Квер цебе ккарасул цагъур

Зулмуялъ гIуцIараб колхозалъ гIадамал гIорцIизаричIо

 

1917 соналъул анкьабилеб ноябралда Россиялда инкъилаб бергьана. Гьелъ хисизабуна дунялалъулго гьумер,  нилъер пачалихъияб гIуцIи ва гIадамазул гIумру. Совет хIукуматалъул заманалда букIараб гIумру жакъа цояз беццула, цогидаз какула. ХIисаб гьабидал, советияб гIуцIиялъул рукIана гIемерал лъикIал рахъалги гьелдаго цадахъ квешалги. Гьездаса ккола мугIрузул районазул росабалъ зулмуялдалъун колхозал гIуцIизе тIамиги. ГIаммал магIишатал гIуцIулаго, совет хIукуматалъ рекьарухъабазул интересал хIисабалде росулел рукIинчIо, гьединго цIехолароан  колхозал гIуцIизе гьечIел бакIалъулал шартIал. Дагъистаналъул шартIазда «жидеего бокьун» колхозазде лъугьиналъул, гIемерисеб мехалда, букIана гьадинаб къагIида: районалдаса вачIарав хIакимас, столалда тIад таманчаги лъун, контораялде ахIарав векьарухъанасда гьикъулаан: «Дуе  колхозалде лъугьине бокьун бугищ?» — абун. ГьечIин жаваб кьуни, гьабизе бугеб тамихIалдаса хIинкъун, векьарухъанас колхозалъе кьолаан жиндирго буголъи.  Гьедин, Буйнакск округалдаса Бекмурзаца, «жиндиего бокьун», колхозалъе кьуна гIи-цIцIаназул 2500 бетIер, 35 чIегIерхIайван ва 14 чу.

Дагъистаналда гIаммал магIи­ша­тал гIуцIун лъугIана КIудияб ВатIанияб рагъда цересел соназда: гIаммлъизабуна ракь, хIалтIул хIайванал ва росдал магIишаталъул алатал. Гьелъул хIасилалда Дагъистаналда гIуцIарал колхозазул гIаммаб къадар 1170-ялде бахана, цолъизавуна 175,5 азарго живго жиндаго чIун магIишат гьабулев вукIарав чи.
Зулмуялдалъун гIаммал магIи­ша­тал гIуцIулаго, кулаказул класс тIагIинаби лъугьана рекьарухъабазе унго-унгояб балагьлъун. Щайгурелъул, «кулаказулинги» абун, тIагIинабуна 5591 цебетIураб магIи­шат, Дагъистаналдаса къватIире ри­тIана гIемерал хъизамал. Гьелъул хIасилалда цIакъго нахъе ккана республикаялъул росдал магIишат, хIатталдаса ун мискинлъана рекьарухъаби ва гIи-боцIухъаби.
Гьаниб бокьун буго Шамил районалъул нижер ГьентIа росулъ колхоз гIуцIиялъул хIасилалда гIадамаз чIамизе ккараб гIакъуба-гIазабалъул дагьабго бицине.
1936 соналда росулъ гIуцIана «Гьалмагълъи» абураб гIаммаб магIишат. Гьелъул председательлъун тIамуна ГоломухIамад. ГIи-бо­цIи гIаммлъизаби тIадкъана Нур­мухIамадов Алхасида. 1938 соналда «Гьалмагълъи» магIи­ша­та­лъул кьучIалда Стахановасул цIа­ралда гIуцIана колхоз. Гьелъул пред­седательлъун тIамуна Давудов ХирамухIамад. ГIаммлъизабуна росдал чагIазул гIи-боцIи. 1939 соналда райкомпартиялъул вакил, ЧIохъа Мирза-Бутайица, лъикIаб, квешаб би­цун, хIинкъизарун гIадамалгун, гIамм­лъизабуна росдал кинабго ракь, колхозалъе кьезабуна хур-хе­ралъе хIалтIизабизе къваригIунеб ма­гIишаталъул къайи. Гьелъие инкар гьабурасухъа гьеб хIалица бахъулаан. Ракь, кулал, гIи-боцIи, гIанкIу-хIе­леко, ай кинабго гIаммлъизабуна. Лъицаго цIехолеб букIинчIо хважаинасул разилъи, унго-унголъунги гьеб букIана гIадамазда тIад гьабулеб зулму. Колхозалдаса инкар ккурав чи, совет хIукуматалъул тушманиланги абун, хIакъир гьавулаан, сундуего квал­квал гьабулаан. Амма цо-цояз батIи-батIиял хIиллаби ургъулаан гьелдаса рорчIиялъе. Масала, НацIбаро абулев чияс жиндирго боцIи балъго хъуна.
Колхозалъе хIалтIун, моцIрол ахиралда кьолеб харж букIунароан, захIматкъо хъвалаан. Гьеб букIана халалъи-гIеблъи, бакIлъи-роцен гьечIеб колхозалъул бригадирасул тIанчида хIалтIухъанасул цIаралда цебе лъураб цо хIучч. Масала, лъабго километралъул манзилалда колхозалъул хурибе ракул микьго гьир щвезабуралъухъ, чIужугIаданалъе цо хIалтIулкъо хъвалаан.
1944 соналда хIукуматалъ Ракьуб росдал гIадамал хIалица гочинаруна Чачаналде, гьезул ракьул цо бутIа кьуна ГьентIа росдал колхозалъеги. Къого километралъул манзилалда ГьентIаса Ракьубе мугъалъ баччун кIиго къали (24 кг) хьодул яги, гъажалда лъун, пуруц-рукь щвезабуралъухъ кIиго хIалтIулкъо хъвалан.
ГIухьбилъун хIалтIулел рукIараз бицана, масала, Мала Насрудиница абун бугила гIухьбиги рикIкIани, хварал дунялалда гIемер ратилин абураб жо нижер хIакъалъулъ абураб батилин.
МагIарда гIияда ругел чагIазул гIумру зодикь уна. ГIиял завфермаясги вачIанщинахъе, килищ бахъун халгьабулаан нижер суркIа-хьагалда жаниб кьаралъиялъул лъалкI бугищали ва щибаб нухалда хIинкъиги кьолаан колхозалъул гIи хвани, дица нужеда Сибирь чIамизабизе бугин.
ЛъагIалил хIалтIул хIасил гьабун, кьолаан колхозчагIазе хIал­тIулкъоязухъ мухь. Рагъул соназда цо хIалтIулкъоялъухъ колхозчиясе щолаан щуго кило ролъул, цо кило картошкадул, 250 грамм нахул ва 30 капек. Дояркабазулги гIухьбузулги букIунаан 200-300, гьоркьохъев колхозчиясул 100 хIалтIулкъо.
Кутак букIунаан, «Коммунизм гIуцIулел кIвахIтун хIалтIизе ккола» абун, партиялъ ва комсомолалъ гьабулеб бичIчIикьеялъул хIалтIулги. ГIадамал хIалтIулаан къасиги къадги. Бригадабазда, звеньябазда гьоркьоб социалистияб къецбан, колхозникал хIалтIизе тIамулаан. Бергьаразе кьолаан БагIараб байрахъ ва ХIурматалъул грамота. «Маарухъ» колода гIолохъанруччабаз колхозалъе хер бецулеб букIана. Бригадир вукIана рагъул гIахьалчи. Дунял рогьиналде гьес руччаби къватIире рахъинарулаан, кваназе бихьизабураб заман букIана бащдаб сагIат. Къадекваназе ва какал разе цо сагIат кьолаан. Бакъ тIерхьинегIан хер бецулаан, бакъвараб хер чанго километралъ баччун, фермаялде щвезабулаан. Гьениб цIалаан, гьелда рекъараб хIалтIулкъоги хъвалаан. РукIкIиндал, щолаан рокъоре ва байбихьулаан рокъоса гIебеде жидерго хIалтIи гьабизе. Гьелдаса хадубги хIухьбахъи гьабизе кидаго гуро щолеб букIараб. Руччаби хIалтIулаан къасиги къадги, амма лъицаниги цIехолароан мун квананищин, лъималазе къварилъи бугищин. Нахги гьанги колхозчагIазе къанагIатги щолароан, бихьизабураб планалда рекъон, учузаб багьаялде нигIматал пачалихъалъе кьезе тIамулаан. ГIурусазул аби буго, кодоб кагъат бугони, мун чи вугин, гьечIони — чIобояб бакI вугин. 1975 соналде щвезегIан колхозниказе паспортал кьолел рукIинчIо. Гьединлъидал колхозчиясул рес букIинчIо я колхозалдаса нахъе ине, яги цоги бакIалде хIалтIуде лъугьине, ай гьев вукIана колхозалда вухьун. Паспорт щвезе ккани, къваригIунаан колхозалъул председателасул гъолбасараб справка, гьеб кьолароан, ай бокьаниги-бокьичIониги чIамизе кколаан колхозалъул щибаб къойилаб зулму. Къаси-къад чIечIого, гIетI тIун хIалтIи гуреб, колхозчиясул киналгIаги ихтиярал рукIинчIо. Пуланаб гIиллаялда бан, колхозчи хIалтIуде вахъинчIони, гьесул гьороса хер бахъулаан яги цо чанго хIалтIулкъо гъоркь кколаан. Гьеб тIекълъиялда дагIба бан, гIарзалъ ине бакIги букIинчIо.
ТIад лъурал налогазги гъанкъулеб букIана халкъ. Гьединлъидал лъабго гIака бугев чи къанагIатги вукIинчIо, цо гIиялъажо бугесухъа кIиго тIом тIалаб гьабулеб заман букIана.
ХIукуматалъ колхозчагIи хIакъир гьарулел рукIараб къагIидаялъул бицунеб цоги мисал бачина. Щуго-анлъго сон барав чи вукIун ватила дун, цо гьадинаб иш ккараб мехалда. Сордо бащалъараб заман букIана. Двангъи-гIанхъиялъул сасалъухъе ворчIана. ТIаде вахъиндал, кварица бухьараб гIака цебесан цIалей эбелги йиго, хадуб тункун, кьабун, гьеб цебе къотIулев инсул гьитIинав вацги яцги руго. Гьениб, бохдузда гIарщги бан, гIака гIодоб лъуна ва тIаде турталги рехун, бахчана. Нужеца гьелъие гьабулеб щибилан цIехедал, эбелалъ абуна: «БоцIи хъвазе метер советалдаса чагIи рачIине руго, гьездаса бахчулеб буго», — ян.
Дагьабго эркенлъи щведал, колхозчагIазда чIалгIана тIасаго унареб мискинлъи, ракIбуссана гIаммаб магIишаталдаса. Гьелъул хIасилалда, тIубанго чIунтана кулал, харибакIазде сверана хурзал, чIороголъана мугIрул, хIалтIудаса нахъе кIанцIун чIана гIадамал. Жакъа гIи-боцIи хьихьизе киб гурин, минаялда цебе бугеб ахикь хIалтIизецин бокьулеб гьечIо. Гьересияб инвалидлъиги гьабун, шагьаралдаса рачIарал нигIматалги кун, сериалазухъги балагьун, пачалихъги какун, кепалда гIумру тIамулел руго гIолилал. Гьебги буго хIалица колхозал гIуцIизе тIамиялъул ккараб квешаб хIасил, росдал магIишаталдаса ракIбуссинабураб халкъ хIалтIудаса нахъе кIанцIиялдалъун кколеб балагь.
Нури Нуриев,
Макъала хъвалаго, пайда босана МухIамад Алхасовасул «ГьентIа росдал тарих ва гьанжесеб заман» абураб тIехьалдаса.