Нилъерго чехь унтичIони…

ГIемер бицунебги хъвалебги буго рахьдал мацI цIунизе ккеялъул, гьаризе кколел тадбиразул хIакъалъулъ. ГьабсагIаталда мацIги маданиятги цIунулеб гъанситолъун хутIун руго «ХIакъикъат» газетаги, миллияб театрги, радиоги. 
 
Гъизилюрт шагьаралъул тIахьазул тукабазда ва киосказда хачI гьарун лъун рукIуна лъицаниги цIализе росуларел магIарул ва цогидал миллатазул мацIазда рахъарал газеталги, журналалги, тIахьалги.
 
КигIан бокьичIониги, рахьдал мацIалда кIалъалезулги газеталгун журналал цIалулезулги къадар дагьлъулеб буго. Гьединабго хIал буго театралде хьвадулезул ра­хъалъги. 
Дица, школалде хьвадизе байбихьаралдаса нахъе, цIалулаан ма­гIарул газетаги, журналги, тIа­хьал­ги. Рагъда хадусел соназ цIа­лун рукIана ЦI. ХIамзатил асаразул кIиябго тIехь, гьесул кучIдул рекIехъеги лъалаан. Нижер Хунзахъ росулъ щибаб рокъоре рачIунаан  «МагIарул большевик», района­лъул «МагIарул колхозчи» газетал. Школалда цIалулеб заманалдаго дир лъай-хъвай ккун букIана ЦIадаса ХIамзатилгунги. Гьелъул хIакъалъулъ хъвараб «КIочонареб дандчIвай» абураб макъала газеталда бахъунги букIана. 
Хадуб, студентлъун вугеб заманалда, лъай-хъвай ккун букIана Заид ХIажиевасулгун. Гьес дие сайгъаталъе тIехьги кьун букIана. 
Институт лъугIун хадуб дир лъай-хъвай ккана ГIаба­сил Ма­хIа­мадилгун, Фазу ГIалие­ва­лъул­гун, ГъазимухIамад Гъал­ба­цIовасулгун. ГIабасил МахIамадица дие сайгъаталъе кьун букIана «ТIаса рища­рал асаразул» тIехь. Дида лъалаан театралъул артистал М. ГIаб­дулхIаликъовги, П. Хизроева­ги, С. Мажидоваги, кочIохъаби – Муи ХIасановаги Даку Асадулаев­ги, ва гьез дилъ гъира базабуна да­гьабги лъикI мацI лъазабизеги адабият цIализеги. 
Дун гьанже пенсиялда вуго, амма тохтурлъун хIалтIулеб заманалда дихъе рачIарал гIемерисел магIарулал дунгун гIурус мацIалда кIалъалаан. Цинги дица гьезда абулаан дун вугин магIарулав, дида магIарул мацIги лъалин, мунги магIарул мацIалда кIалъаян. 
Гъизилюрт шагьаралда гIумру гьабулел гIадамазул 80-85 процент магIарулал ругин абуни, мекъи ккеларо. Гъизилюрт шагьаралъул тIахьазул тукабазда ва киосказда хачI гьабун лъун рукIуна лъицаниги цIализе росуларел магIарул ва цогидал миллатазул мацIазда рахъарал газеталги, журналалги, тIахьалги.
Газеталги рукIине ккола халкъалъул мурадал тIуралеллъун. Гьеб мехалда бигьалъизе буго рахьдал мацI цIунизеги газетал цIалулел гIемерлъизеги. «Нилъерго чехь унтичIони, чияр мугъ унтуларин» абураб аби буго магIарулазул. Нилъеца цIуничIони, нилъер мацI цогидаз цIунуларо.