ГурхIел цIикIкIарай Загьра

Дие бокьун буго цо гIажаибго берцинаб гIамалалъул гIаданалъул хIаazкъалъулъ бицине. 
Хъарпузал ричизе МахIач­хъа­лаялда бугеб «ГIакаро» кафеялда нахъа ругел минабазул азбаралъуе щун йикIана дун. Щибаб къойил дица хал кколаан цо гIаданалда хадуб. Радалги, къалъудаги, маркIачIудаги, гъежда гьитIинал ведрабиги ран, дида аскIоб чIезабун бугеб машинаялда гъоркь лъурал гьитIинал-кIудиял хIарччазда жанибе квенги бан, кутул кваназе ахIулаан гьелъ. 
  Лъабкъоялда анцIилъаги гIум­ру­дул сонал арай гьей жеги хIал­тIулейги йиго. Хъарпуз босизе ячIараб мехалда лъай-хъвай ккун букIана гьелъулгун дир. Жиндир пенсия гьел кутузе квен босун лъугIулилан йикIана гьей. ХIалтIун щвараб гIарац кваниеги унила. Гьелъ кутузе босулеб бугоан рахь, кутузул хасаб квен, хъурараб гьан. 

Цо гIажаибго рекIелъ йосулей, гIамал лъикIай, гIадамал хирияй гIадан йигоан гьей — Хунзахъ районалдаса Загьра ГIалиева. Жиндаго релълъараб гIамалалъул лъималги, лъималазул лъималги ругоан гьелъул. Гьелъ хьихьарал кутузда гъорлъа цо кету унтун букIана, кванараб жойищ рекъечIебали. Гьелда хадуй ракIунтун гIодулей Загьра гIодой йиччазайизе, гьелъул рос Саху уколал гьаризе кетугун цадахъ анкьица хьвадана ветеринарияв тохтурасухъе. Зама-заманалдасан дицаги гьикъулаан гьелда катил хIал кин бугебилан. «Вай, гьакъир, жакъаго-жакъа цо дагьабго лъим гьекъанаха», — ян угьун жаваб кьолаан Загьраца.
КигIан гьелъ хъулухъ гьабуниги, кету хвана. Гьеб мехалда Загьраца тIолеб букIараб магIу цебеса унаро. 
Киналго кутузда лъурал цIаралги рукIана гьелъул. Гьезул цоябгIаги гьоркьоса камуни, тIубараб авал-къоноги сверун ралагьула гьелъ гьел. Рокъореги рачун, чвердезеги гьарулаан. 
Кутузда хадуб гуребги, гIадамазда хадубги букIуна Загьрал ракIунти. Масала, хъарпуз бичулеб мехалда дихъе гIемер щолаан гьей как базе, кваназе жиндихъе йилълъайилан. Дица инкар гьабуни, квенги босун тIаде щолаан. 
Гьадинаб, гIадамасул къимат хвараб, хIатта цо хъизамалъул ча­гIигицин цоцаздаса рикIкIалъараб заманалда гIадамазда гIарцул гурони мацI лъалеб гьечIо. Бечедасда мискинавги, рекIарасда лъелавги вихьуларо, бикъунги бахъунги гIарац гьабулел рукIун гурони. Гьаб хабар бициналъул магIнаги буго нилъер гIадамал цодагьал кантIизари. 
Загьраги Сахуги данделъун 50 сон рагIула. Аллагьас жеги 50 соналъги цадахъ таги гьел инсанасеги рухIчIаголъиялъеги хъулухъ гьабизе. 
Гьезул азбаралда гIумру гьабун ругел Болъихъ, ГIахьвахъ, ЦIумада районалъул гIадамазеги баркала. Гьенире ракIарун руго иманги, яхIги, намусги, исламалъул нухдаса хьвадулел гIадамал.