РатIалъулел гIемерлъулел руго

 

   Дагьал церегIан къоязда ДРялъул хIукуматалда тIобитIараб данделъиялда ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас бицана 2021 соналда республикаялда 9133 хъизан биххун бугин. 2020 соналдайин абуни биххун букIана 5302 хъизан. Гьеб лъикIаб гуреб хIужаялъул хIисабги гьабизе кколин абуна гьес. Премьер-министрасул пикруялда рекъон, хъизамал риххи Дагъистаналъул халкъазе хасиятаб гуреб иш ккола. Цебе гьеб рикIкIунаан рогьо­лъунцин. Жакъа хъизамалъулаб институталдехун гIолохъанаб гIелалъул батIияб бербалагьи лъугьун бугин абуна гьес.

Дагъстаталъул баяназда рекъон, 2022 соналъул анлъго моцIида жаниб ратIалъарал хъизамазул къадар 205 проценталъ цIикIкIана, гъоркьиса гьебго заманалде дандеккун.

Исана бащдаб лъагIалида жаниб 6664 хъизан биххун буго. ГIуцIун буго 4195 хъизан. ЦIигIуцIулел хъизамазул къадар 37 проценталъ дагьлъун буго гъоркьиса гьебго заманалде дандеккун.

Гьел баяналги хIисабалде росун, нижеца цIех-рех гьабуна республикаялъул ЗАГСалъул управлениялда. Гьениб бицана гIилла жидедаги лъаларин, амма тIадаб хIалтIи гьабичIого толарин.  

ЗАГСалъул идараялдаги радалго чанго чи вугоан ратIалъиялъе хIажалъулел документал гьаризе иргаялда чIун. Гьезда гьоркьоса кIигояз бицана хъизангун ратIалъиялъе гIиллаги. Щивасулги бугоан жиндиего хасиятаб къварилъи, хIехьезе кIоларебин абулеб гIилла.

МухIамад, 32 сон, лъабго лъимадул эмен: «Дун хъизангун ватIалъиялъе гIилла буго гьелъие бугебгIан магIишат гIолеб гьечIолъи, сундаго рекъонгутIи. Гьелъул эбелги мех-мехалъ нижеда гьоркьое лъугьуна, гъалмагъир гьабула. Кин бицаниги, гIемерисел ясал руго сабру гьечIел, бугелда гIей гьабуларел, цоцазулгун къец бан бечелъи бокьулел, жидее бокьухъе росал рукIаян чIолел. Гьезда лъалеб гьечIо Аллагьасе щукру гьабизе. Дун хIалтIулев вукIана мебель гьабулеб бакIалда, гьениса бачIараб харжги гIолароан гьелъие. Лъималазе гIоло анцIго соналъ хIехьана гьелъул гIамал. Гьале тIокIалъ хIехьезе кIвечIого цIарги тIамуна, ратIалъиялъе документал хIадурулев вуго».

Мадина, 30 сон, кIиго лъимадул эбел: «Бащдаб лъагIелалъ цере ратIалъана ниж. КигIан захIматго букIаниги, дида ракIалда букIинчIо ятIалъизе. Микьго сон бана нижеца цадахъ. Цо къоялъ хIалтIун, анкьица гьекъолдулев, кеп кьабулев вукIана гьев. Лъималазулги щибго ургъел букIинчIо. Дунин абуни кIиго хIалтIиги тIаде босун, цояб лъимер яслиялде, цогидаб школалде бачун екерахъдулей хутIун йикIана. ЗагIиплъун руго гьанже бихьинал. ЗагIипаллъунги гьел нилъеца, ай улбуз ва лъудбуз гьарулел руго, гьезда захIмалъи бихьизе течIого, гьез гьабизе кколеб хIалтIиги нилъедаго тIаде босун».

ЗАГСалъул идараялда рукIаралгун гара-чIварулаго, аскIое ячIарай цо гIурусалъ абуна, бегьулеб батани, жинцаги абилин цо чанго рагIиян.

Марина, 60 сон: «Нужер руччаби цIакъ талихIаллъун рикIкIуна дица. Нижер, гIурусазул ясал, 16-18 сон барабго рокъоса уна. Жидецаго гьабизе ккола магIишат, ралагьизе ккола росалги. Официалияб къагIидаялъ росасе инегIанги кIиго-лъабго батIияв бихьинчигун данделъула. БитIккани ЗАГСалде уна, ккечIони — мадарав чи данделъизегIан хутIула. ГIемерисеб мехалда кодор лъималгун хутIула гIолохъанал ясал. Нужер ясалин абуни, рос валагьизе кирегIаги рахъине кколаро. Хъизамалъул яги тухумалъул кIудияз кинабго тIубала, абурасул квешаб яги лъикIаб рахъги цебеккунго лъазабула. Росасе унелъулги кинабго хIажатабщинаб къайи босула гьезие эбел-инсуца. ГIемерисел рачуна хIадураб минаялъуре. Рокъорги рукIун, росасе квен гьаби ва лъимал гьари гуреб руччабаздаса тIалаб гьабулеб жоги букIунаро. Нижер руччабиян абуни росасе ун хадур, гьевгун цадахъ хIалтIула, квартираги гIемерисез ипотекаялъ босула. Нижер руччабазе бугеб захIматалъухъ ралагьизе бегьилаан нужер гIолохъанал ясал. Гьеб мехалъгIаги жидерго къисматалдаса рохилаан гьел».

ЦIикIкIарасеб къадаралда бусурбабаз гIумру гьабулеб республика букIинги хIисабалде босун, официалияб къагIидаялъ гурелги, цIар тIамиялдалъунги риххизе рес буго хъизамал. Гье­лъул пикру гьабуни, официалияб статистикаялде тIаде жеги цIи­кIкIун ратизеги бегьула ра­тIалъулел. Гьединго ЗАГС гьа­бичIого, магьари лъун хъизамал гIуцIаразул къадарги цIикIкIун батизе рес буго.

Республикаялда хъизамал риххиялъул хIужаби цIикIкIиналда бан, МахIачхъалаялъул КIудияб мажгиталъул имам МухIамад-ТIагьир АхIмадовас гьадин бицана:

— Дида ракIалде ккола, ратIалъулел хъизамазул къадар цIикIкIиналъе гIилла бугин хъизамалъул институт загIиплъи. Эбел-инсуца кколеб хIалалда лъимал куцалел гьечIо хъизамалъул къимат гьабизе. КIудияб гIолеб лъимада къанагIат гурони малъуларо хъизамалда гьоркьоб сабру гьабизе кколеблъи, кинаб бербалагьи букIине кколеб рос-лъадуда гьоркьобали. Хъизамалъулъ дандчIвазе рес бугел захIмалъабазул бицунеб гьечIо, ругьун гьарулел гьечIо сабру гьабизе. Хъизамалда жаниб сабруги адабги жидецаго гьабулеб бугониги, лъимал куцалел гьечIо гьелде. Щаклъи гьечIо, жиндилъ хъизамалъул гIадатиял масабазул магIна хисизабурал, БакътIерхьул улкабазул маданият ва рукIа-рахъиналъул къагIидабазул про­пагандаялъ­ги гьанжесел гIо­ли­лазул гIакълуялъе асар гьабулеб букIин.

— Хъизамалда ругел захIмалъабазул бицун ва цIар тIамиялъул хIакъалъулъ суалалгун гIемер рачIунищ нужехъе? Бихьиналищ, руччабищ цIикIкIун рачIунел?

— Хъизамазда гьоркьор захIмалъаби кидаго рукIана. Жакъа къоялдаги гIадамал гIемер рачIуна имамзабазухъе кумек гьарун, гIемерисеб мехалда хъизамалда гьоркьор бичIчIунгутIиял, суалал ругони. Нижехъе вачIарав щивасда гьезул ихтиярал ва цоцазда цебе бугеб жавабчилъи бичIчIизабулаго, нижеца тIоцебесеб иргаялда хIаракат бахъула хъизан цIунизе ва рос-лъадуда гьоркьоб бухьен щулалъизабизе. ГIемерисеб мехалда хъизамалъул захIмалъабазул бицун руччаби рачIуна, бихьиналги камуларо.

— Ахираб заманалда, руччабаз цIикIкIун кIвар кьезе байбихьана лъай тIалаб гьабиялде, жидерго ихтиярал лъазариялде. Гьеб рахъалъ нижее кумек гьабула муфтияталъул Лъай кьеялъул ва Фатвабазул отделаз. Гьелъухъ гьезие кIудияб баркалаги буго. Гьанже руччабазда лъалел руго жидерго ихтиярал ва кинал ахIвал-хIалазулъ цIар тIамизе тIалаб гьабизе бегьулебали. РатIалъулел хъизамазул къадар цIикIкIиналъе гьелъги кинабгIаги асар гьабулищ?

— Ахираб заманалда хъизама­лъул захIмалъаби тIуразе руччаби имамзабазухъе хьвадулел руго ва абизе бегьула гьедин рачIунезул къадар цIикIкIунебги бугин. Исламалда рекъон, чIужугIаданалъул ихтияр буго магьари биххи тIалаб гьабизе. Масала, росас хьихьулей гьечIони, сахлъиялъе зарал гьабулеб бугони.

 

П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА

 

   ХадурагIи

   ГIадатиял гIадамазда гьоркьоб цIех-рех гьабидал, рос-лъади ратIалъиялъе батIи-батIиял багьанаби рачунел руго. Гьезул цояб ккола 2021 соналъул апрель моцIалда РФялда тIубараб гуреб хъизамалдаса 8-16 сон барал лъималазе пособие кьезе байбихьи. Цо-цо хъизамаз ургъунго, гьеб пособие щвезе гIололъун ЗАГС хвезабулеб бугин абурал харбалги раккун рукIана гъоркьиса. Гьеб пикруги битIараб батизе бегьула, амма мажгиталъул имамас бицунелъулги хIисаб гьабуни, официалияб къагIидаялъ гуребги цIар тIамун ратIалъулезулги къадар цIикIкIунеб букIин бихьулеб буго