ГIарада речIчIизе хIадурго руго

Рахьдал мацIал ва культура цIуниялъулъ миллияб прессаялъул кIвар

 

ТIадеялдаса тIаде хIалуцунеб буго Дагъистаналда рахьдал мацIал школазда малъиялъулги, гьел цIунизе ккеялъулги, щибаб миллаталъул ва­киласда жиндирго мацI лъазе тIадаб букIиналъулги хIакъалъулъ бицунеб масъала. Цо рахъалъ босани, гIажаиблъи гьабизе ккараб хIужа гьечIищ миллаталги мацIалги гIемерлъиялъ берцин гьабураб Дагъистаналда гьединаб суал баккиго. Гьеб суал бижизего кколароан нилъер гьаниб. Амма гIемерисез пикру гьабулеб гьечIо мацIалдаго цадахъ лъугIизехъин бугеб миллиял гIадатазулги, маданияталъулги, хьвада-чIвадиялъулги. Гьеб ки­налъулго хIакъалъулъги, гьелде тIадеги, миллиял газетазгун журналаз мацIал цIуниялъулъ лъолеб бугеб бутIаялъулги бицине данде­лъун рукIана МахIачхъалаялда, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталде. Гьенир гIахьаллъана республикаялъул миллиял газе­тал­гун журналазул мухбирзаби­ги, гIалимзабиги, студенталги, Лъайкьеялъул министерствоялъул хIал­тIу­хъабиги, миллиял театразул вакил­забиги.
Дагъистаналъул Журналистазул союз гIуцIаралдаса 60 сон тIубаялъул хIурматалда тIобитIараб тадбир нухда бачана ДГУялъул ректор МуртазагIали Рабадановас.
— Жакъа Дагъистаналда кIудияб кIвар буго миллиял газетазул ва журналазул. Гьезул гьурмаздасан нилъеца цIалула миллаталъул тарихалъулги, бахIарчиялгун гIадатиял гIадамазулги, гIадатал-гIамалазулги ва цогидалъулги хIакъалъулъ. Миллияб мацIалъул адаб гьабизе бачIунеб гIел ругьун гьабичIони, талихIаб букIинеселде хьул лъезе рес гьечIо Дагъистаналъулги, — илан абуна гьес баркиялъулаб кIалъаялда.
Дандеруссиналда аслияб кIалъай гьабуна Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель ГIали Камаловас.
— Бицунебго бицунеб хутIун руго нилъ мацIал цIунизе ккеялъул. Гьабулеб хIалтIул хIасил ккезе ккани, гьелъие пачалихъалъул рахъалдасанги къваригIуна кумек. Гьелде регIун гьелги гьечIони, кин лъалеб нилъеда нилъерго тарихги, адабиятгун маданиятги, бахIарчилъиги ва цогидабги. Гьеб киналъего квербакъи гьабулеб буго жакъа миллияб прессаялъ. Хасго мацI цIунун хутIиялъе. Гьаб заманалда гьенисан рагIула нилъеда бацIцIадаб рахьдал мацIалъул гьаракь. КъваригIун буго киназдаго бичIчIизе гьаб захIматаб заманалда миллиял газетазул мацIал цIуниялъулъ бугеб кIудияб кIвар. ГIумру цебетIунагIан, мацIал тIагIиналъе бугеб хIинкъиги цIикIкIунеб буго. Гьелъул хIасилалда гIолохъанал дагъистаниял рикIкIалъулел руго, тIоцебесеб иргаялда, мацIалдаса, цинги – гIамалал-гIадатаздаса ва, ахиралда, миллаталдаса. Миллатго гьечIеб гIелалъ щиб кьезе бугеб Дагъистаналъе? БитIараб буго, мацIал гIемер руго Дагъистаналда. Гьелъулъ буго нилъер хаслъиги. Гьелъ дагьалги ресал кьезе ккола чанго мацI лъазабиялъеги. Цояб мацIалъ кинаб бугониги квалквал гьабуларо цогидаб мацI лъазабиялъе. Дагъистаналъул миллатазул руго релълъарал культураги гIадаталгун гIамалалги. Жакъасеб Дагъистаналда гьабсагIаталда гьеб цIунун хутIунги буго. Амма мацI лъалеб гIел лъугIани, лъица гьеб цIунизе бугеб? Гьеле гьелде кьезе ккола нилъеца киназго жакъа кIудияб кIвар. Гьеб мурадалда цIикIкIинаризе ккола миллиял мацIазда къватIире риччалел тIахьазул къадар. Гьединго цIикIкIине ккола миллиял газеталгун журналал цIалулезул къадарги. Гьел газетаздасан гьоркьоса къотIичIого бицунебги буго, бицинеги ккола миллаталъул гIузрабазулги, бергьенлъабазулги, рорхизе ккола чара гьечIого миллат цебетIеялъе ва мацIал цIуниялъе къваригIарал суалалги. Гьелъулъ цIакъ цIикIкIараб кIвар буго районазул газетазулги. Гьезул букIуна росабазул гIадамазулгун щулияб бухьенги, гьениб жеги чIаго букIуна мацIги, маданиятги, адабиятги. Районалъул газетазеги жакъа захIмат буго, гьедин букIинеги буго пачалихъалъул рахъалдасан кумек гьечIони. Заманалдасан гьел тIагIинеги рес буго. Гьел тIагIиналдаго цадахъ лъугIизе буго гIадамазулгун бугеб бухьенги. Пикру гьабураб мехалда, гьеб иш тIаде кколезе цо бицинегIан кIудияб ургъелги гьечIо гьелъул. МацIал цIунун хутIиялъе кIвар буго миллиял мацIазда кьолел телепередачабазулги. Амма гьезие бихьизабураб заманги цIакъго дагьаб буго. Гьенибги бачIунеб буго добго гIарцул суал. Дагъистаналъул киналго миллатазул вакилзабазда цебечIараб масъала буго жавабчилъи цIикIкIараб – хадусел наслабазе мацIги миллатги цIуни, — ян абуна гьес жиндирго кIалъаялда.
(Хадусеб 4-абилеб
гьумералда)