Берзул канлъиялъул камилай тохтур

ГIажаибго берцинаб, гIур­ччин­лъиялъ жаниблъи бацараб, ралъдал карачелабазул хIеренаб сасалъ беэдараб бакIалда эхетун буго Каспийск шагьаралда бугеб Дагъистаналъул беразул микрохирургиялъул центр. Исана 12 сон тIубала дагъистаниязе хIажатаб, канлъи цIу­ниялъе гIоло рагьараб гьеб централъ.

— ГIицIго Дагъистаналъул росабалъа ва шагьараздаса гурелги, мадугьалихъ ругел Чачаналдаса, Ингушетиялдаса, хIатта Азербайжаналдасагицин беразе сахлъи тIалаб гьабун, канлъи цIунизелъун рачIуна гьанире унтарал, — ан бицана централъу­л директор, С. Н. Федоровасул цIаралда бугеб премиялъу­л лауреат, медицинаялъул гIелмабазул доктор, профессор, Дагъмедакадемиялъул берзул унтабазул кафедраялъул нухмалъулев, ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул бетIерав офтальмолог, медицинаялъул гIелмабазул академиялъул академик ГIабдулхIамид ГIалиевас.
ТIадегIанаб махщалил тохтурзабиги руго централда хIалтIулел.
Масала, Раисат ИсмагIилова. Гьелъул хIакъалъулъ макъала хъвазе гьелде аскIове щведал, гьелъ абуна:
— Щай дир хIакъалъулъ хъвазе кколеб? Дагьалищ гьанир ругел дидасаги мустахIикъал тохтурзаби? Гьале Наида Гъойтиева, гъоле отделениялъул нухмалъулей Аминат Тидулаева…
— Раисат ИсмагIилова йиго тIаса бищараб махщалие ри­тIу­хъай тохтур. Гьелъул анищ­ги буго аспирантураялде цIа­лизе ине, — ян бицана Раисатил хIакъалъулъ Аминат Тидулаевалъ.
Беразул сахлъи щула гьабизе централде вачIарав Николай Михайловичас бицана:
— КигIан лъикIха бугеб гьай Раисат Пахрудиновна гIадал унтараздехун ракI унтун балагьулел, гьезул тIалаб-агъаз гьабулел чагIи ругеб мехалъ. Глаукомаян абураб берзул унти захIматаб жо буго. Исана Раисатица дие ункъабилеб нухалда операция гьабизе буго.
— Дун Южно-Сухокумск шагьаралда машинаби къачIалев устарлъун вуго. Кинабго жо берцинго бихьизе ккани, лъикIал берал хIажалъиларищха. Ахираб заманалда берзул канлъи дагьлъана. Гьелъ вачIарав вуго гьаниве, гьанир лъикIал тохтурзаби ругиланги рагIун. ГIемер бицунеб рагIана дида Раисат ИсмагIиловалъул махщалил хIакъалъулъ, — ян абуна ХIасан ШагIбановас.
Ахир-къадги ратана хIалтIу­даса эркенал минутал Раиса­тида ва гара-чIвари ккана гье­лъул кабинеталъуб. Кидаго гIа­дин, киеялиго гIедегIарай гIо­лохъанай тохтур циндаго гIодое йиччана, щибалиго ракIалде щолеб хIалалъ юцIцIун чIана. Гьеб сихIкъотIи гIе­мер халат бахъинчIо.
— Щиб бицинеб? Лъаларо. Киналго росулъ гьарурал, гьенир гIурал ва гьениб яшав гьабулел гIадамазулго гIадаб гIумру букIана дирги гьоркьохъеб школа лъугIизегIан. Дир эбелалда цIар ПасихIат буго, инсуда Пахрудин. Гьез дие лъай щвеялъе гIоло бичана росулъ букIараб мина, боцIи-панз ва хъизамго гочана тахшагьаралде. Дун гурейги кIигоги яс йиго нижер — ПатIиматги Аминатги.
— Раисат, щиб гIиллаха ккараб тохтурлъиялъул махщел тIаса бищиялъе?
— Дун, къокъго абуни, дарабазул махI бугеб рокъой гIуна. Дир эбелалъул тIолабго гIумру ана цин росулъ фельдшерлъун хIалтIун, хадуб шагьаралда медсестралъун больницаялда унтаразе хъулухъ гьабун. Гьелъ батила дицаги гьаб махщел тIаса бищараб. Дир гьитIинай яц ПатIиматица инсул махщел тIаса бищана. Гьей ккола экономист. Аминатиейин абуни бокьана психологлъун яхъине.
— ТIокIабги кинабха эбелалъе талихIги рохелги къваригIараб. Росгун цадахъ дихъа бажарана нижерго ясазул берцинаб гIумру гIуцIизе, гьезие тIадегIанаб лъай щвезабиялъе кумек гьабизе. Хасго дир ракI разияб жо ккана Раисатица сахлъи цIуниялъул ишалда жиндирго гIумру бухьинаби, — ян бицана эбел ПасихIатица.
Хадубги Раисатица бицана:
— Академиялда цIали лъугIун хадуб дида цебе чIана кинаб махщелдай тIаса бищилаян абураб бигьаяб гуреб суал. Малъа-хъваял гIемерал рукIана, амма дица хIукму гьабуна инсанасе дунялалда бищун хIажатаб жо берзул канлъи бугин ва гьеб махщел босизе бокьана. Дуцаго бералги къанщун хIисаб гьабеха, бугищ бецлъуда вукIун дунялалъулго тIагIамилан. Гьеле гьелъул хIисабги гьабун, бищана дица берзул тохтурлъия­лъул махщел. Мекъиги ккечIо. Дие кутакалда бокьула дирго хIалтIи. Щивав чияс, жиндир берзул канлъиялъе сахлъи щварабго, воха-хинлъун баркала кьола рокъоре ун хадуб баркалаялъул кагътал рачIуна, гьездаса дирги ракI бохула. Гьеб цохIо дир гьунарги гуро, гьелда тIад хIалтIулеб буго тIолабго нижер центр.