Тарихалъ бечедаб борхатаб Гъуниб

12 октябралда кIодо гьабуна Гъуниб район гIуцIаралдаса 90 сон тIубай

 

Жакъасеб Гъуниб районалъул ракьалда, 1741 соналда бекана бащдаб дунял квегъарав Надир-шагьасул бодул хIуби. Гьаниб бана имам Шамилица жиндирго ахирисеб сангар, 1859 соналда ахир лъуна 25 соналъ халатбахъараб Кавказалъулаб рагъуе. Гьанив гIуна Дагъистаналъул ункъабилев имам МухIамадхIажи, гьанив гьавуна Северияб Кавказалъул амир УзунхIажи.

КIудияб ВатIанияб рагъде ана 3480 гIолохъанчи, гьезда гьоркьоса ункъояв (МухIамад ХIажиев, МухIамад ХIамзатов, СагIаду Мусаев, СагIаду ГIалиев) мустахIикълъана «Совет Союзалъул БахIарчи» абураб цIаралъе. Ракълилаб заманалда ункъоязе (ГIабдурашид МухIамадов, Булат ГIалиев, Камил МухIамадов, Аминат ГIисалова) щвана «Социалистияб ЗахIматалъул БахIарчи» абураб цIар. Ункъояв (МухIамад ва ТIайгиб ТIолбоевал, Загьид Загьидов, ГIадилгерей МухIамадтIагьиров) мус­тахIикълъана «Россиялъул БахIарчи» абураб цIаралъе. Гьаниса рахъана Дагъистаналъе нухмалъи гьабурал ГIабдурахIман Даниялов ва МухIамад Юсупов. Гьенисан рагьана Халилбег Мусаясуласе дунял. Гьаниб щулалъана МухIамад Хуршиловасул, ХIажи Заловасул, ГIабдулмажид Хачаловасул, АхIмад ЦIурмиловасул, Шамхал Шамхаловасул гьунар. Гьанив лъадарана къуркьи лъаларев гугарухъа­н ГIали ГIалиев. Гьаб мухъалъул тIабигIаталъул гьайбатлъи къалмикье босана дунялалдаго машгьурал шагIирзабаз, поэтаз, художниказ.
Гьеб кинабгоги ва гIемераб цогидабги гьоркьобе бачуна Гъуниб районалъ. Гьеб гIуцIаралдаса 90 сон тIубай кIодо гьабизелъун тIобитIараб тадбиралъ, 12 октябралда, Гъунире ахIана гьаниб гIумру гьабулел ва цоги регионазда ругел районцоял, республикаялъул идарабазул нухма­лъулел, гIемерал гьалбал. Гьеб къоялда райцентралъул гIатIидаб майданалда гIахьалчагIазул гIемерлъиялъ эркенаб бакI букIинчIин абуни, мекъиги ккеларо. Байрамалда гIа­хьаллъизе рачIаразда гьоркьор ру­кIана районалъе нухмалъи гьабурал ГIабдулагь Шапиев, Пахрудин МухIамадов, АхIмад МухIамадов ва цогидалги.
Майдан бакьулъ хIадур гьабун букIана сцена, гор гьабун гьелда сверухъ гIуцIун рукIана щибаб росдал рукIа-рахъиналъул бицунел, миллияб квен-тIехалдалъун хьезарурал майданал-павильонал. Байрам байбихьана рагъул гIахьалчагIазе бараб «ХъахIал къункъраби» памятникалда цере тIугьдул лъеялдасан. Хадуб, миллияб ретIел-хьитги ретIун, кодор игIланалги ккун, майданалда свери гьабуна щибаб росдал вакилзабаз, чотIахъабазул къокъаялъ, церегосел машинабазда рекIарал хIалтIул ветераназ – церехъабаз, рагъулал лъугьа-бахъиназул гIахьалчагIаз.
Гьебго заманалда майданалда рукIана палугьабазул церерахъиналги. Цинги байбихьана юбилеялъул официалияб бутIа.
КIалъайгун цеве вахъарав районалъул бетIер МудунхIажи Къадировас къокъго бицана районалъул тарихалъулги гьелъул жакъасеб гIумруялъулги хIакъалъулъ, рехсана гьелъул чIухIилъун ругел гIадамалги. Гьес киназдаго баркана жакъа­себ юбилей ва баркала кьуна гIахьал­чагIазе, районцоязе, гьалбадерие.
Цинги рагIи босарав республикаялъул бетIерасул мугIрузулаб зонаялда вугев вакил МухIамад Камиловас баркана гъунисезда юбилей ва цIалана республикаялъул бетIерасул баркиялъулаб адрес. Хадуб гьес ва республикаялъул цогидалги идарабазул вакилзабаз хIалтIул церехъа­базе кьуна сайгъатал, хIурматиял цIарал.
Гьелдаса хадуб байбихьана юбилеялъул творчествоялъулаб бутIа. Гьелъие ва цоги гьанир тIоритIулел рукIарал тадбиразе бицине гIураб къварилъи гьабичIо къойилго цин бан, цин чIун букIараб, ахиралде тIубанго биччантараб цIадалъцин.
Цо-цо гьалбадерилгун хабар-кIал гьабичIого дунгоги ворчIичIо. Масала, ЦIунтIа районалъул бетIер Шамил МухIамадовас гьадин бицана:
«Гьаб районалда дир руго гIемерал гьудул-гьалмагъзаби, цевеги дун чанго нухалда щунги вукIана гьаниве, жакъаги вачIана кIудияб гъирагун. Юбилей гIуцIун буго берцинаб хIалалда, гIемерал гьалбалги ахIун, дие цIакъго рекIее гIуна кинабго. Дица гьарула цIакъго дие гIагараб гьаб районалъе социалиябгун экономикияб цебетIей, икъбал, ракълилаб гIумру. ТIегьайги нилъер Дагъистан ва кIудияб Россия. «ХIакъикъат» буго лъикIаб, ЦIунтIа районалдаги цIалулеб газета. Нижецаги яхI бахъила хадубккунги гьеб жеги цIикIкIинабиялда тIад хIалтIизе».
МухIамад ХIасанов, Шамил районалъул бетIер: «Шамил ва Гъуниб руго кидаго лъикIаб гьоркьоблъи, гIагарлъи-жубай рукIарал ва ругел районал. Гъуниб буго гIемерал гIалимзабиги бахIарзалги рахъараб, Дагъистаналда ва тIолабго Россиялда цIар рагIараб район. Гьаб ккана лъикIаб тадбир, дун разилъа­на. Азарабго баркала районалъул жа­магIаталъе, щулияб жамагIат гье­чIони, лъугьунаро гьадинаб иш».
Мануэль Казарян, Калуга шагьар, Россиялъул халкъияв артист, профессионалияв фокусник: «Дун гьанив вукIана 2005 ва 2009 соназда, хъизангун цадахъ щвана гьанжеги. ГIадада гуро гьалда «ТIабигIияб музейин» абулеб, рагIабаздалъун загьир гьабизе кIоларо гьалъул гьайбатлъи. ГIадада гуро кIудияв Шамилица гьаниб бараб жиндирго ахирисеб хъала. Дун Калугаялдаса вугелъул, дида гIезегIан лъикI лъала гьесул гIумруги бахIарчилъиги, доба гьесул букIараб ва гьабсагIаталдаги бугеб къадруги. Гьаниве вачIиналдасаги, жакъа гьаб байрамалда гIахьаллъизе щвеялдасаги кутакалда разилъана».
ГIабаш ГIабашилов