«ХъахIал шалазул» парад

24 сентябралъ МахIачхъалаялъул кIудияб майданалда «Авар мацIалъул мугlалимзабазул цолъиялъ» ва МахIачхъала шагьаралъул администрациялъ тIобитIизе буго «Эбелалъул хъахIаб шал» абураб, Фазу ГIалиевалъул 90 сон тIубаялда хурхун гьабулеб, берцинаб тадбир.                                                                    

 

МВД-ялъул минаялда аскIосан, хъахIал шалал ва гормендаби чIварал руччаби, ясал, кодор гIертIалгун, тIугьдулгун рилълъине руго, майдан къотIун, Фазу ГIалиевалъул памятникалъухъе. Гьениб цIализе буго гьелъул «Эбелалъул хъахIаб шал» поэма ва цогидалги асарал.                                  
Тадбир байбихьизе буго сагIат лъабгоялда. Чара гьечIеб шартI — хъахIаб шал яги гормендо. ГIахьаллъи гьабизе бегьула бокьанщиназ.
Гьелъул хIакъалъулъ гьадин бицана тадбиралъул гIуцIарухъабазул цояй, «Авар мацIалъул мугIалимзабазул ассоциациялъул» нухмалъулей Баху МухIидиновалъ.                    
                                                                                                     

 

— Фазул «Эбелалъул хъахIаб шал» поэма цIаларабго, хъахIал шалалги чIван Фазул памятникалда цебе цIализе лъикIан гьабилан ккана ракIалде. Майдан къотIун доре унел чIана цере. ИчIго-анцIго чи гьенисан унилан, рихьизего рихьиларин, 500 хъахIаб гормендо унеб бугони Фазухъе, кигIан берцингодай букIинаян ккана. Гьевгощинав чи Фазухъеги рилълъун цо поэмаги цIалунищха рукIинел? Киналго миллатазул мугIалимзабиги лъималги журана гъорлъе кучIдул цIализе.
Йилълъана шагьаралъул Администрациялъулгун дандбазе. ЦIакъ рохана, цадахъ тIобитIилилан къотIи-къай гьабуна. Амма рес гьанже гурони ккечIо.
Тадбиралъул мурадги буго Фазу ГIалиевалъул асаразул берцинлъиги, гъварилъиги, борхалъиги, цо асарги кьочIое босун, кIванагIан гIемерал ясазда рагIизабизе, бичIчIизабизе ва гьеб берцин бихьизабизе. Фазу ГIалиевалъ ясазелъидал бищун гIемераб гIакълу, малъа-хъваял нахъе тун ругел. Гьадинаб ракIалдаса унареб тадбирги гьабун, Фазул асарал гIадамазухъе щвей, гьеб цIализе гъира борчIизаби, цIаларалда нахърилълъине кантIи — гьеле аслияб мурад, — ин бицана Баху МухIидиновалъ.                                                            

 

Ашахан Юсупов