Нижер районалда буго 5 батIияб мацI: авар, кIаралазул, гIахьвалазул, багвалазул ва тIукадерил. Гьединлъидал, лъица щиб бицаниги, авар мацI рахьдал мацIлъун кколаро кIараласе, гIарчосесе, гIанчихъесе, тIарадаинхелосесе,…
Гьеб нухалъул хIакъалъулъ дица «ХIакъикъат» газеталде хъвалеб буго лъабабилеб нухалда. Цо нухалъ хъвараб газеталдаги бахъана ва дир гьелъие лъикIаб къимат кьун ЦIумада районалдаса чияс хъвараб…
Казбек районалъул Дилим росулъа жамгIияв хIаракатчи, рагъул ветераназул советалъул член МухIамадрасул Мадаев лъаларев чи Салатавиялдаго ватиларо. ГIемерал шапакъатазе мустахIикълъарав гьесулгун букIараб гара-чIвариялда гьадин бицана гьес:
Шамил районалъул Хучада росулъе щведал, бегавул Жамалудинов Къурбан-ХIусен ватана культураялъул рукъ балеб бакIалда хIалтIулев. Мурад бициндал, росулъ цо свери бахъун лъикIинги абун, гьес цадахъ вачана…
ЧIарада районалъул Цемериве щведал, дун дандчIвана Гьилиб росдал бегавул Абакар Жамалодиновгун. Гьесулгун гьабураб гара-чIвари бахъулеб буго гъоркьехун.
Хасавюрт районалъул ТIукитIа росулъ гIумру гьабулей йикIана мунагьал чураяй Жарадат Пахрудинова. Гьелъ бетIербахъи гьабулаан рокъоб рагьараб тукада къайиги бичун. Цо нухалда гьелъ дие бицана жиндирго…
Грециялъул философ Сократил руго судиясе, мугIалимасе ва тохтурасе БетIергьанас гьунар кьолин цогидаздаса тIокI гьарун абун. Гьединги батила, медицинаялъул хIалтIухъанас кибго цо хасаб, цогидаздаса дагьаб тIокIборчIараб…
ГIумруялъулъ, захIматалъулаб хIаракатчилъиялъулъ щивав чиясе щолел бергьенлъаби, жамагIаталда гьоркьоб гьесул букIунеб къадру-къимат бараб букIуна хъизамалъулаб тарбиялда.
Ургьисалабиги унтун, республикаялъул урологиялъул централде ккун йикIана дун. Гьениб бараб заманалда жаниб дида бихьана унтараздехун гьелъул хIалтIухъабазул бугеб недегьаб, жавабчилъи цIикIкIараб бербалагьи.
О редакции I Рекламодателям I Контакты