Редакциялъул рахъалдаса

Редакциялде гьаб кагъат бачIингун, нижеца хIукму гьабуна кагътида хъвараб хIалалда ахIвал-хIал бугищали бихьизе сапаралъ рахъине. Ниж дандчIвана Темиргъой росдал бегавул Булач Улисовгун. Гьесул умумул ккола Шамил районалъул Хучадаса. АнцIгогIан соналъ нухмалъи гьабулеб буго гьес Темиргъое росдае. Булачица тасдикъ гьаруна ГIалибулат МухIамадовасул кагътида рехсарал хIужаби.

«Темиргъое росулъ гIумру гьабулеб буго кIиазаралда анлънусгоялдаса цIикIкIун чияс. Гьезда гьоркьоса 70 процентниги руго магIарулал ва хутIарал лъарагIал.
ГьечIо росулъ лъималазул ах, аптека ва цогидал социалиял объектал. Буго гIицIго школаги фельдшерасулгун акушерасул пунктги. Районалъул администрациялъ планалде босун буго ФАПалъул бакIалда амбулатория базе. Гье­лъие гIарацги биччазе буго федералияб бюджеталдаса. ХIадурун буго лъималазул ах базе бакIги хIажатал документалги. Гьелъие бихьизабун буго гектаргIанасеб ракь, гьабун буго «зеленка». Амма гIарац гьечIолъиялда бан, иш кагътидаго хутIун буго. Районалъул бетIерас нижее рагIи кьун буго тIасияб соналдагIаги гьелъие нухал ратизе.
ХIакъикъаталдаги, МахIач­хъа­лаялдаса Хасавюрталде унеб шагьранухдаса Темиргъое росулъе сверулеб бакI буго цIакъ хIинкъи бугеб. «Нижеца хитIабал гьаруна районалъулги республикаялъулги нухмалъиялде. Хъван жаваб нижехъе бачIинчIо, амма абуна исанагIаги машина сверизабизе хIинкъи кколареб хIалалда нух къачIазе бугин абун.
Темиргъоялдаса Уллубиевкаялде унеб нух къачIалеб букIана немцазул технологиялда рекъон, цементгун чабах жубан. Амма гьелъул жо ккечIо. Гьединлъидал Дагъавтодоралъ хIукму гьабуна СапаргIали росулъа байбихьун Темиргъоялде щвезегIан хъил тIезе», — ян бицана Булач Улисовас.