Эменги помидоралги

 

— Араб гIасруялъул кIикъоабилел сонал рукIана. ХIалтIизе лъалел ва бажарулел чагIи гьечIолъиялда бан, дун, анлъабилеб классалъул цIалдохъан, тун вукIана Гъерел росдал сельсоветалъул секретарлъун. ТIоцебесеб харжги щун вохарав ва чIухIарав дун лъугьана, рокъобе цо щиб букIаниги жо босизейилан, райцентралда бугеб тукада жаниве, — йилан бицунеб букIана инсуца.

— Босизе жого букIинчIо гьениб. Школалъе къваригIунел жал росана, къалантIар босана, цо чIама-къамулеб гIадаб жо щибдай босилаян сверсведана. Тукенчияс бетIерги гьанкIизабун бихьизабулеб бугоан хъорщода лъун бугеб кIиго литра тIолеб гIадаб банка. Гьелда жаниб гIечги гуреб, гIечалда релълъарал цо багIарал жал ругоан лъеделел. Гьеб щибилан гьикъизе дир гIакълуялъ къабул гьабичIо. Дунги гIадатияв чи гурелъулха вукIарав, гьединал жал лъачIого вукIине. ТIубарав сельсоветалъул секретарь. Кидаго дицаго босун ругьунаб жо гIадин гьеб банкаги босун, киналъухъго гIарацги кьун, мугъзада балеб таргьиниб гьебги лъун, дун росулъехун вагъарана. ТIокIаб босизе жоги букIинчIелъулха тукада.

 

БукIана кватIараб хаслихълъиялъул заман. Райцентралдаса росулъе буго 40 километралъул нух. ТIеренаб гIазул гъат тIад бугеб сухъмахъ-нух букIана цин кьурабалъан эхеде раялъ ине кколеб, цин лъарахъе гIодоре раялъ лъугьине кколеб. Гьеб свералаби гIемераб, бокьараб бакIалдасан кьурса гъоркье хъуштIун ине рес бугеб хIинкъараб нухдасан лъалхъичIого ани, 7-8 сагIаталдасан щолаан росулъе.

 

ГIемераб гIакъубаги бихьун, свакан, тату хун, къасиялдехун дун рокъове щвана. Гьеб букIана рагъ лъугIун хадусел захIматал ва ракъарал сонал. Рокъор рукIана ракъарал вацал ва яцал. Мугъзада таргьагун дун ваккидал, гьезул рохалие гIорхъи букIинчIо. ХIухьбахъизегIанго чIечIого рагьана дица таргьа ва бахъана къватIибе доб банка. Гьелда жаниб бугеб жо щиб ва кинаб тIагIамалъул жояли лъалеб гьечIониги, кунеб жо букIин бичIчIаралъул, гьеб рагьизегIан чIезе кIоларого рукIана киналго, кваназе бокьун.

 

БекичIого гьеб чIухIараб банка рагьизе мадугьалихъа росдал учитель ахIизе вац витIана. Доб заманаялъ учитель вукIана росулъ бищун къадру-къиматалда вугев чи. ВачIун, носоца тIалъелги рагьун, банкаялъуса доб гIеч гIадаб жо бахъана учителас къватIибе.

 

— Гьая, лъимал, гьанже хIалбихьилаха нилъеца щибги босун нилъее ИсмагIил вуссун вугевали, — йиланги абун учителас хIанчIана гьеб багIараб гIечалда релъараб жо. БукIкI-букIкIине гьумерги гьабун, векерун нуцIихъегун, гьес гьеб къватIибе тун балагьизабуна. ГьакIкIан кIалалгун нижги хутIана, щибго бичIчIуларого. Цинги дицаги хIал бихьана. Бугоха цо гьуинаб лъалареб, цIекIаб лъалареб, цIамгIалаб лъалареб, данде гьулгIилеб гIадаб тIагIамалъул нигIмат. ХIанчIараб жони дица къулчIана. Дидаго ракI гурхIун — 40 километралъ гьадаб банка мугъзада баччарав. ТIокIаб кIалдибе босизе бокьичIо. Цониги вацасниги квинародаян вукIана, ракъунги ругелъул. Гьезги къватIибе туна.

 

    Помидоразул щиб кканиги, цIорол банкаялдаса эбел цIакъ йохана. Доб заманаялъ магIарухъ цIакъ къанагIатаб жо букIана цIорол суркIа-щурун. Хъорщода бищун бихьулеб гIадаб бакIалда лъуна гьелъ гьеб. Росуцоязда чIухIун бицунаан гьелъ, гьалейила ИсмагIилица гьаб банка цIун помидорал рачIун рукIанила, гьелги кванила, гьале жиндие банкагийила.

 

Чанго минуталдасан тIадги вуссун, къватIиве ун вукIарав учителас абуна:

 

— Гьел руго помидорал. Дица ЦIоралда кун рукIана гьел. Амма гьел дора гьедигIан цIамгIалал рукIинчIо. Дуца босараб жо щибали дида лъаларо, ИсмагIил, гьел тIагIамал жал рукIуна, — йиланги абун ана мугIалим жиндирго рокъове. Мекъи ккараб дараналдаса ракI бухIун чара хун дунги вукIана. Помидоралги къватIире рехун, ракъуца холаго регана киналго цо кIудияб къохьол хъабарчаялда гъоркь, халатаб хаслихълъиялъул сордоги бугелъул, квачачIого рукIине.

 

Помидоразул щиб кканиги, цIорол банкаялдаса эбел цIакъ йохана. Доб заманаялъ магIарухъ цIакъ къанагIатаб жо букIана цIорол суркIа-щурун. Хъорщода бищун бихьулеб гIадаб бакIалда лъуна гьелъ гьеб. Росуцоязда чIухIун бицунаан гьелъ, гьалейила ИсмагIилица гьаб банка цIун помидорал рачIун рукIанила, гьелги кванила, гьале жиндие банкагийила. Унгогиха, вас – цIалул отличник, гьелда тIадеги — селсоветалъул секретарь, гьитIинаб букIаниги харжги щолев. ЧIухIизе гIилла кIудияб букIана эбелалъул.

 

Гьедин букIуна чи батIияб кванил тIагIамалде ругьунлъичIеб мехалъ. Нухалги гьечIеб, машинабиги хьвадулареб, къватIисеб дунялалъулгун бухьенго гьечIел магIарулазда помидор щибжояли лъалароан доб заманаялъ. ХIамуздаги чуяздаги баччулаан чара гьечIого къваригIунеб щинаб жо, помидоразде регIун рукIунароан. Гьеле гьеб гIиллаялъ рокьичIо, жидецаго кидаго кунеб квандаса батIиял, ругьунал гурел цIамгIалал помидорал магIарулазе.

 

— Гьединлъидалин дир помидоразулгун хасаб гьоркьоблъи бугеб. Дида гIемераб ракIалде щола гьеб тIоцебесеб лъай-хъвай. Гьелдаса нахъе лъабкъоялда анцIгогIан сонал аниги, кIочон толаро, — ян абуна инсуца кверзукь цо гьитIинаб помидорги сверсезабулаго МахIачхъалаялда бугеб дир рокъор кваназе чIараб бакIалда. – Хадуб нижер лъикIаб лъай-хъвай ккана. Избербашалда интернаталда цIалулеб мехалъ колхозалъул хурисанго кунаан. КъотIа-сотIун салаталилан цо жалги гьарун квине бокьуларо, гьале гьадин тIубанго, кIийидеги къотIун квине бокьула…

 

Эмен нижгун гIемерав хабар-кIалалда вукIунев чи вукIинчIо. Анкьида жаниб цо-цогIаги гIумруялдаса лъугьа-бахъинал рицинчIогоги чIолароан. Цо-цо кепал рукIунаан гьесул харбал, цо-цо пашманал рукIунаан. ГIемерисел гIадатиял гьадингоялин ккарал харбаз гIажаибго рагьулаан доб заманаялъ магIарулазул гIумру. Гьениб пикру гьабизе жоги гIемер батула.

 

Цойги кепаб хабар бицана помидоразулги стипендиялъулги хIакъалъулъ дир инсул гьитIинав вацас, дир имгIалас, инсул харбидаса хадуб. Гьеб цойги нухалъ бицина. Гурони цIакъго гIемераб томат ккезехъин буго цо хIарччинибе.