Кумек гьабизе щвеялдаса разилъула

Газеталде бачIараб цониги кагъат кIвар кьечIого толаро

 

Дагъистаналда риччалел гIемерисел газетазул ахирисеб гьумералда батIи-батIиял рубрикабазда гъоркь рукIуна цIалдолез СМСалъул кумекалдалъун ритIун рачIарал суалал. Гьеб буго хIакимзабазухъа ва ихтиярал цIунизе таразухъа кумекги щвечIого, жидедаго законалги лъаларого, аскIов гьикъизе, малъизе чиги гьечIого, гьабизе жо тIагIиндал, балеб ахIи. СМС битIулаго, гIадамал божун рукIуна жидер ахIи тIалъиялда рагIилин, гьеб рагIизабизе ва гьезие жавабал щвезе газеталъги кумек гьабилин. Республикаялъул цогидал газетаз гьединал суалал къватIире кьола, амма хадур лъугьун, гьезие жавабал ралагьун, хIалтIи гьабуларо.

2013 соналъул июналде щвезегIан «ХIакъикъаталъги» ахирисеб гьумералъул «РекIел ахIи» рубрикаялда суалал рахъун гурони, батIияб хIалтIи гьабулароан. Хадуб нижеда бичIчIана, гьел суалазе специалистазул чIванкъотIарал жавабал газеталда рахъани, гIемерал чагIазе кумек щвезехъин букIин. Редколлегиялъул хIукмуялда рекъон, «ХIакъикъаталъул» щибаб номералда цIалдолезул суалазе кьуна «РекIел ахIи» абулеб тIубараб гьумер. 2017 соналда жаниб «ХIакъикъаталъул» гьурмаздасан цIалдолезе щвана 281 суалалъе жаваб. ГIемерисел суалал рачIуна мугIрузул районазул росабалъа, хасго ЛъаратIа, Шамил ва Гъуниб районаздаса. Гьезул гIемериселги рукIуна учительзабаз, пенсионераз ва ветераназ ритIун рачIарал. Гьезул суалазул 60-65 процент ккола коммуналиял хъулухъазухъ кьолеб гIарцул, ЖКХялдасан гьарулел гIарзазул ва субсидиялъул хIакъалъулъ суалал. ГIемерал рукIуна пенсия чIезабиялда ва гьеб цIикIкIинабиялда хурхарал. ГIадамазул гIарз буго токалъул, газалъул, лъел счетчикал лъолаго, хисулаго, къачIалаго мастеразул ва инспекторазул хъантIиялъул, иман тIагIиналъул хIакъалъулъ бицунел. ХIалуцун, къварилъун цIалдолез цIехолеб буго ракьул масъалабазда сверухъ, хасго «зеленкаялъул» хъвай-хъвагIай гьабулаго бугеб чорокаб бизнесалъе ахир кида лъезе бугебилан. Къокъго абила, «РекIел ахIиялде» рачIунел суалазул цIех-рех гьабуни, республикаялъул тIалъиялда лъазе буго киб коррупция тIегьалеб ва лъица закон хвезабулеб бугебали. Амма лъиеха гьеб хIажат бугеб?
ЦIалдолезул суалазе жавабазда хадур ниж ине ккола министерствабазде, ведомствабазде, юристазухъе, профсоюзазул нухмалъулезухъе ва хIакимзабазухъе. ГIемерисез берцинго къабул гьарула, гъираялда жавабалги кьола. Камуларо нерваби хвезарулелги. КIиго минуталда жаниб суалалъе жавабги кьун, тIубазабизе бегьулеб ишалъе, гьез тIалаб гьабула редакциялъул рахъалдаса официалияб кагъат. Гьединаб кагътида хъвараб суалалъе кьураб жавабги букIуна тIаса бихьизабураб. Гьедин, кьурал суалазе мухIканал жавабал кьейилан цого идараялде чанго нухалъги ине ккола. Газеталдасан кьурал жавабал ричIчIизе ккола хIакимасдаги дова магIарда вугев вехьасдаги. «Дур жавабаздаса дида щибго бичIчIичIо, суалазе жавабал гIадатияв чиясда бичIчIулеб къагIидаялъ кьезе къваригIун буго», — ян бадибчIвай гьабидал, цо-цо министерствабазул ва ведомствабазул хIакимзабиги жавабиял специалисталги цIакъ ццидахуна. «Нужерго редакциялда чIезаве юрист», — абун кIалъала. Гьединал лъугьа-бахъинал ккечIого хутIуларо, гьедин хъачIго кIалъарал чагIазда магIаруласе хасиятаб къагIидаялъ рагIи абичIогоги тIубаларо.
Цоги мисал, МахIачхъала шагьаралъул администрациялъул пресс-хъулухъалъул жавабияв хIалтIухъан чIана, редакциялъул рахъалдасан суалалъе жаваб кьейилан гьарун хъвараб официалияб кагъат гьечIого специалистазе жавабал кьезе ихтияр букIунарин. Хъвана «анкьго суалалъе жавабал кье» абун гьарун официалияб кагъат, гьелдаса нахъе ана анлъго моцI, ахIана телефоналъ, ккечIо хIасил, унеб буго тIубараб лъагIел, «довго хурив довго Мусаги» вуго. Гьединабго къисмат ккана ДРялъул Социалияб рахъалъ цIуниялъул министерствоялде ритIарал суалазулги. Кин тIубалеб гьеб тайпаялъул жавабчилъи гьечIел «жавабиял хIалтIухъабазда» «берцинаб» рагIи абичIого?
Газеталде суалал ритIун рачIарал чагIазул хIалкъай бичIчIулел ва гъираялда гьезул суалазе жавабал кьолел хIакимзабиги, специалисталги, юристалги гIезегIан руго. Гьеб рахъалъ баркалаялъе мустахIикъал руго: ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул отделалъул начальник МухIамадова Зоя, ДРялъул ЗахIматалъул ва социалияб рахъалъан цIуниялъул министерствоялъул специалист ХIажимухIамадова Сайхат, ДРялъул медицинаялъул хIалтIухъабазул профсоюзалъул рескомалъул юрист СултIанов ГIалидар, ДРялъул Пенсиялъул фондалъул хIалтIухъан Закалиева ПатIимат, ДРялъул Лъайкьеялъул министерствоялъул хIалтIухъан ГIалиева Хадижат. Нижее бищунго цIикIкIун кумек гьабулел чагIи ккола ДРялъул Лъайкьеялъул хIалтIухъабазул проф­союзалъул юрист МухIамадсагIидов Мансур ва адвокат ГъазимухIамадов ШехмухIамад. Баркала буго гьезие.
«РекIел ахIиялде» рачIарал киналго суалазе жавабал кьун нижехъаги бажаруларо. Щайгурелъул «ХIакъикъаталда» гьелъие цо гьумер гурони бихьизабун гьечIо.
СМСазда ва кагътазда хъван, нижехъе рачIунел суалазул бугеб аслияб гIунгутIи ккола цIехолеб жоялъул гIураб мухIканлъи гьечIолъи, бичIчIизецин захIмалъула щиб гьезие бокьун бугебали. ЛъикIаб букIинаан, суалал хъвалаго, херал чагIаз гьеб рахъалъ бичIчIи бугел гIадамазда дандрани. Редакциялде битIулеб кагътида хъвай нужерго телефоналъул номер, бичIчIулареб жо ккани, нужехъе ахIун, гьелъул мухIканлъи гьабизе санагIат букIине.
«ХIакъикъаталъул» «РекIел ахIи­ялъ» гьабулеб хIалтIиялда цIал­долезул ракIрекъолеб букIиналъе нугI­лъи гьабула баркала кьун нижехъе ахIулеб, дандчIвараб мехалда, гьезул бицунеб букIиналъги, цо-цояз редакциялдеги рачIун, нижер квер бачиналъги.
«РекIел ахIиялде» ритIун рачIарал инсанасул напс гIодобегIан гьабулел, хIакимзаби ва нухмалъулел какун кьучI гьечIел, нужеда жаваб кьезе кIоларел СМСал ва кагътал газеталда рахъуларо. СМСалги ритIе чияр телефоналдасан гурел, нужерго телефоназул номералги мухIканго гъоркь хъван.
Нури Нуриев