Устарлъи

Билизе теларо умумузул махщел

 

Хунзахъ районалъул ГьоцIалъ росу ккола Дагъистаналъул халкъияб устарлъиялъул центразул цояб

ГьоцIалъ росуйилан абидал, гIемерисезда ракIалде рачIуна гIарцулгун пахьул батIи-батIиял тIагIелалги алаталги. Щайгурелъул 1958 соналдаса нахъе ГьоцIалъ хIалтIулеб бугелъулха артель (художествияб комбинат). Гьеб рагьизе тIоцебе ракIалде ккарав чиги вуго МухIамад Жамалудинов. Араб гIасруялъул лъабкъоялда анцIабилел соназда раккана Россиялдаго цIар рагIарал махщелчагIи: И. Е. Репинил цIаралда бугеб пачалихъияб премия щварав Б. Гьиматов, Т. ХIажимирзоев, М. ГIабдурахIманов, Г. ГIабдухIалимов ва цогидалги. Артелалда гьарулел рукIана хунжрул, цIарагI, гIучIалтIамал, руччабазул рахсал, кIилкIал, баргъичал, рачалаби. Амма пахьул хIалтIаби гьоцIдерица гьарулаан артель рагьилалде кIиго гIасруялъ церего. ТIоцере гьарулел рукIун руго жаниб квен гьабулел ухиял (котелки). ТIолабго Авариялдаса гIадамал рачIунаанила гьел росизе. Гьеб «пахьул гIасруялдаса» хадуб дагь-дагьккун гьаризе байбихьана гIарцул тIагIелалги. Доб заманалда артелалда хIалтIулев вукIана лъабнусгоялдаса цIикIкIун чи.
ГIасруялдаса гIасруялде загьирлъулел рукIана гIицIго гьоцIдерие хасиятал накъищал. ГьоцIдерица гьабулеб къайиялда бахъулаан аслияб лъабго накъищ: жубараб накъищ, хъахIаб накъищ ва чIегIераб накъищ. Руччабазул алатал берцин гьаризе гIемерисеб мехалда бахъулеб букIана «дамгьан» абураб накъищ. Жубараб накъищ – пуланаб ва киданиги хисизабулареб тартибалда тIагIелалда тIад рекьарал декоративиял тIугьдулги тIанхалги. ХъахIаб ва чIегIераб накъищ – чIегIераб кьералда тIад хъахIаб яги хъахIалда тIад чIегIераб накъищ.
XXI гIасруялда дагьлъана гьел тIагIелазул тIалаб гьаби ва художествияб комбинатги къана. ХутIана дагьалго чагIи гьеб хIалтIи рехун течIел. ГьабсагIаталда дида лъалел гьоцIдерил махщалил ккола: ХIажиев Шарабудин, ХIажиев ХIа­жияв, ГIумархIажиев ТIа­гьир, СагIидов СагIид, ХIажимухIамадов Му­хIамад, МухIамадгIалиев СултIанахIмад. Гьезул ала­тал росула батIи-батIиял шагьаразде ричизе ва выставкабазда лъезе. Хьул буго, гьел устарзабаз жидерго махщел тIагIине теларин ва лъималазе ирсалъ кьелин абураб.
Разияханум ПатIиналаева,
ГьоцIалъ росу