Имам ракIалдещвезавуна

ЦIаруе хисичIев, хиянат лъачIев

Шамил имам накълулъаралдаса 147 сон тIубана

Ункъабилеб февралалда МахIачхъалаялда, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда тIобитIана Дагъистаналъулги Чачаналъулги имам Шамил ракIалдещвезавиялъул тадбир. Гьениве ахIун ругьел бачIиндал, ракIалде ккун букIана гьеб тадбир тIобитIизе миллияб библиотекаялъул зал гIеларин, гIадамаз занкIун цIун букIинин. Амма гьенире дагьалго чагIи гурого рачIине гьечIеблъи дидасаги лъикI гIуцIарухъабазда лъалеб букIараб къагIидаха, республикаялъул миллияб библиотекаялъул хъатгIанасеб залцин цIун букIинчIо гIадамаз.

Данделъи рагьулаго, гьелъул хIа­къалъулъ бицун, дагьав хъачIго кIалъана филологиял гIелмабазул доктор, профессор МухIамад МухIамадовги. Гьесул рагIабазда рекъон, гIайиб киназдаго буго, ай тадбиралъул хIаракатчагIи, гIуцIарухъаби гьелде хIадурлъизе кколаан жавабчилъиялда.
«АхIулгохI» жамгIияб гIуцIиялъул председатель Гъайирбег ГIабдулаевасул нухмалъиялда гъоркь чанго соналъ цебе гьадинабго тадбир лъикIаб даражаялда тIобитIун букIана «Гьудуллъиялъу­л рокъоб», ва балагьизе рачIараз гьеб занкIун цIунги букIана, программаги букIана бечедаб», — анги абун, МухIамад МухIамадовас докладгун цеве вахъине рагIи кьуна ДНЦялъул тарихалъул, археологиялъу­л ва этнографиялъул институталъул востоковедениялъул отделалъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулмажидовасе. Гьесин абуни бицана Шамил имамас гьарурал реформабазул, имамасда сверухъ рукIарал наибзабазул, муридазул ва Кавказалъул имаматалъул багьадурзабазул хIакъалъулъ.
Тарихиял гIелмабазул доктор, профессор ХIа­жимурад Доногъоца ракIалде­щве­забуна АхIулгохIда ккараб рагъу­л кьогIлъи, бицана гьениб имамасул аскаразе ккарал камиязул, лъимал, херал, ру­ччаби тушбабазда данде къеркьараб къагIидаялъул хIакъалъулъ. Тарихчиясул ра­хIатхвезабун бугоан «АхIулгохI» мемориалияб комплексалда ран ругел гIурус пачаясул, солдатазул суратаз.
«Мемориалияб комплекс рагьиялда данде вугев чи дун гуро, амма щибаб жоя­лъул букIуна гIорхъи-рахъ ва, нилъе­ца щиб бицаниги, бидулъ къаламги ччун, хъвараб тарих хисуларо. Комплекс рагьиялъул тадбиралда нилъер церехъабазул кIалъаяздасаги дун рази гьечIо», — ян абуна гьес.
МухIамад МухIамадовас абухъе, Доногъоца бицунеб цо рахъалъ битIараб буго, тарих хисизабун лъихъаго бажаруларо. Амма гьудуллъиялъул кьоял лъезе бегьуларин абун хъвараб бакIги кибго гьечIо. Гьеб комплекс рагьиялъул аслияб мурадги, гьесул пикруялда, гьединаб буго.
Унсоколо районалъул бетIер ГIиса НурмухIамадовасул рагIабазда рекъон, АхIулгохIда дагьаб цебе хIалтIизе биччараб мемориалияб комплекс эхети ккола цIакъ ургъун гьабураб иш.
«Нилъеда лъала АхIулгохIалъул тарих, Дагъистаналъул халкъалъе кигIан захIматаб заман гьеб букIарабали. Амма жакъа республикаялъул гIадамазе чара гьечIого хIажат буго рекъел, хасго Россиялъул киналго миллатазулгун. АхIулгохIда бугеб комплексалъ рес кьолеб буго цадахъаб нилъер къварилъи ракIалдещвезабизе ва гьелъие битIараб къимат кьезе. РукIа абе гьенир жанир гIурус пачаясул ва генералзабазул суратал, гьеб гуро аслияб жо, аслияблъун ккола нилъеда нилъералго кIочонгутIи ва рекъел тIибитIизаби», — ян абуна районалъул бетIерас.
Данделъиялда кIалъазе рахъана ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул член Денга Халидов, гIалимчи Камил Ланда, Шамил районалъул бетIер МухIамад ХIасанов, Гьандихъ росдал школалъу­л директор МухIамад Гъазалиев, ТIолго­россиялъул «ЛъагIалил учитель — 2013» конкурсалъул лауреат Ахбердило Ахбердилов ва цогидалги.
Генуб гьоркьохъеб школалъул цIал­до­хъабаз данделъаразда бихьизабуна Ша­милица жиндирго вас Жамалудин гIурусазухъе аманаталъ кьолеб ва гьев тIадвуссун вачIунеб сценка.
Ахиралда «АхIулгохI» жамгIияб гIу­цIиялъул нухмалъулев Гъайирбег ГIабдулаевас Шамил имамасул ирс цIу­ниялъе гьабулеб хIалтIухъ цо-цоязе баркалаялъул кагъталги кьуна.
Темирхан ХIасанов