ТIаде щолеб хаселги гьабун бахъинчIеб нухги

 

 

  «РорчIами, «ХIакъикъаталъулал», цо гIарз буго дир, лъихъе иневали лъаларого лъагIелалъ жаниб бихъарулеб», — ин, махсара хIисабалда хабарги байбихьун, кIалъана нижехъе цо магIарулав. — ХIалтIул къваригIелалъ магIарухъе-нахъе гIемер щолев чи вуго дун. Рохел букIуна къойидаса къойиде лъикIлъулел нухал рихьидал, кIудияб бигьалъи лъугьунеб буго халкъалъе. Масъалая­лъул бицани, Гьолокь росулъе щолаго гIурумухъда бугеб районазда гьоркьосеб шагьранухлул бутIа тIун аралдаса гIезегIанго заман ана. Гьеб бакI къачIаялъе гьабулеб хIалтIигойищ гьечIеб, лъил жавабчилъиялде гьеб  кколеб? Щай нужеца гьеб суал борхулареб?»

 

 

Узухъда, цохIо чияс кьураб суал гуро нижее гьеб. Бицен гьабулеб ччукIараб нухлул бутIа чанцIул дидагоги бихьана, лъагIалица гьедин теялда гIажаиблъиги гIолеб букIана. МагIарул ункъо мухъалде, ай Шамил, ЛъаратIа, ЦIунтIа районазе ва БежтIа участкаялде автомашинаби хьвадулеб нух буго гьеб. Шагьаралдаса росабалъе кирпичгицин баччулеб гьаб заманаялъ, кигIан хIинкъиха бугеб гьениса хьвадулел бакIал машинабазе. ХIакъикъаталдаги, нухлул бутIа тIун араб рахъ буго къварилъун, жеги хIинкъараб хIалалъ рагIаллъабиги кьватI-кьватIун. Гьеб масъалаялъул цIех-рех гьабизе нижеца байбихьана Гьолокь росдал бегавул МухIамад ГIалиевасдасан.

— Нижерги гIезегIан рахIат­хва­раб масъала буго гьеб, бугониги росдаца яги районалъ гьабулеб иш гьеб гуро. КIудияб хIалтIи гьабизе кколеб бакI буго. «Дагъавтодоралъул» специалистал ра­чIа­на гьанире чанцIулго. Амма гьезул сметаялда рекъон данде кколарого бугеб къагIидаха хIалтIи байбихьизе. ГIадамазул минаби ругелъул ччукIараб нухлул ракьанда. Гьел минаби рарал ракьалги руго 90-абилел соназдаго гIадамазе кьурал, церего хIалтIизарулел. Гьелда бан смета чанцIулго хисизабизе кколеб бугинги абулеб буго нухазул идараялъул махщелчагIаз. Нилъер заманаялъ тIубазабун бажарулареб масъала букIинаро, амма гьабсагIат байбихьараб хIалтIи гьечIо, — ян баян кьуна гьакьадерил бегавулас.

ТIаде щолеб хасалихълъиги бугелъул, гIемерав чияс рахIатхвейги гIажаиблъиги загьир гьабулеб буго нух ччукIараб бакIалъул бицун. МухIканлъи лъазабизелъун нижеца бухьен гьабуна ГКУ «Дагестан­автодор» идараялъулгун. Гьезул пресс-хъулухъалъ кьураб баяналда рекъон, гьал гIагарал къояз байбихьизе рагIула Гьолокь ччукIараб нух къачIазе. Гьеб нахъбахъун хутIиялъе гIиллалъунги гьез рехсолеб буго хIалтIи гьабизе гIезегIанго захIматаб бутIа гьеб букIин. Къадал ранги, бетон тIунги къачIазе кколеб бакIалъул манзил гIезегIан кIудияб бугила, ччукIараб ба­кIалъул борхалъи рагIула лъеберго метралдасаги араб, халалъи — нусго метралдаса цIикIкIун.

ХIалкIвараб кумек гьениб Шамил районалъул нухмалъулезги гьабулеб бугин бицана «Дагестанавтодор» идараялъул пресс-хъулухъалъ.

Лъицаго бицинчIониги лъалеб жо буго, гьединаб бакIалда масъала тIубазабизе ккани, квал­квалалъе тIоцебе ракьазул суал букIунеблъи. Ах-хуралда, мина-къаялда хъвазе гIадамазе бокьуларо, киналго разияб хIукму, хIасил гьабизеги бигьалъуларо.

АваргIор гуребги, хьолбохъан чваххулеб Тобтил лъимги кваналеб, кьучIда къед гуреб, кьуру гьечIеб, салулгун гIурул ханазул, гъенон унеб ракьалъул бакI буго гьеб. ГьедигIан чамгIалаб рагIаллъуда шагьранух гьабиги, щиб кканиги гьеб гIатIид гьабизе ресго гьечIеб хIалалда минаби разе тейги гьечIищха метерисе­лъул кIваргьечIолъи.

Рехсараб нухлул бутIаялда гьабулеб хIалтIуда хадуб нижерги халкквей букIине буго, цIалдолезеги бицина.