МустахIикъаб бутIа лъуна

 

 

 

 

 

   Исана ДАССРалъ 100 сон тIубаялда цадахъго тIубараб гIасру ана Дагъистаналъул комсомолалъул тIоцебесеб учредительнияб съезд тIобитIаралдасаги. Гьеб тIобитIана 1921 соналъул 16 маялда.

  Гьениб тасдикъ гьабуна гIолилазул жамгIияталъул Уставги, гIолилаз гIагараб заманалда гьабизе бугеб хIалтIул программаги. Араб ракIалде щвезабулаго, пикру гьабизе бачIуна

комсомол жиндир аслиял гIаламатазул цояблъун букIараб социализмги гьанжесеб капиталистияб гIуцIиги бихьарал гIелазда бахиллъизе ккелилан.

   Щайгурелъул гьезда бихьана кIиго батIияб дунял, гIумру гьабиялъул, гIаданлъиялъул кIиго батIияб нух. Нилъеца гьаб капитализмалъул нухда гIемераб заман банагIан, рекIелъ цIилъун бачIуна доб, инсанасул къимат гьабулеб, киналго цоцазе бокьараб ишалда жанир хIалае   рахъунеб, гIумруялъул къимат букIараб социализмалъул сипат, гьелъухъ чIалгIен.

   Комсомол гIуцIун букIана гIолилазулгун хIалуцараб, битIараб тарбия кьеялъул хIалтIи гьабиялъул мурадалда. ГIумруялде рахъинарулел рукIана чIахIи-чIахIиял политикиялгун социалиял хIалтIаби. ГIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьеялъулгун гьезул пагьму цебетIезабиялъул масъалаби рукIана аслияллъун. Совет Союзалда гьеб жамгIиябгун пачалихъияб гIуцIиялъул кьерда вукIана 36 млн. комсомолец. Доб заманалда гIадаб гIолилазулгун гьабулеб тарбия кьеялъул, бичIчIикьеялъул хIалтIи ва гьеб рахъалъ ВЛКСМалъул гIадаб къуват бугеб жамгIияб гIуцIи дида лъаларо. Гьаб заманалъ бихьизабулеб буго гьединаб кIвар цIикIкIараб гIуцIи кьучIдасанго биххизаби нилъер политиказул кIудияб гъалатI букIин. Комсомол букIана ватIаналъул къисматалда кинаб хIалуцин кканиги, гьенибе хIалае бахъунеб къуват. Граждан рагъул заманалдаса байбихьун, колхозал гIуцIулеб, индустриализация гьабулеб, КIудияб ВатIанияб рагъда гIахьаллъулеб, рагъдаса хадуб чIунтараб халкъияб магIишат цойиде бачунеб, экономика цебетIезабулеб – гьеб киналъулъго цебесеб кьерда рукIана гIолилал. Нилъедаги нилъер улкаялъулго кIудияб гIелалдаги ракIалда буго комсомолалъул кьерилаз бихьизабулеб букIараб бахIарчилъиги, ритIухълъиги, яхI-намусги. Дагъистаналдаса рахъарал Совет Союзалъул 75 БахIарзазда гьоркьов вуго 50-ялдаса цIикIкIун комсомолец. Дол соназда дун вищун вукIана ВЛКСМалъул Казбек райкомалъул секретарьлъун ва хадув — тIоцевесев секретарьлъунги. Районалда рукIарал 1500-ялдаса цIикIкIун комсомольцаз гъежгурун хIалтIи гьабулеб букIана районалъул социалиябгун экономикияб гIумруялда гIолилазул жигарчилъи борхизабиялда. Дилималдагун цогидал росабалъ хIалтIулел рукIана 17 комсомольцазулгун гIолилазул коллективал.

Районалда гьел хIалтIизе гIуцIун рукIана МахIачхъалаялъул Радиозаводалъул, Рукъарулеб фабрикаялъул филиалал, цехал, райцентралда хIалтIулеб букIана гIолилазул тIансаби рессулеб фабрика. Дун вохарав вуго жакъаги комсомолалъ куцарал дагъистаниял республикаялъул пачалихъиял хъулухъазда хIалтIулел рукIиналдаса.

Масала, араб гIасруялъул 70-абилел соназда Казбек районалда хIалтIулаго, комсомолалъул кьеразулъе восарав ва жакъа ДРялъул хIукуматалъул вице-премьерлъун вугев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас ракIбацIцIадго нухмалъи гьабулеб буго республикаялъул агропромышленнияб комплексалъе.

Республикаялда жакъаги кьерда руго цебеккун Дагъистаналъул комсомолалъул гIуцIиялъе нухмалъи гьабулел рукIарал ГIабдулатIип ХIажиев, Умалат Насрудинов, Зумруд Сулейманова, Анатолий Карибов… РакIалда хутIана, доб заманалда Дагъистаналъул комсомолазул гIуцIиялъе нухмалъи гьабулел рукIарал гIолилазул церехъаби, ВЛКСМалъул ЦКялда хIалтIулев вукIарав Дибир МухIамадов, ВЛКСМалъул ЦК членал: МухIамад ГIабдуразакъов, Мухтар ГIазизов – цIакъ хIалимал, гIакъилал, жидеца республикаялъул захIматал суалал ва масъалаби тIуразариялъул мурадалда гIолилал гъункизарурал церехъаби.    

  РакIбохизабула Дагъистаналъул 25 комсомолец ВЛКСМалъул ЦКялъул ХIурматалъул гIаламаталъеги Ленинил Комсомолалъул премиялъеги мустахIикълъиялъул хIужаялъги. Гьезул хIакъалъулъ бицунеб буго комсомолалъул 100-сонилаб байрамалде басмаялда бахъараб «ГIумруялъул цебесеб кьерда» абураб гьал мухъазул авторасул тIехьалда. 1991 соналъул 27-28 сентябралда тIобитIараб ВЛКСМалъул иргадулаб гуреб XXII-абилеб съездалда лъазабуна комсомолалъул гIуцIи биххизабулеб бугин абун.

  Гьелдаса хадуб ана 30 сон, амма чанцIулго хIалбихьаниги, гIолилазулгун хIал-тIулеб унго-унгояб къокъа гIуцIун бахъинчIо. Гьелъ цоги нухалда бихьизабула комсомолалъ жамгIияталъул гIумруялда кколеб букIараб мустахIикъаб бакI.

Гьединлъидал лъикIаб букIинаан гьеб гIуцIи гIолеб гIелалда ракIалде щвеялъе республикаялъул тахшагьаралда хасаб си бани ва жакъа гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьеялъулъ комсомолалъ хIалтIизарулел рукIарал цо-цогIаги къагIидабаздаса пайда босани. Бокьун буго комсомолалъул школа нахъа тарал киналго дагъистаниязда ва гьезул хъизамазда баркизе гьеб къо ва гьезие щулияб сахлъи гьаризе.

 

Зикрула ИЛЬЯСОВ