Лъади бетIер йигони…  

 

 Гъизилюрт шагьаралдаса пенсионер Арсланов Мухтарица битIун бачIараб кагътида хъвалеб буго: «Цебе лъадуе росасул калам букIунаан законлъун ва малъаралдаса гьей кьурулароан. Жакъайин абуни, кинабго буго гIаксалда. Исламалъ чIужугIаданалъе изну кьоларо рос яги вац цадахъ гьечIого хIежалдецин ине. Амма гьанже руччабазе щун буго хIатталдаса араб эркенлъи: кафе-рестораналги гьез рахъана, курорт-санаториялги гьез цIун руго, лъудбуз бахъун буго хъизамазул бетIерлъиги».

 

Мухтарица гьаниб цIияб масъала гуро борхулеб бугеб. Гьелда тIасан бахIсалги дагIбабиги рукIуна годекIабахъ. Масала, годекIанив вукIарав цо херас абуна: «Ахираб рагIиги руччабазухъ, гIарац тIад бугеб карточкаги лъудбузухъ, бихьинал кколел руго, Пушкинил «О рыбаке и рыбке» абулеб харбида гIадин, берцин рихьизе, лъудбузда сверун терхолел чагIи. Тохлъи биччани, чIужуялъ «Дурачина ты, простофиля!» — ян ахIиладаян, хIинкъун рукIунел тухьулаби», — ян.

Магжилъеги гьимун, цогидас абуна: «Лъудбуз росабазда тIад кьили лъей бигьаяб жо, кьолода гъоркье тамахаб тIенкгIаги рехулебани», — ян.

«БитIараб буго, лъадудаса хIинкъуларев рос вукIунаро, гьелъие нугIлъи гьабула гьадинаб цо биценалъги», — ян, берги къинкIун, бицана лъабабилес: «ПаччахIас ракIарун руго сверухълъиялда ругел киналго бихьинал. Лъун буго кIиго чадир ва абун буго: жив лъадукьа хIинкъулин рикIкIунев чи а квегIаб чадиралда жаниве, рикIкIунарев – квараналъуве. Цояв хутIизегIан, киналго бихьинал ун руго квегIаб чодрохъе. ГIицIго цо чи ун вуго квараналъуве. Гьалгощинал бихьиназда гьоркьоса цохIо мунищха лъадукьа хIинкъуларев чиян паччахIас гьикъидал, гьес жаваб кьун буго: «Лъадуца гьукъун буго дие киназдаго цадахъ ине», — ян.

Нилъеца гIумру гьабулеб буго гIадатияб гуреб заманалда: холел руго гIадатал ва хисулел руго тIоцебесеб кIваралъул культуриял бечелъаби. Гьезда гьоркьобе уна рос-лъадуда гьоркьор хъизамалъул тIадал ишал рикьиги. 50 соналъ цебеги рос кколаан хъизамалъул хIакъикъияв бетIер, лъади – сундулъго гьесие мутIигIай гIадан. Цоги рагIабаздалъун абуни, рос – хъизам хьихьулев чи, лъади – гъансито цIунулей гIадан. Жакъа гьеб низам хисун буго, ва гьабсагIаталда гьедигIан къанагIатаб хIакъикъат кколаро чIужугIаданалъ хъизамалъе бетIерлъи гьаби. Тарихалде ана чара гьечIого бихьинчи хъизамалъул бетIерлъун вукIине кколин абулеб бичIчIи. Цере бихьинчияс хьихьулаан лъадиги лъималги, лъади йикIана тIуянго гьесда ярайлъун. Малъараб гьабичIони, росас гьей рокъоса къватIие гъезе, ай ресукълъиялда тезе бегьулаан. Жакъайин абуни, лъадул харж росасулалдаса цIикIкIараб букIуна, гьелдалъун хисулеб буго хъизамалда жаниб ахIвал-хIал. Щакаб жо гьечIищха, жиндиегоги лъималазеги хIажатабщинаб жо чIезабун бажарулей чIужугIадан росасе мутIигIай йикIин.

Жакъа хъизамалъул цевехъан щив кколевин абураб суалалъул буго кIиго рахъ: гIарцулаб ва психологияб. Гьайгьай, гьездаса аслияб ккола гIарцулаб, ай харж лъие цIикIкIун щолеб абураб. ГIарац балагьунги бажаруларев, богорокъоб кран къачIазеги лъаларев рос вугей чIужугIаданалъ, бокьаниги бокьичIониги, жиндаго тIаде босизе ккола хъизамалъул жавабчилъи. Лъади хIалтIуда йикIаго, диванги хинлъизабун, лъималазул тIалабги гьабун, рукъалъул магIишатги бачун, чIужугIаданалъул пишаялда рос вугел хъизамал къанагIатги рукIунаро талихIал ва щулиял. ГIемерисеб мехалда гьеб ахIвал-хIалалъ рачуна цоял цоязда ричIчIунгутIиялде, дагIба-рагIиялде ва хъизамал риххиялде.

Гьеб масъалаялда тIасан гьабураб цо вагIзаялда букIана гьа­динаб пикру: «Щияй чIужугIаданалъе бокьула жиндаго аскIов вукIине къуватав, таваккалав, жавабияв ва жиндирго гIакълу-чIаголъиялдалъун хъизамалъул гIумру-магIишат бачунев бихьинчи.

Жинцаго хIукму гьабизе бихьинчи толев гьечIони яги гьесул хIукмуялда тIад релъулел ругони, заманалдасан гьесул гIамал-хасият хисула, гьесулъ «хола» бихьинчилъи, гьев божула жив гьадингосев тухьули вугин абулеб жоялда. ЧIужугIаданалъ тарбия кьун гIезавула бихьинчи. Амма тарбия кьезе бегьула чIужугIаданалъулаб куцалда: рокьи ва реэди хIалтIизабун; гьединго бихьинчиясул къагIи­даялда: кьварун ва таваккалаб гIамалалъул жигарлъиялда. Амма чIужугIаданалъул ва бихьинчиясул тарбияз кьола кIиго батIияб хIасил. ГIицIго унго-унголъунги бажари бугей, таваккалай гIадан йикIине бегьула тамахайлъун. АхIмакъай гIаданалъ кидаго жигар бахъула бихьинчиясдаса цее кIанцIизе, гьесдаса гучай, таваккалай, цIодорай ва гIакъилай йикIине, цебе­хъанлъи бахъизе. ТIабигIаталъ жиндие бихьизабураб бакI ккола гIакъилай гIаданалъ росасде тIамула аманат ва рекъола гьесул хIукмуялда. Бихьинчи бихьинчилъун лъугьуна жинцаго хIукму гьабизе бугеб ихтияр гьесухъа бахъулеб гьечIони, хъизамалъул жабавчилъи гьесда хадуб цIунулеб бугони, гьесда божулел ругони, гъалатI биччанщинахъе гьесда хIунсулеб гьечIони, гIакъилай гIаданалъ гьесул ракI-макI гьабулеб бугони. ГIурусазул кашиш Дмитрий Смирновас абуна:

— Жакъа бихьинчиясул тайпа хун буго, гьесулъ мукъсанлъулеб буго бихьинлъиялъул тIабигIат. Гьесулъ бессулеб буго чIужугIаданалъул ва лъимерлъиялъул гIамал. ГIемерисел бихьинал 35-40 сон базегIанги хутIулел руго лъималлъун. Гьел «лъималазухъа» бажарулеб гьечIо хъизам хьихьун, гьеб цIунун, жидерго лъималазе тарбия кьун… Гьезухъа бажаруларо бихьинчиясда тIаде кколел масъалаби тIуран. Гьединлъидал чIужугIадан хъизамалъул бетIерлъун лъугьин рикIкIине ккола рес къотIараб ишлъун. ЧIужугIаданалъги гьеб жавабчилъи жиндего тIаде босичIони, биххула хъизам.

Гьединаб ахIвал-хIал лъугьиналъе буго кIиго батIияб гIилла. ТIоцебесеб: бихьинлъи-цIулъи цIехечIого, школалда тарбия кьо­леб къагIида, ай васазеги ясазеги цо тайпаялъул тарбия кьей. КIиабилеб: дагьал лъимал ругел хъизамазда цIикIкIараб гIелалъул «лъимадуе» эбелалъ чIамун карш кьолеб букIин. Гьеле нужее жакъа лъугьинчIел бихьинал рукIиналъе ругел гIиллаби. ЧIахIиял хъизамазда васал рукIуна сундулъго къец бан ва чияда бан гьечIолъи цIунун бажарулел, кьварарал ва таваккалал.

Социологаз гьарурал цIех-рехаз бицунеб буго, чIужугIадан хъизамалъул бетIерлъун лъугьиналъе ругел гIиллаби:

  1. КIвахI. Рос кIвахIаллъулев вугила, бетIерги квералги хIалтIизарун, хъизамалъул кIвар бугел масъалаби тIуразе ва гьев хIадур вугила хъизамалъул бетIерлъи, жиндиего бокьун, лъадухъе биччазе.
  2. Гьекъолев рос. Гьекъолдухъанасухъа бажаруларо хъизамалъе бетIерлъи гьабун.
  3. Бихьинчиясул гIакълу-пикруялъул мукъсанлъи.
  4. ЧIужугIаданалъул чорхолъ бессараб цIакълъи-тIокIлъиялъул асар;

Исламалда, хъизамалъул жавабчилъи хIисабалда, бихьинчиясда тIадкъан буго бетIерлъи. Щаклъи гьечIо, гьеб тIадкъай буго ТIадегIанав Аллагьасул амруялда рекъон гьабураб.

Исламалда ихтияр бащалъи хIалтIизабула ихтияр бащалъи хIажатаб бакIалда. Бихьиназе кьун руго гьезда данде, ай гьезие хасияталлъун кколел ихтиярал, руччабазе – гьезул хасияталде данде кколел.

Бихьинчи бихьинчилъун вугони, чIужугIаданги чIужугIаданлъун йикIунаян абула магIарулаз. Цо-цо бихьиназда батун буго бигьаяб къагIида, лъудбузде хъи­замалъул жавабчилъиги рехун, дагьа-дагьаб жоги гьабун, рега-рахъун кепалда гIумру тIами. Гьединаб куцалда гIумру тIамиялъул хIасил букIуна пашманаб: хъизам мискинлъула, лъималазул гIадлу хола ва ахир-къадги гьел ратIалъула.

Нури Нуриев