Пашманаб хабар

Свана Мариналги талихIалъул чирахъ

 

МухIамадгIалиева Марина. Гьаю­на 1964 соналъул анкьабилеб авгус­талда Хунзахъ районалъул ГьоцIалъ росулъ учительзабазул хъизаналда. Эмен вукIана химиялъул ва биологиялъул учитель, эбел — гIурус мацIалъул учитель. Маринал букIана кIудияб хъизам. Гьединаб хъизамалда гьаюрай Марина гIолей йикIана гIаданлъи цIикIкIарай, магIарул яхI-намус тIадегIанаб борхалъиялда лъурай гIолохъанчIужулъун. Школа лъугIидал, гьелъ тIасабищана бухгалтерасул махщел ва цIализе лъугьана Буйнакскиялъул финансалъулаб техникумалде. ХIалтIана Хьаргаби росулъ банкалда бухгалтерлъун. Гьениб Маринал лъай- хъвай ккана гIумруялъул вукIинесев гьудул ГIалилгун. Берцинаб хъизамалъулъул гъасда канаб цIа бакана Маринаца. Гьеб берцинлъиялда дагьабги гвангъараб нур базабуна гьезул лъималаз. 1988 соналъ гIуцIана «ВатIан» абураб лъималазул кьурдул ансамбль. Киса-киего ГIалил кумекчIужулъун йикIана Марина. Гьелъ росасул ракIчIезабулаан ансамблялъул цIарги гьунарги Дагъистан тун къватIибехун рагIизе букIиналда. Гьелъ кумек гьабулаан кьурдухъабазе костюмал рищизеги, гьей йикIана гьесул секретарьлъунги менеджерлъунги. Марина йикIана ГIалил гIумруялда цIакъго цIакъ гвангъараб цIвалъун, гьесул къисматалда талихIалъул накъишал угьарай хIурулгIинлъун. ГIалил машгьурлъиялъулъ буго Мариналги кIудияб бутIа. Гьел кидаго цадахъ унаан ансамбльгун. Бокьулаан гьелъие гьитIинал гьунарчагIазул тIалаб-агъазалда йикIине, эбелалъе гIадин хириял рукIана гьелъие ГIалил «лъимал». Абула, цIакъго гвангъараб цIва хехго сунилан. Свана Мариналги талихIалъул чирахъ. Гъанситохъ бакараб цIадул кунчIигицин букIина гьанже кьерукъаб. Гьеб цIадул щибаб хIенхIилъан гьимила ГIалиеги, лъималазеги, гьезулги лъималазеги хIикматай лъадулги, йокьулей эбелалъулги, недегьай дахIабабалги хIайранаб сипат. Камуна ГIалие жиндир цIар тIадегIанал цIвабзазда гьоркьоб хъварай чIужугIадан. Бакъвала ясазул рекIел тIегь. Гьеб бухIизе, чIурхIизе буго гьезул бухIараб ва цIакъго цIамхIалаб магIуялъ. Инагьдила гъасда цIа… ТIадегIанас сабру кьеги Маринал хъизамалъе ва гIагарлъиялъе. Свана Мариналги талихIалъул чирахъ. Гьелъухъ валагьидал, ГIалида ракIалдещвела гIумруялъул гьудулалъ хъван тараб талихIаб рокьул къиса…
«ХIакъикъат» газеталъул коллектив

***

МухIамад Юсупов

11 январалда 82 сонил ригьалда къадаралде щва­на Россиялъул жамгIиявгун политикия­в хIаракатчи, пачалихъалъул тIа­де­гIанал хъулухъазда хIалтIарав МухIамад Юсупов.
МухIамадица нахъа тана цIакъ бечедаб ва гьебго заманалда халкъалъе пайдаяб нух. Киве кканиги, щиб хIалтIи тIадкъаниги, гьес кинабго гьабулаан ракIбацIцIадго, гIадамазул мурадал тIурай букIана гьесул борчлъун ва рекIел ахIилъун.
Сугъралъ росдал школа лъу­гIидал, гьев цIализе лъугьана Москваялъул пачалихъалъулаб экономикияб институталде. ХIал­тIана ДАССРалъу­л Госпланалда экономистлъун, Совнархозалъул отделалъул начальникасул заместительлъун, 1963 соналда тIамуна Госпланалъул председателасул заместительлъун.
1969 соналда МухIамад вищана КПССалъул Буйнакск шагьаралъул комитеталъул тIоцевесев секретарьлъун ва нахъисеб соналъго гьесда тIадкъана КПССалъул Дагъистаналъул обкомалъул промышленносталъул ва бакIал раялъул рахъалъ секретарасул хъулухъ.
1978-1983 соназда вукIана ДАССРа­лъул Министрзабазул Сове­та­лъу­л председательлъун. 1983-1990 соназ МухIамадица тIубазабуна КПССалъул Дагъистаналъул обкомалъул тIоцевесев секретарасул хъулухъ. Хадуб гьев вачана Москваялде ва хIалтIана РСФСРалъу­л Госпланалъул председателасул заместительлъун. 1992-1994 соназда хIалтIана Россиялъул экономикаялъул министрасул заместительлъун, 2001 соналде щвезегIан вукIана Грециялда РФялъул дармилал гьоркьорлъабазул вакиллъун.
М. Юсупов вукIана хIалтIуе ви­жарав инсан. Гьесда лъалароа­н хIухьбахъи щибжоялигицин. Мус­та­хIикъаб хIухьбахъиялде индалгицин, МухIамад тIамуна «Су­лахъалъул гидрокаскад» ОАО­я­лъул генералияв директорасул гIакъ­лучилъун.
Къойида жаниб цо чиясул мурад тIубазе кIвани, гьеб къо гIадада араблъун рикIкIунарин абулаан гьес.
Республикаялъул захIмат­чагIа­зул рекIелъ гьев кидаго ву­кIана ва хутIана ракIбацIцIадав нухмалъулевлъун. Аллагьас иманалда тIовитIун ватаги МухIамад, алжаналъул агьлулъунги гьавун ватаги.