Ракълил ва захIматалъул бахIарчи

Сейфединил «гIумруялъул университетал»

Нилъер умумузул гIумру ана, гIолеб гIелалъе санагIатал шартIал гIуцIулаго

1931 соналъул 10 июлалда, рекьарухъабазул 14 магIишатги данде кIутIун, Къуруш росулъ Карл Марксил цIаралда колхоз гIуцIараб мехалда, Сейфедин Кулиев тIамуна гьелъул председательлъун. Гьеб заманалда гьев вукIана 23 сон барав гIолохъанчи. Колхозалъул букIана 872 гIиялъажоги, 39 чуги, ичIго гIакаги. 1932 соналъул ихдал колхозалъ пачалихъалъе бичана 9,6 тонна квасулги, 30 тонна хIанилги.

Сейфедин Кулиевасул умумул рукIана гIи-боцIухъаби. Къурушалда букIинчIо бекьизе санагIатаб ракь, гьединлъидал букIунароан хъизан кваназабизе гIураб чедги. Хасалихъе боцIуда цадахъ росуцоял гочунаан Ширваналде. ЧIахIиязда цадахъ батIи-батIиял бакIазда хIалтIулаан лъималги. Сейфединги хIалтIизе ккана Азербайжаналъул росабалъ. Гьедин, «гIумруялъул университеталги» лъугIизарун, тIадвуссана гьев гIагараб росулъе ва хIалтIана вацазда цадахъ магIишаталда.
Росдал колхоз церехъабазул кьерде ккезабун хадуб, гьев витIана Буйнакскалде – зооветеринариялъул лъагIалил курсазда цIализе. Гьелги лъугIизарун тIадвуссаравго, Кулиев тIамуна Догъузпара районалъул зооветеринарияб магIишаталъул нухмалъулевлъун. КватIичIого гьесда божилъи гьабуна Дагъистаналъул обкомалъ – гьев тIамуна Азербайжаналдеги Гуржиялдеги гочарулел республикаялъул колхозазул магIишатазул рахъалъ Дагъсовнаркомалъул вакиллъун.
КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда Кулиевасул хIаракаталдалъун бажарана Дагъистаналдасаги Ставрополь краялдасаги миллионгIанасеб гIи Азербайжаналде гочинабун.
1952 соналда цолъизабуна Къуруш росулъ букIараб лъабго колхоз, ва гьелъул председательлъун нахъеги вищана Сейфедин. Гьесул гIуцIарухъанлъиялъул кIудияб кIвар букIана Хасавюрт районалъул ракьалде колхоз гочинабулеб мехалдаги. Къокъабго заманалда жаниб гьесухъа бажарана 500 хъизамалъе минаби ранги цIияб бакIалда хурухъанлъиги, цIолбохъанлъиги, ахихъанлъиги гIуцIиялъе кьучI лъунги. Гьединго тIурана жамагIаталъул социалиябгун культурияб гIумруялъе хIажатал шартIал гIуцIиялъул масъалабиги. ЦIияб росулъ лъагIалида жаниб бакIарулеб букIана цIолбол 15 азарго тонна. Колхозалъул сурсатазухъ росулъ рана школаги, культураялъул кIалгIаги, больницаги, цогидал бакIалги. ГIолохъанал колхозчагIи ритIулаан цIализе ва гьел хьезарулаан колхозалъул мулкалдасан. ЦIияб ракьалдеги рахъун магIишат гIуцIаралъухъ ва гьенир ккарал лъикIал хIасилазухъ 1960 соналда Сейфедин Кулиев мустахIикълъана РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул ХIурматалъул грамотаялъе.
Сейфедин Кулиев вукIана Расул ХIамзатовасул лъикIав гьудулги. ЧанцIулго щвана машгьурав шагIир Къурушалдеги. «Европаялдаго бищунго борхатаблъун рикIкIунеб Къуруш росулъе бокьараб пачалихъалдаса гьобол вачине нечеларо дун. Дица гьесда бихьизабилаан нилъер халкъазул гьудуллъи-вацлъи, нилъер мугIрузул берцинлъи ва гьайбатал гIадамазул кIвахI гьечIолъигун магIишат бачине бугеб бажари. Дунялалъул ралъадал къотIун лъедолел руго «ЦIадаса ХIамзат» ва «СтIал-Сулейман» абун цIар лъурал гуми. Ралъдалъ дандчIвараб мехалда, гьез цоцазе салам кьола. Гьеле гьеб буго, гьудулзаби, нилъер хIакъикъат», — ан бицана Расулица 1982 соналда Хасавюрт районалъул Къуруш росулъ тIобитIараб «ЗахIматалъулги поэзиялъулги байрамалда». Гьел соназда Къурушалда букIана цIолбол ахазул 1450 гектар, хасалихъе тIорщел бекьулеб 800 гектар, овощал рекьулаан 50 гектаралда.
Сейфединил хIаракат тIадегIанаб даражаялда борцана улкаялъ – гьесие кьуна «Социалистияб ЗахIматалъул БахIарчи» абураб цIар.
Исана 110 сон тIубана Сейфедин Кулиев гьавуралдаса. Къуруш росулъ тIобитIана кIудияб тадбирги. Гьениб бицана машгьурав ракьцоясул бахIарчияб захIматалъул хIакъалъулъги, ракIалдещвезаруна гьес ракьалда тарал лъикIал лъалкIалги.
Кавсарат Сулейманова