Бицарасул кIалдир ралагьун

Бералда бихьараб – битIараб, гIиналда рагIараб – гьересиябин абухъе, федералияб шагьранухдаса Темиргъой росулъе сверулеб нух буго цIакъ къваридаб.

Чан авария гьениб кканиги, чан машина чухIаниги, гьелъул хIисабго гьабуларо. Кибе хъваниги, нухлул магIишаталъул хIакимзабаз хиялго гьабичIо гьеб сверел гIатIид гьабизе яги къачIазе. Жал гIинкъалин нухазул хIалтIухъабиги, жал бецалин районалъул хIакимзабиги чIун руго.

КIиго соналъ цебе рагIи кьун букIана районалъул нухазул магIишаталъул начальникас, гьеб сверел гIатIид гьабизе. Гьебги бихьараб макьу букIараб къагIида.
Цониги росу гьечIо лъималазул ах гьечIеб. Буго Темиргъоялда лъималазул ах гIуцIизеян абун тIасабищараб ракь гьелъул ургъел гьабулев чиги гьечIо.
Росулъ гьечIо аптека. Кире инел дараби росизе? Ине ккола ЦIияб ЧIикIаб росулъе щвезегIан, таксиги ккун. Гьеле гьедин, бицарасул кIалдир ралагьун, кIалъалесухъ гIенеккун, унеб буго темиргъоя­лъулазул гIумру.
Дагъистаналъул гIемерисел росабалъ цIигьарун къачIан руго хIухьбахъиялъе санагIатал бакIал. Гьенир гIуцIун руго росдал лъималазе расандизе санагIатал шартIал. Гьеб рахъалъги битIккечIо нижее. Гьаниб буго гIицIго цо Улубий Буйнакскиясе бараб памятник. Доб партиялъул заманалда гьенир чIарал гъутIбиги ракъван лъугIана. Щай бегьулареб гьениб цIидасан гъутIбиги чIезе, лъимги бачине? Темиргъоялъул зигара рагIулеб гьечIо Хъумторхъала районалъул хIакимзабазда.