Гьалмагъасул хIакъалъулъ рагIи

Рукъалдасаги цебе кколаан гьес школа

 

Наслабаз мисал босизе мустахIикъаб ирс нахъе тана Ибрагьимхалилица

Шамил районалъул ТIидиб росдал школалде щванщинахъе битIахъе рухIдаллъизе бачIуна. Киса-кибго бугеб рацIцIа-ракъалъиялъги, гьимун гурони кIалъаларел учительзабазгун цIалдохъабазги рекIее гьабула лъикIаб асар. Гьаб нухалда гьениве щведал, доб цебе гIадаб чIаголъи гьечIолъи бихьулеб букIана. Гьелъи­е гIиллаги букIана 50 соналъ росдал школалъе нухмалъи гьабурав Россиялъул мустахIикъав учитель Ибрагьимхалил ГIалиев нилъеда цадахъ гьечIолъи. Амма гьесул ишал, насихIатал, малъа-хъваял кIочон гьечIо ва, гьеб кинабго кIоченчIого букIинелъун, школалъу­л къадада чIвана Ибрагьимхалилил цIар тIад хъвараб мемориалияб хъарши. Гьесулго цIар кьуна школалъеги.
Бечедаб, наслабаз мисал босизе мустахIикъаб ирс нахъе тана ГIалиевас. Гьесул бажариялдалъун банин абизе бегьула росулъ гьеб школаго.
Мемориалияб хъарши чIвалеб тадбир нухда бачана директорасул ишал тIуралей Асият ГIабдурахIмановалъ, ва гьенир кIалъазе рахъана Дагъис­таналъул медцентралъул нухмалъулев Ибрагьим Ибрагьимов, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат МухIамад Асиятилов, Шамил ОНОялъул нухмалъулев Ибрагьим ХIажиев ва цогидалги. Гьез бицана гьидерил ракь бугин гIемерал машгьурал гIалимзабиги гIакъилзабиги жанир рахъараб бакI ва гьединазулъ мустахIикъаб бакI кколин Ибрагьимхалилицаги.
— Гьев вукIана унго-унгояв гIуцIарухъан. ГIемераб хIалтIи гьабуна школалъул цIар республикаялдаго рагIизабизелъун. 2008 соналда гьелъи­е щвана школа-миллионер абураб цIар. Тарихалъул учитель А. Ахъбердилов 2013 соналда мустахIикълъана «Россиялъул бищун лъикIав учитель» абураб цIаралъе. Ибрагьимхалилие рукъал­дасаги хирияб букIана школа, — ян бицана Ибрагьим ХIажиевас.
— Ибрагьимхалил вукIана школалъул нухмалъулев гуревги, гьидерил жамагIаталъего хIажатав чи. Барщарал рекъезаризеги, питна-кьалалда ругезда гьоркьоб маслихIат гьабизеги вортулаан гьев. Мех-мехалда дихъеги ахIун бачIунаан заводалда хIалтIулел ТIидиб школа лъугIарал гIолохъабазул хIакъалъулъ цIехон, — ан бицана КЭМЗалъул директор Ибрагьим АхIматIовас.
А. Ахъбердилов – ДРялъу­л муста­хIикъав учитель, ТIолгороссиялъул учительзабазул конкурсалда 2013 соналда – «Россиялъул бищун лъикIав учитель» цIар щварав.
— ГьабсагIат росулъ гIумру гьабун ругезул гIемерисезе тарбияги лъайги кьурав чи вуго Ибрагьимхалил. Гьесул инсулаб тIалаб камичIо диеги, цадахъ хIалтIулезеги. Республикаялдаго машгьурав чиги вугелъул, ракIалде ккана гьесул хIакъалъулъ тIехь хъвазе. Амма гьес гьеб пикру аскIобе къазе биччачIо. Дуца школалъул хIакъалъулъ хъвайилан абуна гьес. Гьев вукIана унго-унгояв дипломат, — ан бицана Ахъбердило Ахъбердиловас.
ГI.-В. ХIажиев — районалъул администрациялъул бетIерлъун хIалтIарав:
— Аллагьас инсанасе кьурал лъикIалщинал гIамал-хасиятал чорхолъ рессарав чи вукIана ГIалиев, — ан абуна райадминистрациялъу­л бетIерлъун хIалтIулев вукIарав ГIаб­дулвахIид ХIажиевас. — Гьединаб­лъун куцана гьес гIолеб гIелги. Ибрагьимхалилил росуцояв Теручил ХIажияс цо нухалда абуна, гьев кинав чи вукIаравали бицунин гьесул юбилей тIобитIулагоги хадуб ахираталъул рокъове тIовитIулагоги гьанире рачIарал рикIкIен гIемерал гIадамазухъ балагьунилан.
Жакъа ТIидиб росдал школал­да хIалтIулев вуго РФялъул мус­та­хIикъав учитель, ДРялъул мус­та­хIикъав учитель абураб цIар щварав 5 учитель, РФялъул лъайкьеялъул 2 отличник, ДРялъул лъайкьеялъул 12 отличник, лъайкьеялъу­л хIурматияв 13 хIалтIухъан. Гьеб хIужаялъги би­цуна гьеб росдал школалъул тIа­дегIанлъиялъул ва гьелъи­е кьучI лъу­рав Ибрагьимхалил ГIалиевасул хIаракатчилъиялъул хIакъалъулъ.
Сайпула ГьитIинамухIамадов