Бан лъугIулареб больница

Ахирал соназда инсанасул сахлъиялде кьолеб кIвар киса-кибего гIадин нилъер республикаялдаги цIикIкIанин абизе бегьула. Рана цIиял поликлиникаби, кардиологияб центр, Каспийскиялда берзул больница ва цогидалги районаздагун росабалъ сахлъи цIуниялъул идараби.

ГIадамазул унти рукIалиде ккезабиялъул мурадалда Дагъистаналда гуребги, тIолго Северияб Кавказалдаго сахлъи цIунулеб идаралъун рикIкIине бегьула МахIачхъалаялда бугеб хIарщул больница, ай жакъа цIияб цIар бугеб «Республиканская больница восстановительного лечения».
1964 соналда чуязул бокь букIараб бакIалда тохтур Къагьир Гъамбулатовас кьучI лъуна гьеб больницаялъе, аскIобго бугеб хIорихъан даруяб хIарщ, бухIараб даруяб лъим хIалтIизабун хондроз, полиартрит унтаби сах гьарулаан. Чуязул бокь букIараб бакI сверизабуна гIадамал регулел палатабазде, рана ваннаби, хIарщ бахунел кабинаби, ток лъолел, массаж гьабулел бакIал, рана администрациялъе минаби. Амма рехсарал бакIал рукIана санагIалъи гьечIел, къваридал рукъзабахъ.
ХIарщул больницаялда бугеб хIалги хIисабалде босун, гьениб унтарал регулел, кваналел, дараби гьарулел бакIал цIидасан санагIатаб къагIидаялда къачIазе 1984 соналда Пятигорскиялъул курортологиялъул институталда больницаялъе цIияб проект бахъана. Хадусел соназда тIоцебесеб иргаялда бана санагIатаб, унтарал кваналеб ва квен хIадур гьабулеб мина, жакъа цадахъго нусиялда къого чи гIодов чIезе рес бугеб столовая буго гьениб. АнцIгоялдаса цIикIкIун соналъ цебе бана администрациялъе ва дараби гьарулеб санагIатаб мина.
УнкътIалаяб ва кIиго-лъабго унтарав вегизе бегьулел рукъзазул гьабураб проект кагътидаго хутIун буго.
Больницаялъе бихьизабураб ракьалда хасал чагIаз жалго бетIергьанал минаби раялда сверухъ букIана кIудияб ахIи-хIур, амма гьелъул кинабгIаги хIасил ккечIо. Сверухъ минаби раялъул хIасилалда къотIана бухIараб лъим ва бащдаб лъа­гIел­гIанасеб заманалъ, кIигогIан километралъул манзилалдаса бухIараб лъим бачинегIан, больница букIана ваннаби гьаризе санагIалъи гьечIого.
КъогогIан соналъ хIарщул больницаялъе нухмалъи гьабуна медицинаялъул гIелмабазул кандидат Казбек районалъул Буртунай росулъа Мусаев Ниязбегица. Хиса-басиязул соназда, кинабго гIаммаб буголъи хасал гIадамазул бетIергьанлъиялде сверулеб мехалда, хIарщул больницаги гьединго хасав чиясул бетIергьанлъуде кьезехъин букIана. ТалихIалъ, Ниязбегил хъизан, депутат, мунагьал чураяй ХIамзатова ХIаписатил жигаралда­лъун биччачIо больницаялда хъамалчагIаз кверщел гьабизе ва гьеб цIунун хутIана киназего гIаммаблъун.
Больницаялъул терапиялъул, неврологиялъул, гинекологиялъул отделениязда цадахъго лъабнусгогIан чиясе хъулухъ гьабула. Больницаялде гIансаги гIунтIун вачIун вукIарав, лъабкъоялда анцIидаса цIикIкIун сонал рарав кIудияв чи, сахлъун хадув, больницаялъе гIансаги сайгъат гьабун, нахъе иналъул нугIлъун ккана гьаб макъалаялъул авторги.
ГIадамал унго-унгоги сах гьарулеб больницаялдеги республикаялъул нухмалъиялъ кIвар кьуни бегьилаан ва нус-нус унтаралги гьелдаса рази хутIилаан.