«ХIакъикъаталде» хъвалеб буго…

Редакциялде рачIуна жиде-жидер мурад загьир гьабурал гIезегIанго кагътал

 

Хунзахъ районалъул ШототIа росулъа МухIамадов Зайнудиница жиндирго кагътида борхулеб буго нилъее киназего кIвар бугеб репрессиялде ккарал дагъистаниязул хIакъалъулъ суал. Гьес бихьизабулеб буго гьеб балагьалде ккун, гIайибго гьечIого туснахъалда лъун, гIакъуба кьурал, тIагIинарурал нилъер ракьцоял ракIалдещвей мурадалда данделъаби тIоритIизе ва, гьезул рухIазе шапагIат букIине, гьел ракIалдещвеялъе данделъаби, мавлидал гьаризе ккелилан.
Лъалеб букIахъе, 1930-1950 соназда Дагъистаналдаса репрессиялде ккун рачун ана 14 азарго, гьездасан политикияб гIиллаялдалъун 7500 чи. Гьединал тадбирал республикаялъул районазда, шагьаразда гьарулелги руго. Нилъеда лъала, 1991 соналда букIараб Дагъистаналъул халкъиял депутатазул III съездалда Советияб пачалихъалъ жиндир заманалда гьеб рахъалъ гьарурал хIукмаби кьучIдасанго мекъал рукIин рихьизаруна ва репрессиялде ккарал гIадамал ритIухъаллъунги гьаруна. Амма гIей гьабичIого, гьеб ишалдехун цIикIкIараб бербалагьи гьабизе нилъеда тIадаб буго, хасго росабалъ, районазда ва шагьаразда.
Хасавюрт районалъул Сивухъ росулъ гIумру гьабун вугев ГIусманов Шапица редакциялде хъвалеб буго гьеб росулъа КIудияб ВатIанияб рагъда цересел соназ Дагъистаналъул Верховный Советалъул депутатлъун йищун йикIарай МухIамадова Эбсилатил гIумруялъул хIакъалъулъ баянал ралагьизе кумек гьабеян. Редакциялъ гьеб кагъат битIун ана Дагъистаналъул централияб архивалде. Божилъи буго архивалъул хIалтIухъабаз кагътил авторасе ва нижее жаваб кьелин.
Казбек районалъул Гуни росулъа ХIасанова Мариятица «Гуни росдал жакъасеб гIумру» абураб цIаралда нижехъе бачIараб кагътида хъвалеб буго ахирал соназда росулъ кколел ругел лъикIал хиса-басиязул хIакъалъулъ. Россиялъул БахIарчи Арзулум Ильясовасул, росулъа рахъарал анцI-анцI гIалимзабазул мисалалда, росдал лъималазул ахалдасан байбихьун, гIолеб гIелалъе рухIияб тарбия кьун, бахIарчиял, лъай бугел гIолилал куцаялде кIудияб кIвар кьолеб бугилан хъвалеб буго гьелъ. Росулъ лъикIлъун буго гIадлу-низам, гIезегIанго хIалтIи гьабулеб буго нухал къачIаялда тIадги, жигар бахъулеб буго росдал диниял ва культурияб рукъалъул хIалтIухъабазги.
Редакциялде жегиги рачIунел руго «АхIулгохI» музей рагьи лъикIаблъун рикIкIун. МагIарухъ «АхIулгохI» абураб мемориалияб комплекс баралъухъ республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасе кIудияб баркалаги загьир гьабун, кагъат бачIун буго МахIачхъалаялда гIумру гьабун вугев захIматалъул ветеран, журналист ГIиса ХIасановас. Гьеб кколин Дагъистаналъул халкъазул щулияб гьудуллъиялъул ва хIинкъи гьечIолъиялъул мисаллъунин, — ян хъвалеб буго гьес.
Хунзахъ районалъул БакьайчIи росулъа Расулова Шагьзанатица редакциялде бачIараб лъабго кагътида кIвар буссинабулеб буго ахираб заманалда гIадамал цоял хIатталдаса ун бечелъулел, цогидал цIакъго мискинлъулел рукIиналде. ХIакъикъаталдаги, гьеб буго лъикIаб гуреб хIужа, гьединаб бакIалда халкъазул цолъиги цоцада ричIчIиги дагь букIуна. Авторалъ жиндирго «Демократазул эркенлъи» абун цIар тараб кочIолъ какулеб буго улка бикъулезул къабихIаб иш ва ракIунтун бицунеб буго сахлъи цIуниялъул рахъалъ республикаялда ругел гIунгутIабазулги гIолилазе хIалтIизе бакIал гьечIолъиялъулги хIакъалъулъ.
Россиялъул Журналистазул союзалъул член Шамил МухIидиновас «Свак лъачIого, къокъа поэзиялъул нухде» абураб бетIералда гъоркь бачIараб макъалаялда бицунеб буго Хьаргаби районалъул Могьохъ росулъа Умарагьи СалихIовалъул кучIдузул хIакъалъулъ. Авторас кIудияб къимат кьолеб буго Умарагьил творчествоялъе, рагьулел руго гьелъул кечI хъвазе бугеб махщалил цIиял рахъал, росу ва росдал гIадатал цIунизе ккеялъул рахъалъ гьелъул пикраби.
Казбек районалъул Калининаул росулъа гIумруялъул 80 соналде вахарав Идрисов ГIалиасхIабица редакциялде хъвалеб буго жиндир хварав васасул вас кIудияб налъукье ккун вукIиналда бан, гьев хIалтIи балагьизе росу тун къватIиве ине ккеялъул ва рес бугезда кумек гьарулеб буго. ТIубанго гьеб кагъат нижеца кьолеб гьечIо. Рес бугез гьединаб, къоккараб бакIалде кумек гьабуни бегьилаан.

Редакциялъул рахъалдаса:

Редакциялъ ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабулеб буго газеталде рачIарал кагътазул, ма­къалабазул авторазе. Бихьулеб буго ругел гIунгутIабазда гьел рази гьечIолъи ва гьел тIагIинариялъулъ жалгоги гIа­хьал­лъизе хIадур рукIин. Киналго кагътал газеталда кьезе рес бу­кIунарелъул, къокъгогIаги гьезул хIакъалъулъ рехсей гьабулеб буго.
Бокьилаан нужерго пикраби рицун нижехъе хадурккунги хъвадарани. Ва гьарула нужее творчествоялъулъ бергьенлъабиги щулияб сахлъиги.