ЦIа ккеялде рачуна

Ахираб заманалда гIемер­лъулел руго минабахъ цIа­ккея­лъул хIужаби. Аслия­б къа­гIидаялда гьелъие гIиллалъунги ккола, токалъул ва газалъул алатал хIалтIизарулаго, гIадамазул кIвар гьечIолъи.

Нагагьлъун ро­къоб жаниб газалъул махI чIва­леб бугони, нилъеда киназдаго лъазе ккола чирахъ бакизе бегьулареблъи, нагагь бакун бугони, свинабизеги бегьулареблъи. Хех гьабун къазе ккола газ трубабахъе бачIине хIалтIизабулеб кран, рагьизе ккола гордал-нуцI­би. Гьединал хIужаби ккани, ай нужеда газалъул махI чIва­леб бугони, кIалъай гьаб номералде: 112-01-04.
МахIачхъалаялъул Ленинский районалда бугеб Россиялъул МЧСалъул отделалъ лъазабулеб буго ва гIадамал ахIулел руго газалъул алатаздаса битIун пайда босизе.
Гьелъие къваригIуна:
— Газалъул баллонал щулаго къан ругищал халгьабе.
— ЛъикIаб гьечIо газалъу­л ба­ллонал дачабазда, гIемер­тIа­лаялъул минабазда цIунизеги.
— Дачабазде хьвадулеб сезон лъугIулеб заманалда, гьенир газалъул баллонал толел ругони, гьел щула гьарун те, яги нахъе росе.
ЦIодорлъи гьабе цIа ккеялдаса!