Ракьалъ кьола чед

Миллионал щоларо, амма нахгун чед камунги хутIуларо

 

Советияб заманалдаса нахъего дида лъалаан ЧIегIерчи ЧIегIерчиев гIадатияв инсан хIисабалда гуревги, махщел бугев механизатор хIисабалдаги. ГьабсагIаталдаги 25 сон бараб Т-150 тракторгун гьев хIалтIулев вуго Богатыревка росдал «8 март» МУПалда ва гьелдаго цадахъ гьале 4 сон буго ижараялъе гьебго колхозалъул 100 гектар ракьалъулги босун (50 гектаралда ролъ ва 50 гектаралда люцерна), гьеб хIалтIизабизе лъугьаралдаса. Гьал къоязда дун дандчIвана ЧIегIерчигун ва гьесулгун гьабуна гьадинаб гара-чIвари.
— Жакъа, гьаб квачараб къоялъги мун авлахъалда хIалтIулев вуго. Гьанирго рихьулел руго бульдозергун экскаваторги…
— Гьадинаб къоялъ хинаб бакIалда чIезе бокьарав чи хIалтIизе бегьула, радал 8-ялда ун, къаси 4-ялда вачIун кабинеталда гIодов чIун тIубазе бегьулеб хъулухъалда. Ракьалда хIалтIулев чи гьедин чIун данде кколаро. Гьал руго цIамхIалал ракьал, гьел чуризелъун советияб заманалдаго бахъараб канал-коллектор бацIцIунел, къачIалел руго бульдозергун экскаваторги.
— Мун вуго 30 соналъ колхозалда хIалтIарав, хIалбихьи бугев механизатор. Дуе бигьаго букIинчIищ, малъарабги гьабун, гьикъарабги бицун колхозалда хIалтIун чIезе?
— Бигьаябщинаб гьабун чIун данде кколарелъулха. Тракторалъул кумекалдалъун дица гьабула колхозалъул хIалтIи, гьеб букIуна ихдал ва хасалихъе. Колхозалъул гаражалда гьабула махх регъолев чиясул хIалтIиги. Амма цохIо гьел хIалтIабазухъ щолеб мухьалъухъ бетIербахъи гьабунги хъизан-лъимал хьихьунги бажаруларо. Дие бокьула ракьалда хIалтIизе, гьеб бегизе, бекьизе, хьон хьазе, хьараб бижизабизе, гьединлъидал тIаде босана гьаб ишги.
— Кинал шартIазда босараб ижараялъе ракь?
— Ракь бегиялдаса байбихьун, тIощел бакIариялде щвезегIан — кинабго хIалтIи (техника колхозалъул) гьабула дица. МоцIрое чIезабураб харж гьечIо, колхозалъ мухь кьола ракь бегаралъухъ ва хьон хьаралъухъ. Дие щола бакIарараб ролъул 7%.
— Кинабха ккараб исана соналъул хIасил ва щиб гьабизе ракIалда бугеб тIадеялъул?
— Исана цо гектаралдаса бачIана 26 центнер тIощалил. ГьабсагIаталда бугеб ахIвал-хIалги цебехун гьабураб кинабго хIалтIиги хIисабалде босун, ракIалда буго тIадеялъул гIага-шагарго 23-25-ялдаса дагь гьечIеб центнер бакIаризе.
— Кинабго хIалтIи, кумекалъе чи гьечIого, дуцаго тIубан бажарулищ, ва сезоналъул заманалда, гьоркьохъеб хIисабалда, кинаб бугеб дур хIалтIул къо?
— Дун дове-гьаниве ине кколев вугони, боцIудаса авлахъ цIунизе вас витIун гурого, къанагIат гурони ахIуларо кумекалъе чи. ГIазу-цIад бан гьава-бакъалъ гIодор тун гу­рони, байрамкъоял-гIодоркъоял авла­хъалда хIалтIулев чиясул ру­кIу­наро. Радал 6-ялдаса, кватIун ккани, 7-ялдаса къасилъизегIан хIал­тIула. Ракь бегулеб заманалда, къад 3-4 сагIаталъ хIухьбахъиги гьабун, рогьинегIан хIалтIулеб мехги букIуна. ХIалтIи хехго ва лъикI гьабурабгIан, хIасилги гьелда рекъараб букIунелъул, дие лъицаниги чIезабизе кколаро хIалтIул къо, лъицаниги хIалтIи гьабизе тIамизеги кколаро.
— Дур буго 25 сон бараб трактор. Кин бажарулеб гьеб хIалтIизе кIолеб хIалалда чIезабизе?
— ХIалтIуе кIудияб квалквал гьабулеб хIужа буго гьеб, техника басрияб букIин. ЧIужугIаданалъе хIеренлъи бокьулин абухъе, гьебго бокьула техникаялъеги. Исана гьаб тракторалъ дица бегана ва хьон хьазе къачIана ракьалъул 200 гектар. ХIалгьабичIого, къобихьизабичIого хIалтIани, жиндир заманалда къа­чIани, цIунани, хIалтIичIого бу­кIу­наро басрияб бугониги техника. ТIадеялъул дагьаб лъикIаб трактор щвеялде хьул буго, гьеб тIалаб гьабулеб буго колхозалъул нухмалъиялъги. Колхозалъул буго хер бецулеб косилка, кIвана цIияб сеялка босизеги. БукIана Богатыревкаялда гектаралдаса 10-12 центнер бачIиналъул щолебги заман. Исана цо гектаралдаса щвана — ролъул 26, пурчIинадул — къогоялдаса цIикIкIун центнер. Щибаб соналъ колхозалъ босизе кколаан 120-130 тонна кIалцIул, исана босизе кколеб хIал гьечIо. 90-абилел соназда гIемерго нахъе кьабуна нижер колхоз, гьедин бугониги цоги бакIазда гIадин гьеб биххизе течIо.
— Техникаялъе запчастал, цIатари буго хиралъун. Гьедин бугеб заманалда захIмалъулеб гьечIищ хIалтIи гьабизе?
— Буго, мисалалъе, соляркаялъул багьа гIагарлъулеб буго бензиналъул багьаялде. Бигьа гьечIо хIалтIизе, амма, гьабуни, кIола. ЦIикIкIарал багьаби ругониги, хаслихъе хьалел могьолал культурабазул бачIин 20 центнералде бахани, мун къоларо. Берцинго хIалтIани, гьединаб бачIин щвезе рес буго нилъер гьаниб.
— Духъ бугеб 50 гектаралда бекьулеб люцернаялъул къисмат кинаб бугеб?
— Люцернаялъулги буго добго хIисаб — кинабго хIалтIи гьабула дица, къваригIараб техника чIезабула колхозалъ, гьениса бакIарараб харил гIаммаб къадаралъул 7 % щола дие. 20 гектаралда буго гъоркьиса ихдал хьараб люцерна, исана гьениса щвана, цо гектар рикIкIун, харил 4,5 тонна. 30 гектаралда люцерна дица хьана исана сентябрь моцIалда.
— Дур пикруялда, ракь лъил бетIергьанлъиялда букIине кколеб: гIаммал магIишатазухъищ яги бетIергьабазухъищ?
— Ракь букIине ккола гIаммал магIишатазухъ. Богатыревкаялдаги руго гIезегIан чагIи фермеразулал магIишаталги гIуцIун, амма гьезда гьоркьов цо-кIиго гурони гьечIо ракь хIалтIизабулев чи. ХутIарал руго, цере хIалтIизарулел рукIарал ракьалги харибакIазде сверизарун, гьениса щвараб херги бичун, разияб хIалалда. Ракь хIалтIизабизе ккола, щиб бекьунги гьеб гIадада тезе бегьуларо.
— Росулъ ругел гIемерисезул, шагьаразда ругезулго гIадин, гIарзал рукIуна, хIалтIи гьечIин абун. БитIараб бугищ гьеб пикру? Дур хIисабалда, ракьалде руссиналъул бугищ магIна-пайда?
— КIалдибе борта багIаргIечин чIун ругони, гьеб бортуларо. Бортизе ккани, гъветI кIобокIунгIаги, цо щиб бугониги гьабизе ккола. ХIалтIи гьечIинги абун щибго гьабичIого чIун ругони, гьеб букIунаро. Босе гектар, 10 гектар, бекье охцер-помидор, цогидаб, ай гьабе лъалес лъалеб, лъалареб, лъалесда гьикъун, лъазабе. Миллионал гьаниса рачIунаро, амма нах бахараб чед камунги киданиги хутIуларо.
— Дуца 57 сонги бан бугелъул, хадубккун щиб гьабизе ракIалда бугеб?
— Гьаб хIалтIи телин абураб пикру цIакъго добегIан цун буго дица. Сахлъи-бажари букIаго, вукIина ракь хIалтIизабулев. Бикъизе дида лъаларо, бича-хисиялъул чиги дун гуро. Дие лъикI дида лъалеб ва бокьулеб, кигIан къобихьун, гIетIтIун гьабизе кколеб бугониги, дица гьабураб диего батулеб, Аллагьасдаги гIадамаздаги гьоркьовги бацIцIадаб гьаб хIалтIи. МагIарулаз абула, квер квализабураб бакIалда цо жо камуларин абун, ракьалъ кьола чед…
ГIабаш ГIабашилов