ХIалтIизе бокьун гIадамал, теларин хIакимзаби

Ресал ва квалквалал

 

ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевасухъе хитIаб гьабуна Гъуниб районалъул ЧIохъ-Коммуна росулъа предпринимателас. Гьес хъвалеб буго росдал бегавул Салим Салимовас тIекъал ишал гьарулел ругин. Гьедин хъварал макъалаби рахъана араб анкьалда республикаялъул газетаздаги. Гьениб бахъун букIана низам цIунулел идарабаз щибго гьабулеб гьечIолъиялда бан хъвараб Сайпула СалихIовасул рагьараб хитIабги.

Сайпула гьавуна ва гIуна ЧIохъ-Коммуна росулъ. Гьесул анищ букIана ферма базе ва гIи-боцIухъанлъиялъул магIишат гIуцIизе. ХIалтIун данде гьабураб гIарцухъ гьес бана гьитIинабго бокь ва бичун босана цо чанго гIака. Амма нилъерго тайпаялъул гIачи хьихьун хайир щолеб батичIо: мугIрузул шартIазде ругьунаб хIайван букIин гурони, гьелдаса бечIчIулеб рахьги дагьаб букIуна, гIемер букIунаро гьанги.
Сайпулада кидаго берцин рихьулаан телевизоралдаса рихьизарулел Европаялъул фермабиги гьезул боцIиги. Гьесие бокьун букIана нилъер мугIруздаги тайпадулаб боцIи гIезабизе. Гьес чанцIулго хитIаб гьабуна республикаялъул Росдал магIишаталъул министерствоялде. Ахир-къадги гьесие кьуна 400 азарго гъуршил грант.
Москва областалдеги ун, Сайпулаца босана цо чанго гIака: немцазул чIегIерчараб «галштеналъул» тайпаялъулги хъахIаб бетIерги бугеб хъазахъазул «герфорд» абулеб тайпаялъулги. Республикаялде тIадвуссун хадуб, щибаб гIакдадаги басиялдаги бана хасаб чип – пачалихъалъ кьураб гIарац сунде харж гьабулеб бугебали халкквезе рес кьолеб электронияб къагIидаялъул алат.
Гранталъул гIарцухъ Сайпулаца бана бокь. Гьеб ракьги босун букIана росуцоясухъа. Байбихьана боцIи гIезабизе. Гьелго тайпабазул боцIи жидееги хIажат бугилан рачIана Сайпулахъе мадугьалихъа фермабазулги тайпадулал гIи-боцIухъанлъиялъул магIишатазулги бетIергьаби. Амма байбихьана масъалабиги.
Росдал бегавул Салим Салимовас, хъулухъалдаса пайдаги босун, байбихьана предпринимателасул магIишат цебетIезабиялъе квалквал гьабизе. Гьес Сайпулахъе ритIана районалъул халгьабиялъул идараби. Предприниматель къуркьичIо ва батIи-батIиял идарабаздеги ун, жиндирго ихтиярал цIунизе жувана. Гьебмехалда бегавулас судалде хитIаб гьабуна, ва судалъ хIукмуги гьабуна Сайпулаца рарал бакIал риххизе кколин.
ГIачиязул бокь биххиялъе гIиллалъун бегавулас рехсолеб буго гьеб базе Сайпулал ихтияр гьечIолъи. Предпринимателас судалда цебелъолеб буго, гьеб базе ихтиярги гьарун, жинца росдал бегавуласухъе ритIарал ва жавабго кьечIого тарал хитIабал. Гьесухъ кодор руго гьабсагIаталда бокь бугеб ракьулги гьелда тIад рарал объектазулги бетIергьан жив кколевлъи тасдикъ гьавулел документалги. Жаваб щун гьечIо гьес ДРялъул прокуратураялде гьабураб хитIабалъеги.
ДРялъул Арбитражияб судалъ ЧIохъ росдал бегавуласул рахъккуна, ай предпринимателас бараб бокь биххизе кколин абураб хIукму гьабуна. Гьебгощинаб къоги бихьун гIезабулеб букIараб тайпадулаб боцIул 90 процент хъвезе ккана Сайпулаца. ГIемерал соназ нилъер шартIазде ругьун гьабураб цIияб боцIул тайпа хьихьизе бакI гьечIолъиялда бан, ай хасало цIорон хвеялъул хIинкъи букIун, гIадада хвезе теларин абун, хъуна ва базаралда гьан бичана.
Росдал бегавуласул «цIакъго жигар цIикIкIараб хIаракаталдалъун» Сайпула СалихIовасул тайпадулал бусби тIокIалъ рахинаро росдал магIишаталъул выставкабазул сверулъе. Гъуниб районги махIрумлъана жалго бетIергьанаб тайпадулаб боцIухъанлъиялдаса.
ГIали Къасумов