Цадахъаб данделъи

Вацлъиялъул кьоял

 

Дагъистаналъулги Турциялъулги лъарагIазул мажлис

Январалъул ахиралда Анкараялда тIобитIана ТIолгодунялалъул турказул мажлис. Гьеб гIуцIана TURKSOY абураб Турказул маданияталъул халкъазда гьоркьосеб гIуцIиялъ.
Рехсараб мажлисалда кIодо гьаруна «Ёлдаш» абураб Дагъистаналъул республикаялъулаб газеталъулги «Тангчолпан» абураб журналалъулги 100-сонилал ва ЗайнулгIабид Батирмурзаев гьавуралдаса 120 сон тIубаялъул байрамалги. Турциялде ун рукIана Дагъистаналъул вакилзабиги: «Ёлдашалъул» бетIерав редактор Камил ГIалиев, «Тангчолпаналъул» бетIерай редактор, лъарагIазул шагIир Супянат Мамаева, «Кавказалъул лъимал» абураб кьурдул ансамблялъул нухмалъулелги солисталги, ЛъарагI театралъул директор Скандарбек Тулпаровги бетIерав режиссер ГIусман Ибрагьимовги.
Турциялъул Анкараялдаги Кастамонуялдаги рукIарал тадбиразул хIакъалъулъ республикаялъул СМИязул журналистазе бицана «Ёлдашалъул» бетIерав редактор Камил ГIалиевас. «Анкараялъул къватIазда киса-кирего чIван рукIана Батирмурзаевасул байрамалде хIадурарал игIланал. Кастамону шагьаралда тIобитIана рахьдал мацIги маданиятги цIуниялъул бицараб дандеруссин. Ниж къабул гьаруна урхъарал гьалбал гIадин. Гьениб гIумру гьабулел турк мацIазул вакилзабазул рахьдал мацIалдеги маданияталдеги бугеб бербалагьиялда рухIдаллъизе бачIуна. Абизе бегьула, гьенир гIуцIарал тадбиразда цIикIкIарасеб бакI кьунин лъарагIазул маданияталъе. Ниж ватIаналде тIад­руссана турказул халкъазул цолъиялъги гъункиялъги асирги гьарун», — ан бицана гьес.
Турциялъулги Дагъистаналъулги бас­­ма­базул ва маданиял идарабазул ца­да­­хъал тадбирал гIуцIизе къотIиялги гьа­руна Анкараялда.

Гьумер хIадур гьабуна
Кавсарат Сулеймановалъ.