ДОСААФ – щибаб муниципалитеталда

Араб гIасруялда щибаб районалда букIана ДОСААФалъул отделение.Гьелдаго цадахъ школаздаги ругьун гьарулаан лъимал кьвагьдезе. Цадахъго тIоритIулаан ватIан бокьиялъул мурадалда тадбиралги. Гьел идарабазул кумек букIана армиялда рагъулаб хъулухъ тIубазе гIолилал хIадуриялъеги. Гьанже гьеб кинабго хIалтIуде нуцIа къан буго.
Гьелъие гIилла щибилан абун дица цIехана республикаялъул ДОСААФалъул нухмалъулев Шамил ГIалиевасда. Гьес жаваб кьуна, гьеб хIалтIи районалъул нухма­лъиялда тIадкъан букIанин ва гьезул «хIаракаталъул» хIасилалда жигарчилъиялъе ахирги лъунилан.
Дир пикруялда, ДОСААФалъ доб заманалда гьабулеб букIараб хIалтIул букIана кIудияб кIвар. ЛъикIаб букIинаан муниципалитетазда гьеб иш цIигьабуни. Жидеца гьелъие бажарараб кумек гьабилаанин абулеб буго Ш. ГIалиевасги.