ВагIза гьабулеб дур сабураб сурат….

 

    ГIажаибав инсан вукIана СайидмухIаммад-хIажи.  ГьитIинаб мехалъго кIудиязул гIадин пикру хIалтIулев чи вукIана гьев. Медицинаялъул институталда цIалулеб заманалда, гьев, гьитIинав гIолохъанчи мединститут лъугIидал, сахлъи цIуниялъул министр вахъинин кколаан дида.

Дидаса анкьго соналъ гьитIинав гьесул гIакълъу-пикру бихьулаан дида. Институталъ кьолеб лъаялда цадахъ гьес  бачана исламияб гIелмуги. МахIачхъалаялде рачIиндал, тIарикъаталъул устарзаби ХасмухIаммад-хIажихъ рещтIунаан, гьездасанги пайдаги босулаан СайидмухIаммад-хIажица. Бакълъухъ СагIадухIажиясул МухIамадие, ЧIикIаса СагIид-афандиясе, Болъихъа Бадрудин-афандиясе цIакъ вокьулев чи вукIана СайидмухIаммад-хIажи. СайидмухIаммад-хIажил кIалъаязухъ ва вагIзабазухъ гIенеккарал чагIазда бихьулаан гьесул пасихIал, магIна  гъваридал, чIалгIен гьечIого гIенеккизе бокьулеб калам.

    1990-абилел соназдаго СайидмухIамад Абубакаровас бицунаан вагьабизм тIибитIулеб букIиналъул, гьелде данде рагъ бачIони, букIине бугеб къварилъиялъул. Доб мехалъ нижеда кколаан щиб бицунев чи гьеван, гьезего гьечIеб жо бицунев вугин. Вагьабизм Чачан ракьалде ва Дагъистаналде щведал бичIчIана гьес лъеберго соналъ цебего бицунеб букIараб.

     КIудияб гьудуллъи букIана СайидмухIамад-хIажил Чачаназул бетIер АхIмад Кадировасулгунги.

     Чанго хIинкъараб сапар бухьана СайидмухIаммад-хIажи Абубакаровас дол чачаназул халкъалъе захIматал 1995-1998 соназда. Гьес Грозныялъул стадионалда ва цогидал шагьаразда вагIзаялъулаб кIалъай гьабуна чачаназул халкъалъе, мекъаб нухдаса инчIого рукIиналъе.

        Чачаналъ тIоцересел рагъал ругеб 1995 соналда, росдал жамгIиял гIуцIабазул данделъиялда СайидмухIаммад-хIажица абуна: «ЦохIо  Чачаназул ракьалда рагъ гьабун чIезе гьечIо тIолго дунялалъул халкъазда гьоркьоб питна бекьулел хъачагъал. Гьел щвезе руго нилъер Дагъистаналъул ракьалдеги. Чачаназул гIорхъода буго нилъер росуги, яргъилаб гIуцIи букIине ккола нилъер, гьел хъачагъазде дандечIей гьабизе. СайидмухIаммад-хIажи вохана, росулъ Поселокалъулаб милициялъул отделение рагьула бугин абидал. 20-25 туманкI кодоб ккурав чи вукIунев вуго гурищ нилъер росулъ, гьезде данде», — ян.

     СайидмухIаммад-хIажида, шагьаралда вукIаниги, росдал масъалаби тIуразе заманги батулаан. Гьев вукIана ЦIиликь росдал жамгIиял гIуцIабазул бетIерлъунги. СайидмухIаммад-хIажица тарбия кьуна росдал гIолохъабазе, иман, исламалда куциялъе, росдал умумузул лъикIал гIадатал цIуниялъе.

       1995 соналда  росдал жамгIатчагIи данделъараб бакIалда СайидмухIаммад-хIажица абуна: Нужеда гьоркьов вукIинеги бокьила диейилан. СагIид — Афандияс хIежалде инелде, жиндирго хIужра-рокъове ахIун, магIу бадибги хулун, абуна: муфтиясул хъулухъ дуца тIаде босизе кколилан. Жив хIежалдасан тIад вуссинелде мун гьелда тIад ургъеян. ХIежалдаса кIудияв тIадвуссине заманги гIагарлъулеб бугоян абуна СайидмухIаммад-хIажица. СагIид-афандияс жиндихъего ахIани, гьеб хъулухъ тIаде босичIого ворчIуларо дун. Гьаб квешаб заманги буго, вагьабиязул зулму цIикIкIараб, гIадамал чIвалеб ва кьвагьизарулебанги абуна СайидмухIамад-хIажица нижеда. СагIид-афандияс амру гьабуни, дунго чIвазе вукIин лъаниги,  ине ккола муфтиясул хъулухъалдеян абуна СайидмухIаммад-хIажица. Гьеб муфтиясул хъулухъалда шагьидасул хвелги щвана гьесие.

      СайидмухIаммад-хIажи Абубакаровасул хIаракаталдалъун Дагъистаналъул росабалъ ва шагьаразда рана гIемерал мажгитал ва мадрасал. Гьев муфтияталда хIалтIулеб заманалда кIвахIтун хIалтIана, хIежалде унезул къадар Дагъистаналъул халкъалъул цIикIкIинабиялда ва хIежалъул заманалда хIежизабазул расходал дагь ккеялда тIадги.

 СайидмухIамад-хIажи Абубакаровасул цIаралда ЦIиликь росулъ буго кIитIалаяб мадраса. Гьеб мадрасалда тажвидалъул дарсал цIалун, Къуръан ва как дурус гьабун къватIире ана Дагъистаналъул, Ингушазул, Осетиязул нус-нус гIолилав.

 ЦIиликь росулъ зиярат

СайидмухIаммад-хIажие росулъ ругел лъикIал гIадаталги росдал гIадамалги цIакъ рокьулаан.

    1999 соналда ЦIиликь росулъ гьабуна мармаралъул къаназда СайидмухIаммад-хIажил, коммунистаз тIагIинарурал росдал гIалимазул, шагьидазул цIарал хъвараб  зиярат. Гьеб зиярат бугеб хабзалалъ вукъун вуго СайидмухIамад-хIажил кIудада Абубакарил эмен МуртазагIали. МуртазагIали ккола Дагъистаналъул ва чачаназул чанго росулъ имамлъи гьабурав ХIафиз. Биценал руго къаси бецIаб сардилъ Къуръан МуртазагIалица цIалулеб рокъоре жанире раккизе аразда гьесул килищалда тIад гвангъи бихьун бугилан.  

 Доба-гьаниб кIалъаязда СайидмухIаммад-хIажица, росдал гIадамал мисалалъе рачун, абулеб букIана ва гьесул тIахьазда хъванги буго: «Дир росулъ нужеда ватизе гьечIо гIаракъи гьекъолев ва гьеб бичулев чи, гьединго нужеда вихьизе гьечIо хъалиян цIалевги ва гьеб бичулевги чи»-ян. Цогиги: дир росулъ гьечIо атеист ва вагьабияв, иланги абулаан СайидмухIаммад-хIажица.

Муфтиясул хIалтIуда вугеб заманалда хIинкъаби кьурал кагътал, флешкаби рачIиндал гьес абулаан «Дун вичун восизе гIарацги гIеларо, дун хIинкъизавизе къуватги гIеларо» — ян. СайидмухIаммад-хIажи къеркьана Кавказалдаго ислам щула гьабиялда, вагьабиязул зулму Дагъистаналде биччангутIиялда тIад.

СайидмухIаммад-хIажи Абубакаровасе цо чанго шапакъат бихьизабун букIана Россиялъул хIукуматалъ, гьес гьел шапакъатаздаса инкар гьабуна.

Шагьидзабазул баракат щолеллъун гьареги Аллагьас нилъ! Амин!

СайидмухIаммад-хIажиде

СайидмухIаммад, мун росдай гуревги,

Камуна тIолабго Дагъистаналъе.

Кавказалъул шагьид, исламалъул нур —

Муфтиясул калам кидал кIоченеб?!

 

Рузманалъул какде вачIунеб нухда          

Къор гъуна дуеги  дур вацазеги.

Дуда цадахъ хварал кIиявго шагьид,

Гьелги кIочон гьечIо, сонал аниги.

 

СагIид афандияс ишара гьабун,

Муфтиясул хъулухъ дуца босана.

Устарасул амру нахъ чIвачIо дуца,

Гьеб хъулухъалда мун холеб лъаниги.

 

Духъе кагътал хъвана; нахъе инчIони,

Мун чIвазе вугилан… Мун къвакIун чIана.

Чачаналъе индал, чанго къор гъуна,

Чарамул ракI бугев мун нахъе къачIо.

 

Дуй тарбия кьурав къвакIарав эмен

Мисалалъе ккола къварилъи ккараз,

Жиндий Шагьидасул хвел кьеян абун,

Щибаб какда хадув гьардолев вугев.

 

КIиго сон гурони Муфтилъун бачIев,

Бицун бахъунаро дур хаслъиялъул.

Дуца исламалъе гIоло гьабураб

АнцI-анцI соназ буго халкъалъ рехсолеб.

 

Ислам цебе тIезе Дагъистаналда

Дур рекIелъ букIараб тIубалел руго,

АхIмад-афандигун гьесул муридал

Дур хIал бохиялъе хIалтIулел руго.

 

Дур цIар кьолеб буго институтазе,

КъватIал, мадрасазда ахIула дур цIар.

ВагIза гьабулеб дур сабураб сурат

Бусурбабаз буго къадазда балеб.

 

Дур цIар лъолеб буго жакъа васазда,

Дуда релълъарал гьел лъугьине бокьун,

Исламалъе гIоло гIумру кьурав дур

ЦIаралъулцин баркат букIине бокьун.

 

Абубакаров АхIмад-хIажи ХасмухIамадович

(1966-1998)

   РахIимукуллагь, СайидмухIамад-хIажил гьитIинав вац, АхIмад-хIажи гьавуна 1966-абилеб соналъул 3-абилеб январалда  Гумбет районалъул ЦIиликь росулъ. ЦIалана МахIачхъала шагьаралъул Альбурикент поселокалъул № 20-абилеб школалда. 1980-1984-абилел соназда лъугIизабуна Хасавюрт шагьаралъул росдал магIишаталъул техникум. ЦIалана Хасавюрт шагьаралъул мадрасабазда. ХIалтIана Динияб Идараялда диналъул аслу бичIчIизабизе дагIваталъ хьвадулелгун. МахIачхъалаялъул кIудияб  аслияб мажгит балеб заманалда, АхIмад хIалтIана макьу тун, свак гьечIого, къасиги къадги. Чанго нухалъ хIежги борхана АхIмадица. 32-го соналъул гIумру гурони гьечIев АхIмад шагьидлъана.

Сулайман МухIамаднуров,

ЦIиликь росу