Бищунго «гIолохъанаб» пачалихъияб байрам

 

   Исана 12 июнь, ай байрам, данде кколеб буго гьатIанкъогун ва гьединлъидал, РФялъул ЗахIматалъул кодексалъул №112 статьяялъул бихьизабиялда рекъон, гIадамазе хIухьбахъиялъе щвезе буго лъабго къо – 11, 12, 13 июнь.

1990 соналъул 12 июналда РСФСРалъул Халкъиял депутатазул тIоцебесеб съездалда къабул гьабуна нилъер гьанжесеб пачалихъалъе кIвар бугеб цо чанго документ. Масала, политикиял партиялги жамгIиял гIуцIабиги ращалъизаруна ихтияразул рахъалъ (цебеккун аслияблъун рикIкIунаан гIицIго коммунистазул партия). РСФСРалъул Конституцияги законалги гьелъул тIолабго ракьалда аслияллъун рукIин тасдикъ гьабуна. Гьелдаса хадуб, лъагIел индал, Россиялда тIоритIана тIоцересел президентасул рищиял ва гьезда бергьана Борис Ельцин. 1994 соналъул кIиабилеб июналда къабул гьабураб гьесул указалдалъун, 12 июнь лъазабуна байрамкъолъун – Россиялъул пачалихъияб суверенитет лъазабиялъул хIакъалъулъ декларация къабул гьабураб къо хIисабалда.

   12 июналда къабул гьабуна улкаялъул цIияб цIар: РСФСРалъул бакIалда – Россиялъул Федерация. Пачалихъияб суверенитеталъул хIакъалъулъ декларация къабул гьабиялдалъун байбихьана граж- даназул ихтияралги законалъул тIалабалги цIуни жиндир аслулъун лъазабураб цIияб пачалихъалъул тарих. Гьанже Россиялъул гражда- наз гьеб байрам кIодо гьабула хал- къазул цолъигун гъункиялъулги улкаялъул жакъасеб къоялъулгун букIинеселъул жавабчилъи гIаммаб кколеблъи къабул гьабиялъулги къо хIисабалда.

Абизе ккола, жибго жиндаго чIараб, ай лъидаго бачIеб, пача- лихълъун Россия лъугьана, некIсиял гIурус хъвай-хъвагIаязда рекъон, 862 соналдаго. Суверенитет Россиялъ щвазабуна 1990 соналъул 12 июналда – цогидал пачалихъазул законазде рекъон ккезаризе кколарел пачалихъиял законал къабул гьарун хадуб. СССРалда гьоркьоб букIаго, РСФСРалъул законал рекъезаризе кколаан ТIолгосоюзалъул законазда.

1995 соналъул 12 июналда улкаялда тIоритIана тIоцересел байрамал. 1996 соналда Москваялда, Васильевский спуск абураб майданалда тIобитIана концерт ва 1998 соналда Россиялъул халкъалде гьабураб хитIабалда президентас абуна гьеб лъазабизе кколин Россиялъул къолъун. Официалияб къагIидаялда 12 июнь пачалихъияб байрамкъолъун лъазабуна 2002 соналда.

Кин гьеб кIодо гьабулеб регионазда?

Щибаб регионалъул буго байрамкъо кIодо гьабиялъул жидиеего хасиятаб гIадат. Амма киса-кирго гIуцIула байрамалъул дандеруссинал, концертал, спорталъул къецал. ГIадатлъун лъугьухъе, 1995 соналдаса нахъе гьеб къоялъ улкаялъул бетIерас, Кремлял- деги ахIун, пачалихъиял шапакъатал кьола бищун лъикIал гIалимзабазеги, хъвадарухъабазегун шагIирзабазеги, искусствоялъул хIаракатчагIазеги ва цогидазе. 2001 соналдаса нахъе бай- бихьана кьер-кьерал салютал рич- чазе ва БагIараб майданалда концер- тал тIоритIизе. 2007 соналдаса нахъе гIолилазул гIуцIабазул жигарчагIаз гIадамазе рикьула Россиялъул бай- рахъалъул кьерал ругеб чалуялъул кескал.

Цо-цо регионазда Россиялъул къоялда цадахъ кIодо гьарула бакIалъул байрамалги. Масала, Башкортостаналда исана букIине буго жеги кIиго байрам – тахшагьар Уфаялъул къоги миллияв багьадур Салават Юлаев гьавуралдаса 268 сон тIубайги. Исана гьениб рагьизе буго цIи гьабураб парк — Кашкадан. Нижний Новгородалда тIобитIизе буго «Столица закатов» абураб фестиваль. Хабаровскиялъул филармониялъ гьоболлъухъе ахIизе руго цIалдохъаби ва тадбиразул аслияб темалъун букIине буго патриотизм.

МахIачхъалаялъул аслияб майданалда исанаги букIине буго кIудияб концерт. Гьениб тIобитIизе буго «Россиялъул гьаркьал» абураб жалго ругьунлъарал гьунарчагIазул къокъабазул фестиваль. Гьеб хIадурулеб буго ДРялъул Культураялъул министерствоялъги республикаялъул халкъияб творчествоялъул рукъалъги. Фестивалалда гIахьаллъизе руго «КочIолаб ЧIарада» абураб пачалихъияб бихьиназул хорги Терекалъул хъазахъазул кочIол пачалихъияб ансамбльги.

Фестиваль байбихьизе буго бакъа­нида, сагIат ункъо тIубараб мехалда.

МадихIат ХIасанова