ка-
маловасухъеги. Амма балагьила, бихьилаян абун гурони, нижер кагътил 
хIасил ккечIо. 
ГьанжегIаги гьеб хIал хисилин абураб хьул буго ва нижер масъала 
тIубазабиялде цIияв редактор ГIумахан ГIумахановас кIвар кьуни бокьи-
лаан.
Нижги Гумбет районалъул почалъул хъулухъалъул хIалтIухъаби: 
ГIазра ГIубайдулаева (ЦIиликь), Равзанат ГIалихIажиева (ЦIунди-
Шабдухъ), Азипат Ахкубегова (Ингиши), Парида МухIамадова 
(ЛъаратIа), Шамсият СултIанмухIамадова (Данухъ).